ШагIирасул хIакъаб рагIи хIажат буго жакъаги

ЦIадаса ХIамзатил 140 сонил байрамалда бан,
«ХIакъикъаталъул» редакциялда тIобитIана данделъи

 

Гьелда гIахьаллъана РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул директор, филологиял гIелмабазул доктор, профессор МухIамад МухIамадовги, ИЯЛИялъул грамматикиял цIех-рехазул отделалъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул кандидат МухIамад МухIамадовги, ИЯЛИялъул гIалимчIужу, филологиял гIелмабазул кандидат Маржанат Набигулаеваги, экономикиял гIелмабазул кандидат, «ХIакъикъаталъул» бетIерав редакторасул заместитель Зикрула Илясовги, ЦIадаса ХIамзатил яцалъул васасул вас ГIалихIусен Юнусовги. Данделъи нухда бачана ИЯЛИялъул гIалимчи, филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевас.

АхIмад Мур­тазагIалиев: «ЦIадаса ХIамзатил 140 сон тIубаялда бан, ДРялъул бе­тIерас тасдикъ гьабураб планги буго. Исана республикаялъул прессаялда рахъулел руго шагIирасул хIакъалъулъ макъалабиги. ЦIадаса ХIамзат лъалев вукIарал гIадамалги дагьлъун руго. Гьевги гьесул наслуги магIарулазда кIоченаро ва гьезул бицинеги буго жеги гIемерал соназ».
МухIамад МухIамадов (ИЯЛИялъул директор): «ЦIадаса ХIамзат вуго нилъер миллаталъеги Дагъистаналъеги байрахъ гIадав чи. ХIамзатил цIар кьун буго нижер институталъе. Гьесул байрамалда бан, институталда гьаризе руго гьадинал тадбирал. ХIажи ХIамзатов чIаго вукIаго, хIадурана ХIамзатил асаразул анлъго том. Гьеб гуребги, бахъана анкьабилеб томги – шагIирасул асаразулъ рехсарал бакIазул хIакъалъулъ баянал рицунеб тIехь. РакIалда буго, цIидасан къачIазеги къачIан, анлъабго том цоги нухалда бахъизеги. Руго ХIамзатил жеги басмаялда рахъичIел асаралги. Бокьун буго гьесул архивалде раккизе ва гьел цIиял тIахьазда лъезе.
Абизе ккола, Дагъистаналъул адабияталда ЦIадаса ХIамзатица ккола хасаб бакI. Гьесул даражаялде вахарав цониги миллаталъул шагIир-классик гьечIо. Масала, Батирайил, Етим Эминил ва цогидазул руго цо-цо тIахьал. ХIамзатил асаразул буго гIатIидаб тематикаги, бечедаб, камилаб мацIги, гъваридаб магIнаги. Кинаб рахъ босаниги, гьесул даража буго гIемерго цIикIкIараб. Гьезул кIудияб кIвар буго цIалдохъабазе адабият малъиялъулъги. ТIоцебесеб классалдаго малъула «Воре, цIале, цIале, дир цIодор» абураб кечI. Буго гьесул адабияталде гьабураб кечI:

Гьудул-гьалмагъзаби рекIкIал жал руго,
Рихьизе гIемерал, ратизе дагьал.
Рес рекъараб мехалъ, чвахун рачIунел,
Чванта багьарабго, мигьлъун тIагIунел.
Дуца гьалмагълъун ккве квергIатIидаб тIехь,
Кида бокьаниги, дуй пайда кьолеб.
Гьудуллъун ккве дуца литература,
Мун хисарданиги, цо хIалккун чIолеб.

