Миллиял мацIазул гьаракьги рагIизе батила

Исана гIахьаллъана анлъго пачалихъалъул басмаханаби

 

ГIахьаллъана гьенир Россиялъул регионазул ва Дагъистаналъул басмаханабиги. Лъабго къоялъ тIоритIана шагIирзабазулгун, хъвадарухъабазулгун дандчIваял, гургинал столал, миллияб адабият цебетIеялъе къваригIунел шартIазул бицарал конференциял. Ярмаркаялда цебебахъана Кабардино-Балкариялъул фольклорияб ансамбльги. Гьелъ рихьизаруна Россиялъул халкъазул кьурдаби, гьелъул гIахьалчагIаз цIалана Дагъистаналъул шагIирзабазул кучIдул. Жидерго цIиял тIахьалгун цIалдолезда церерахъана ярмаркаялъул гьалбал-хъвадарухъаби.
Абизе бегьула, тIахьазул байрамалъул аслиял гIахьалчагIилъун рукIанин студенталги лъималги. Шагьаралъул цIалдохъаби дандчIвана хъвадарухъабигун. Гьезда гьоркьор тIоритIана лъай борцунел батIи-батIиял къецал. «Эркенаб микрофоналда» гьез гIурус мацIалда рикIкIана батIи-батIиял шагIирзабазул кучIдул. Гьаниб рехсечIого гIоларо хъвадарухъан Вера Львовалъул цIарги. Гьелъул кумекалдалъун Дагъистаналда тIатунел руго пагьмуял лъимал. Гьединаздаса цояв ккола Гъизилюрт районалъул ЦIобокь-Миякьоса ГIали ГIумаров. Гьанжеялде гьес къватIибе биччана кучIдузул ва харбазул ункъо тIехь. Гьеб кинабго гьитIинав шагIирас гьабулеб буго лъикIаб ва гIатIидаб ракIалъул Вера Львовалъул кумекалдалъун. Исана лъималаз цIалана ГIали ГIумаровасул кучIдул. Гьесул жиндиргоги бугоан кIудияб махщел пасихIго кучIдул цIализе. Гьенибго ГIалие кьуна Лъималазул хъвадарухъабазул союзалъ пагьмуял лъималазе кьолеб медаль. ГьитIинав шагIирасул кучIдузул аслияб тема ккола лъимерлъиги рекъелги цIунейилан чIахIиязде балеб ахIи. Щиб лъалеб, заманалдасан машгьурав Расулил цIваялда аскIоб гвангъизе бегьила гьанжеялдего ункъо тIехь биччарав ункъабилеб классалъул цIалдохъан ГIали ГIумаровасул цIваги…
ТIобитIана ярмаркаялда проза пасихIго цIалиялъул «Рагье кIал» абураб конкурсги. Минуталда жаниб гIахьалчагIаз цIализе кколаан жюриялъ кьураб текст. Гьенир аслияб къагIидаялда гIахьаллъана ДГУялъул филологияб факультеталъул студентал. ТIоцебесеб бакI ккурай Марина ХIажиева гIахьаллъизе йиго Москваялда тIобитIизе бугеб конкурсалъул финалалда.
КучIдул цIалулел рукIана гIурус мацIалда. Гьелъ дир пикраби рикь-рикьизаруна. Ургъулей йикIана, щайдай, масала, гIолилаз кучIдул «эркенаб микрофоналда» рахьдал мацIазда цIаличIелилан абун. ЦIакъ бокьун букIана гIолилазул кIалдисан гIагараб каламалъул чвахиги пасихIлъиги рагIизе. ГIурус мацIалда тIобитIарабго гIадаб проза пасихIго цIалиялъул къецал щай тIоритIизе бегьуларел рукIарал Дагъистаналъул халкъазул мацIаздаги? РукIанагури гьелъиеги ресал. Дир гьел пикрабазда гъолбосараб кIалъай гьабуна, тIахьазул ярмарка къалелъул, гьенир тIоритIарал аслиял къецазул жюриялъул председатель Максим Амелиница.
