Байрам тIобитIана, ракIалдещвеял хутIила

Ахираб кIиго соналда жаниб тахшагьаралда гьабуна цебеккун киданиги гьабун букIинчIебгIан гIемераб хIалтIи

Тарихалъ нугIлъи гьабула

Биценалда рекъон, жакъа Ма­хIач­хъала бугеб бакIалда анкьабилеб гIас­руялда хазаразул Семендер абулеб шагьар букIун буго.
МахIачхъалалъул тарих бухьараб буго гIурусазул пача Петр ТIоцевесесул цIаралдаги. 1722 соналда гьев щун вуго гьениве, ва жакъа маяк бугеб бакIалда гьес лъун буго гамачI. Цадахъ рукIараздеги амру гьабун буго гьедин гьабейин. Гьедин гьениб лъугьун буго щулалъи.
1857 соналъул 24 октябралда Порт-Петровск щулалъи лъугьана Порт-Петровск шагьарлъун. XIX гIасруялда гьениб гьабуна гумузе чIезе санагIатаб бакI, хадуб лъуна Владикавказалъулгун ва цогидал шагьаразулгун бухьен гьабизе маххул нух. 1876 соналда бана пивзавод, 1878 соналда – типография, хадуб тамахьо гьабулеб фабрика. XX гIасруялъул авалалда рагьана кагъат гьабулеб «Каспийская мануфактура» фабрика. 1914 соналда — нартил за­вод. Гьебго соналъ, Кас­пиялда ччугIа гIемер букIиналдаса пайдаги босун, хIалтIизе лъугьана ччугIил нигIматал гьарулеб промышленность, хадуб – чирмакъалал гьарулеб завод.
1921 соналъул маялда тахшагьаралъе кьуна МахIач Дахадаевасул цIар.
Рагъда цересел соназда МахIач­хъалаялда рана заводал, фабрикал, рагьана социалиял объектал: школал, библиотекаби, больницаби, куль­­тураялъул кIалгIаби, рагьана па­чалихъияб педагогикияб институт.

Байрамал ва нахъеги байрамал

24 сентябралда МахIачхъалаялда тIобитIана тахшагьаралъ 160 сон тIубаялъул юбилей. Байрамалъул тадбирал унел рукIана тахшагьаралъул лъабабго районалъул батIи-батIиял майданазда.
Байрам байбихьана ГIурус театралда цебе тIобитIараб «ЦIамаури» фестивалалъул тадбиралдасан. Гьелда гIахьаллъана машгьурал кочIохъабиги кьурдухъа­биги.
Тахшагьаралъул бетIер Муса Мусаевгун цадахъ махIачхъалаялъулазда байрам баркизе лъабабго районалъул майданазде рачIана МахIачхъала шагьаралъул депутатазул собраниялъул председатель Абулмуслим МуртазагIалиев, МахIачхъалаялъул Советский районалъул бетIер Пахрудин Залибеков, Ленинский районалъул бетIер МухIамад Алхасов ва Кировский районалъул бетIер СалихI Сагидов, Россиялъул субъектаздаса ва къватIисел пачалихъаздаса рачIарал гьалбал.
Шагьаралъулазда юбилей баркана МахIачхъалаялъул бетIер Муса Мусаевасги нилъер тахшагьаралда вацлъи рагIизабураб турказул Ялово шагьаралъул мэриялъул вакил Мехмет Биролица Озсюмер. Гьес абуна ахирал соназда МахIачхъалаялъул сипат-сурат лъикIлъун бугин, божулила гьеб тIегьазеги бечелъизеги букIиналда.
Родопалъул бульваралда бугеб шах­­матазул клубалда делегация данд­чIвана халкъазда гьоркьосев гроссмейстер Жакай Жакаевас тIо­битIулеб шахматазул къецалъул гIа­хьалчагIигун.
Авар театралда цебе бугеб майданалда букIана культуриябгун спортивияб байрам. Шагьаралъул бетIерас абуна:
«160 соналда жаниб нилъер шагьаралъ нахъа тана кIудияб тарихияб нух. Ахираб кIиго соналда жаниб МахIачхъалаялда гIемерал хIалтIаби гьаруна. ГIуцIана цIияб форматалъул анкьго паркалъулаб зона. Авар театралда нахъа исана хIалтIизе буго цIияб фонтан. БачIунеб соналъ цIигьабун къачIазе буго Родопалъул бульвар. Федералияб программаялъул кьучIалда цохIо исана МахIачхъалаялда къачIазе буго 60 къватI ва шагьранух, 50 азбар», — ан.
МахIачхъалаялъул пляж сверизабун букIана рагьараб музеялде. Байрамалъул хIурматалда гIолохъанал скульптораз, ай МахIачхъала шагьаралъул художествиял школазул цIалдохъабаз салул батIи-батIиял суратал ва сипатал гьарулел рукIана.
Юбилеялъул хIурматалда ПатIимат ХIамзатовалъул цIаралда бугеб Дагъистаналъул изобразительниял искусствабазул ва МахIачхъалаялъул тарихалъул музеяз, жидерго коллекциялги цолъизарун, байрамалъул къоялъ тIобитIана «Гьайбатаб МахIачхъала» абураб выставка. Гьенир рихьизе лъун ругоан Дагъистаналъул художниказ 1950 соналдаса жакъа къоялде щвезегIан рахъарал шагьаралъул гIумруялъул бицунел суратал.
Юбилеялъул къоялъ МахIачхъа­лаялъул «Устарзабазул шагьар» паркалда тIобитIана халкъиял художествиял тIагIелазул ярмаркаги.
Байрамалъул киналго майданазда лъималазе гIуцIун рукIана батIи-батIиял къецал, хIаял, фестивалал, суратал рахъиялъул ва расанкIаби гьариялъул мастер-классал.
Гьеб къоялъ байрамалъу­л аслияб тадбирлъун лъугьана Ма­хIач­хъалаялъул аслияб майданалда тIобитIараб «Дир тахшагьар» абураб гала-концерт. Гьенир данделъаразе саламги кьун, юбилей баркана МахIачхъалаялъул бетIер Муса Мусаевас. «Ралел руго школал, лъималазе ясли-ахал, медучреждениял, ну­хал, рукIалиде ккезабулеб буго инфраструктура. Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул кумекги халкквейги букIинчIебани, гьадигIан кIудияб хIалтIи гьабун лъугьинароан»,- илан абуна М. Мусае­вас.
Республикаялъул бетIерас бицана шагьаралъул тарихалъу­л хIакъалъулъ ва абуна жакъа МахIачхъала сверун бугин гьаб заманалъул мегаполисалде. «Шагьаралъулазда бихьулеб буго ахираб заманалда гIемераб хIалтIи гьабулеб букIин. Нужееги къваригIун буго тахшагьар рукълъун бихьизеги гьеб бацIцIадго цIунизеги. Араб соналъул хIасилазда рекъон, МахIачхъалаялъул предприятияз 10 млрд гъуршил багьаяб къайи гьабуна. Инвестициязул къадар бахана 41,3 млрд гъуршиде. Республикаялъул инвестициялъулаб программаялда рекъон, МахIачхъала къачIаялъе гъоркьиса биччан букIана цо миллиардгун 700 миллион гъуруш», — ан кIалъана Р. ГIабдулатIипов.
КIалъаяздаса хадуб, тахшагьаралъул аслияб майданалда тIобитIана кечI-бакъаналъулабгун театралияб шоу. Гьенир церерахъана жалго ругьунлъарал ва Россиялдаго машгьурал артистал.