ХIамзатица нилъее васигатлъун толеб буго, адабияталде рокьи цIунеян абун. Адабияталъ гIадан цеветIезавула. Адабият лъангутIи буго жакъасеб заманалъул кIудияб балагь. Гьеб кутакалда бичIчIулеб букIун буго ЦIадаса ХIамзатида. Нилъеда, ай гIалимзабаздаги, учительзабаздаги, журналистаздаги жакъа тIадабги буго гьесул ирс гIумруялде бахъинабизе. МацI буго бищунго къиматаб халкъалъул хазина. Гьеб цIуниялдаса кIвар бугеб суал гьабсагIаталда цониги гьечIо Дагъистаналда. Щайгурелъул экономикаялъулги, социалиябгун маданияб гIумруялъулги, киналго рахъазул цебетIеялъул аслу ккола гьеб. Жакъа мацI цIуничIони, метерисеб къо букIине гьечIо нилъер миллаталъул. Нилъер буго хвалчацаги яхI-намусалъги хъвараб тарих. Гьелдаго цадахъ гьеб хъван буго къалмицаги.
Институталда тIобитIизе буго гIелмияб конференцияги. Гьеб гьабиялъул аслияб магIна буго, шагIирасул асараздаса дарс боси, хIасил гьаби, гьесул асарал цIализеги лъималазда малъизеги гIадамазулъ гъирабазаби».
Маржанат Набигулаева: «КIиго соналъ цебе цIунана дица ЦIадаса ХIамзатил темаялда хъвараб диссертация. КватIичIого къватIибе бахъизе буго тIехьги. Диссертациялда аслияб кIварбуссинабун буго ХIамзатил насихIатиял асаразде. Гьединал асарал гIемер руго гьесул. Масала, лъавукълъиялде данде хъварал, хьвада-чIвадиялъул къагIидабазул бицунел. Буго «ГIумруялъул дарсал» поэмаги. ШагIирас гIумру гьабулеб букIараб заманалде рекъезарун хъвалел рукIана жиндирго асаралги. Октябралда букIине бугеб конференциялде бачIине буго дир тIехьги».
Зикрула Илясов: «Чан диссертация хъван бугеб ХIамзатил творчествоялда тIасан? Анлъго. ГIабдурахIман ГIабдурахI­мановас хъвана «Дагъистаналъул адабияталда басня» абураб темаялда. Гьелъул лъабабилеб бутIа тIолабго буго ЦIадаса ХIамзатил асаразул кьучIалда хъвараб. Рашидат Майиндуровалъ хъвана «ЦIадаса ХIамзатил творчествоялда фольклоралъул мотивал» абураб гIелмияб хIалтIи. Руго цогидалги».
МухIамад МухIамадов: «ЦIадаса ХIамзатил «ГIумруялъул дарсал» дандекквезе бегьула Александр Грибоедовасул «Горе от ума» пьесаялде. Поэмаялъул щибаб рагIи буго кицилъун лъугьараб. КIудияб гIелалда рекIехъе лъала гьеб ва лъималазда малъизе мустахIикъабги буго».
ГIалихIусен Юнусов: «ХIамзат дида вихьичIо. Амма нижер рокъоб кидаго бицунаан гьесулги, Хъандулалъулги, гьезул лъималазулги гIадамазде букIараб рокьулги адаб-хъатиралъулги хIакъалъулъ. ЦIада гIумру гьабулеб мехалъги МахIачхъалаялде рахъараб мехалдаги ХIамзатихъ гьоболлъи бачIев росулъа чиги магIарулавги къанагIат гурони вукIунароан. Ункъо рукъ бугеб квартираялда квегIаб рахъалде лъугьарабго батулаан цо рукъ. Гьелда абулаан гьалбадерил рукъилан. Кида гьенире щваниги, гьеб рукъ гьалбадерил цIун букIунаанилан бицунаан нижер рокъоб. Ханжу гьечIеб, киндай хъизан кваназабилебан ккараб заманалда, 20-30 чи камураб мех гьезул букIунароан. Щибниги хIаллъазе толеб букIун гьечIо Хъандулалъги. ВачIарав чиясе бажарараб кумек гьабулеб букIун буго ХIамзатицаги. ГIиллаго гьечIого, туснахъалде кколаан гIемер чи доб заманалда. ХIакимзабазда аскIовеги ун, ХIамзатица гьезулги къваригIел тIубалеб букIун буго. Росдал хIакъалъулъ бицунеб тIехьалда хъван буго, масала, дир инсул эмен гьедин туснахъ гьавун вукIиналъулги, прокурорасухъеги ун, гьесул тIалаб ХIамзатица гьабиялъулги хIакъалъулъ. НКВДялъ мекъал жалги гьарун ратун, виччанила дов. ТIехьалда рахъун руго гьелда бан ХIамзатица хъварал кагъталги.