— Дие рес ккана исана ярмаркаялда гIахьаллъарал басмаханабаз риччарал тIахьазул халгьабизе. Амма букIана дун рекIекълъараб цо ишги. Дун ургъулев вуго, щайдай гьанир дида рихьичIел Дагъистаналъул миллиял мацIазда хъварал тIахьал. Гьел цIакъго дагьал рукIана. Ярмарка Дагъистаналдалъидалха тIобитIулеб букIараб. ТIахьазул халгьабидал, гьеб, Дагъистаналда гуреб, Россиялъул гIурус шагьаралда тIобитIулеб гIадаб асар гьабулеб букIана дие. Хьул буго, хадусеб ярмаркаялда Дагъистаналъул мацIазда риччарал тIахьал рукIинин байрамалъул бакьулъ, — илан абуна гьес.
Гьесул кIалъаялъ дида цоги нухалъ ракIалдещвезабуна, кIиго соналъ цебе лъималазе хъварал тIахьазул номинациялда шагIир ТубхIат Зургьаловалъул «Дир гьайбатаб алипба» абураб тIехьалъе бергьенлъи кьолаго, жюриялъул председатель Москваялдаса Новиковас гьабун букIараб кIалъай.
«Дица тIагъур бахъула ва бетIер къулула миллаталъул ургъалида ругел гьадинал хъвадарухъабазда цебе», — ян абуна гьес.
Бихьулищха — бицунебги гьабулебги дандекколеб гьечIоха нилъер. АхIдолел руго, мацI цIунизе кколин, амма гьабулеб жо гIаксалда кколеб буго.
Гьаруна къецазул хIасилалги. Гран-при щвана «Эпоха» басмаханаялъ къватIибе биччараб ХIажимурад Доногъол «Имам Шамил Европаялда» абураб тIохьое. «Дагъистаналъул мацIал» номинациялда бищунго лъикIаблъун рикIкIана Дагъистаналъул тIахьазул басмаханаялъ биччараб Миясат Шурпаевалъул «ГIарцул рачел» абураб тIехь. «Бищунго лъикIаб литературияб таржама» номинациялда бергьана «Дагъистан» басмаханаялда къватIибе биччараб МухIамад Сулимановас магIарул мацIалде буссинабураб А. С. Пушкинил «Евгений Онегин» абураб тIехь. Гьединго лъикIаблъун рикIкIана лезги мацIалдаса гIурус мацIалде буссинабураб Арбен Кардашил кучIдузул тIехьги. Бищун лъикIаб прозаялъул тIехьлъун рикIкIана «Зебра» басмаханаялда биччараб Вячеслав Пьецухил «Харбал. Къисаби. Эссе» абураб тIехь. Лъималазе хъварал тIахьазда гьоркьоб лъикIаблъун рикIкIана Севастополалъул «Альбатрос» басмаханаялда къватIибе биччараб «Сундул хIакъалъулъ бицунеб бугеб легендабаз» абураб Алена Новиковалъул тIехь.
ЛъугIана тIахьазул иргадулаб байрам. Гьенире рачIарал гьалбал разиго хутIана тадбиралдаса. «Знамя» журналалъул бетIерав редактор Сергей Чуприниница, ярмарка къалелъул, гьабураб жиндирго кIалъаялда абуна:
— Ярмарка гIуцIараз гьабуна пайдаяб хIалтIи. Нилъер буго цо гIаммаб адабият. Гьелъул буго гIаммаб мурадги. ШагIирзабиги хъвадарухъабиги цолъизарула гьелъ. Дие бокьилаан Дагъистаналъул гьаракь жакъаги киса-кибего рагIизе. Гьелъие квербакъизе буго унго-унгояб адабияталъ, — илан.
КIудияб хьул буго тIадеялъул тIобитIулеб ярмаркаялда рагIилин Дагъистаналъул миллиял мацIазул гьаракьгийилан.
Шамай Хъазанбиева