ГIемерисезда ракIалде ккола, рахIаталда кучIдул хъвалев чи вукIанин ХIамзатилан. РахIат гьесие букIинчIо. Районалдаги Дагъистаналдаги ккана гIемерал къваридал лъугьа-бахъинал. Гьелъул киналъулго хIасилги гьабун, хъвалаан ХIамзатица гьелъул хIакъалъулъ. БетIер хъахIлъизегIан, судазул нуцIби рагьулев хутIанилан хъвалеб буго гьес цо кочIолъ. Рагъда чIвана гьесул кIиго вас. Гьес щибго хIаллъазе течIо – долго гьалбалги, добго тIалаб-агъазги букIана. Гьединабго тарбия кьуна гьес жиндирго лъималазеги.
Баркала буго «ХIакъикъаталъе» — ХIамзатил байрамалде, хасаб рубрикаги гьабун, гIемер макъалаби кьуна газеталдаса. Нижеца росдацаго цIалана гьел. МагIарул мацI цIунизеги гIемер хIалтIи гьабуна гьес. ЦIада, хунздерил тIалъиялде шагьаралдаса лъимал ритIун рачIуна магIарул мацI лъазабизеян. Лъора ругезе хIажат букIуна гIурус мацI лъазе. Гьеб буго гьабсагIат кIудияб унти. Гьелда тIад хIалтIизе ккола магIарул газеталъул редакцияги мацIалъул гIелмияб институтги».
МухIамад МухIамадов (отделалъул нухмалъулев): «Гьарадерихъ дибирлъун вукIана ХIамзат. 2009 соналда ХIамзатил ХIажияс дихъе бачIана цо текст. Гьес абуна, гьеб бугин эбелалдасаги яцалдасаги хъвараб жо. Гьелда бицунеб букIана Гьарадерихъ араб гIумруялъул хIакъалъулъ Хъандулалъул хабар: гьенир рукIаго, Расул гьавунилан. ПатIиматица рехсолел рукIана Гьарадерихъ росулъа гьалбал, жиндирго гьудулзаби. ХIамзатил асаразул анлъабилеб томалъе ХIажияс, кIиябгоги данде гьабун, жуба-гъубараб текст кьун буго.
ХIамзатил асаразул текстологияб анализ гьабизе ккола. Гьесул букIана бечедаб мацI. Анлъабилеб томалда лъолаго, ХIажияс чанги асаралъулъ рагIи хисизабуна, масала, Сталин рехсолебщинаб бакIалда Ленинил цIар лъуна. ХIамзатица хъвалеб букIана «Исталин» абун. КочIолъ рекъонкколеб къагIидаги букIана гьеб. Хунздерил лугъаталда гьечIо «п» гьаракь. Масала, ХIамзатил асаралда букIана: «Дун йиго ГIандиса ГIашурал ГьатIи, гьитIинаб хъулухъалъ Хунзахъе щварай» абун. ТIехьалъул редакторас гьеб хисизабун буго, «ГIашурал ПатIиян». Гьелъ кочIол пасихIлъи хвезабун буго. Гьединал хIужабиги хIисабалде росун, ХIамзатил текстазул анализ гьабизе ккола.
ХIамзатил асарал киса щварал ва щай гьел хъварал абураб масъалаги тIубазабула текстологиялъ. Гьелъул хIакъалъулъ МухIамад Шамхаловас хъвараб макъалаги буго. Гьелда абулеб буго, газеталда рахъулаго яги радиоялдаса цIалулаго, жиндир кучIдузе гIакъуба щайдай кьолебан вукIунаанин ХIамзатилан. Институталъ гьабизе ккола гьединаб текстологиялъулаб хIалтIи.
Гьарадерихъ вукIаго, бандаз рос чIварай гIаданалъ хахизавунин живан хъвалеб буго Расулица. Бандаз рос чIварай гIадан йикIинчIо дой. Дой йикIана кIиго тухумалда гьоркьоб рагъги ккун, росги чIван, хутIарай гIадан. Гьей гIаданалда цIар буго СагIидат, гьелъул росасда – Шайхулислам. Хъандулалъ хъвалеб буго, Расул гIемер хахизавурай гIадан йикIанин СагIидат. МахсутI ЗайнулгIабидовас хъвалеб буго, жинда СагIидат йихьанин 1962 соналда. Кин гьесда гьей йихьулей, 1942 соналда хандакъал рухъизе арай гIадан, хвана гьей. Гьесда къосун руго СагIидатги гьелъул яс Залмуги. Залму йикIана Расулил рахьдал яц. Хунзахъе къваригIелалъе араб мехалда, Расулица жий рокъое ячунаанин ва инсулги жидер хъизамалъулги Гьарадерихъ араб гIумруялъул хIакъалъулъ бицунаанин абулаан гьелъ.
Гьарадерихъ вукIана Аргъваниса ХIажияв абун цIаларав, ГIободияс вацлъун рагIизавурав, кутакалда росдаца къиматги гьабулев чи. Гьесде кечI хъванилан («Аргъваниса ХIажил чистка» абураб) росдал чагIи къварилъахъдулаан. ХIажи вукIана ХIамзатил эменгIанасев чи. 1932 соналда туснахъги гьавун, хвана гьев. Нижер росдаца, вукъараб бакIалдасаги босун, гьесул жаназа росулъе босана.
Гьарадерихъе ккеялъе гIиллалъун Хъандулалъ рехсолеб буго Хунзахъа хIакимзабазул ишлъун. 1922 соналда МухIамад Хизроевас ХIамзат вачун вукIун вуго Шураве, «БагIарал мугIрул» газеталда хIалтIизе. ХIоцоса Нажмудиница питнаги багъаризабун, Шураса тIуризе ккун руго гьел. Хизроев Хунзахъе тIадвуссун вуго, ХIамзатин абуни, дунялалда лъугьа-бахъунеб жоги жеги бичIчIуларого вукIун, нижер росдал жамагIаталъ ахIун вуго жидее дибирлъи гьабизе. Гьес абун буго, кIиго дибир чIвараб росу гурищан, лъабабилевлъун живги вукIине виччантеян. Росдал кIиго тухумалда гьоркьоб рагъ-кьалги ккун, чIван вукIана цIаларав чи, амма дов вукIун гьечIо росдал дибирлъун. ХIамзатида росулъ лъугьа-бахъунеб жо кинабго лъалебги букIун буго.
Росдал гIадамаз бицунаан, ХIамзатидаса жидее гIемер пайда баханин. Хъандулай лъалаан дир кIодоэбелалда, ПатIимат жинда ящадай, цIакъ лъикIай яс йикIанин бицунаан гьелъ. Советияб заманалъ дибирлъи гьабулевищ вукIараван, ХIамзат Хунзахъе гIемер ахIизе байбихьараб мехалъ, гьес хехго справка балагьана, жив Гьарадерихъ учительлъун хIалтIулев вукIанилан хъвараб. Гьарадерихъ росдал советалъул председатель ИсмагIилил ХIасаница жиндие кьураб гьеб справкаялдаса кIудияб жо жиндие букIинчIилан бицунаанила ХIамзатица. Хъандулалъги хъвалеб буго, щибаб къоялъ ахIун унаанилан ХIамзат ва гьев вукIунаанила вуссинадай рокъове, вуссинародаян абураб къагIидаялда. ВачIунаанила бакъаниде. Щиб гьабулев вукIараван гьикъидал, абулаанила гьалъул-долъул хабаралда вукIанин. НКВДялъул хIалтIухъабаз ахIулев вукIун вуго гьев.
Гьел рукIана 1931-1932 сонал. ХIамзатил жеги гIемер тIахьалги рахъичIеб, халкъалда гьоркьовги машгьурлъичIеб, ШаригIаталъул судалъул председательлъунги хIалтIараб заман. Гьеб заманалъул ХIамзатил гIумруялъул рагIа-ракьанде щвараб цIех-рех гьабун гьечIо. МухIканго лъаларо, вукIанищ гьев 1918 соналда Шурагьив судалъул председательлъунги. Гьединал хIужабиги лъазарун, хIакъикъияб биография хъваялъе жакъа кинабгIаги хIинкъи гьечIо. Расулицаги ХIажиясги гьарурал хиса-басиял ритIизаризе ресги ихтиярги щун буго жакъа».
ГIалихIусен Юнусов: «Гьеб заманалъул хIакъалъулъ бицунаан дир инсуцаги. КигIан гьес рилълъунгеян абуниги, гьесул цересел чиян абун, дир эменги цогидалги унел рукIун руго ХIамзатида цадахъ. Цадахъ бажаричIони, гьесда хаду-хадур рилълъунги чIолароанин. КъобакъинегIан доваги вукIун, воржун кинигин вачIунаанила дов дова жаниса къватIиве. Дов Нажмудинги тIанусгун вачIун хадуб, Хъайтмазги цогидалги хъаладухъ ругеб мехалъги, Хъайтмазица ахIулев вугин вачIун вуго цо бихьинчи. Ун вуго. Добаги бана гIезегIан заман. ЩайзегIаги жив гьаниве ахIараван гьикъун бугила ХIамзатица жинда хадув витIун вукIарав чиясда. Гьес абунила, Хъайтмазие къваригIун вугин, гIурус власталде данде рахъаян кагъатги хъван, гьеб кагъатгун мун Нажмудинихъе витIизеян. Гьединаб жоялъе жив дуе кумекчи гурин, цогидав чи валагьеян хъвараб кагъат тун бугила ХIамзатица гьениб. КучIдул хъваялъе гуреб пайда гьечIев чи вукIин лъарабани, жинца ахIизецин ахIилароанин гьеван абун бугила Хъайтмазица хадуб».
Зикрула Илясов: Гьесул «ГIумруялъул дарсал» поэмаялда буго ватIанбокьиги, вукIа-вахъине малъиги. Гьеб букIана дие кIудияб, гвангъараб цIалъун. Гьесул гьунаралъ бижизабуна гIумруялде хIасратги. Гьес гIадин хIайранго бицунеб бечедаб мацI бугев магIарулав къанагIат гурони ватуларо жакъа.
Дида жеги кIочон гьечIо «АхIуд рахъин» абураб кечI. БацIинги абун, ахIуд рахъараз жидехъ бугебщинаб ярагъги кьвагьун, чIвала гьой. КочIол ахиралда руго гьадинал рагIаби:
Цо рахъалъ гьойдаги гьабула гIайиб,
ГIияда нахъаса щай аб бахъараб?
БацIица цIцIе чIвараб ЦIадаги бачIун,
Жиндаго щаклъизе щай гьалъ тIамураб?»
Нилъеца риччала ХIамзатил, Расулил, Фазул ва цогидал классиказул юбилеязде гьезул асаразул тIахьал. АбутIалибица абун буго, жив хун хадуялдаса чIаго вукIаго бокьилаанин жиндир тIехь бахъун бихьизеян. Гьединлъидал, лъикI букIинаан, лъималазе цIализе гIисинал тIахьал къватIире риччани. Масала, «ГIадатазул жул», «ГIумруялъул дарсал» ва цогидалги асарал. КIудияб томалдасаги гьитIинаб тIехьалъул интерес букIина цIалдолезе.
ХIадурана Кавсарат Сулеймановалъ.