Халкъалъул кIалдиса

Юбилейги баркун, байрамалде рачIарал цо-цоязулгун мухбирас гара-чIвари гьабуна ва гьезие кьуна гьадинал суалал:
1. Кинаб къимат кьелеб тахшагьаралъул архитектураялъе, экологиялъе ва санитарияб ахIвал-хIалалъе?
2. МахIачхъалаялъулазе щиб гьарилеб?

ХIажи ХIажимухIамадов, захI­мата­лъул ветеран:
— Дун щвана Рос­сиялъул ва Венг­риялъул гIе­мерал шагьа­разде, амма Ма­хIачхъа­ла­ялдаса сана­гIатаб бакI къа­нагIатги ба­тичIо. ТIадехун мугIрул, цебе ралъад, сверун гIатIилъи. Кинабго кьун буго Аллагьас барахщичIого. Квеш ккараб жо буго нилъеда гьеб бечелъиялъу­л къимат гьабизе лъангутIи. Шагьаралда гIемер гIунгутIаби руго. Масала, жамгIияб транспорталъул рахъалъ. ЖКХялъул багьаби руго хIехьезе кIвеялдаса арал. РацIцIа-ракъалъиялъул рахъалъ лъалеб мадар лъугьана, амма кьишни камулеб гьечIо.
Киназего гьарула сахлъи, рохел, халатаб ва талихIаб гIумру.
Милана Юнусова, ДГМУялъул сто­матологиялъул кафедраялъул орди­натор:
— Соналда­са соналде лъикI­лъулеб буго ша­гьаралъул архи­тектураги, эко­­логияги, къа­чIалел руго паркалги.
ЦIалдохъа­баз­ги студентаз­ги жигараб гIа­хьаллъи гьабу­ла кьишниялдаса шагьар бацIцIад гьабиялъул мурадалда тIоритIулел гваязулъ. Санитарияб рахъалъ къи­мат кьолеб бугони, жакъа Ма­хIачхъалаялъе дица хIалакъабго ункъилаб лъела.
Медик хIисабалда, киназего гьарула щулияб сахлъи, гьуинлъи ва вацлъи.
Элеонора ГIалиева, республикаялъул сахлъицIуниялъул централъул бетIерав тохтурасул заместитель:
— 160 сон бараб шагьар «хераблъун» рикIкIине бегьуларо. Гьеб буго гьелъул унго-унгояб завал. Шагьаралъул архитектураги экологияги хIехьезе кIолеб хIалалдаса ун букIана, баркала Рамазание ва цIияв мэрасе, гьезул чIаголъиялдалъун МахIачхъалаялъул гьумер лъикIлъулеб буго.
Советазул заманалда шагьаралда букIана анцIгоялдасаги цIикIкIун фабрик-завод, гьез биччалеб продукция унаан улкаялъул киналго респуб­ликабазде гуребги, къватIисел пачалихъаздеги. Гьанжейин абуни гьеб гьечIо.
МахIачхъалаялъулазе гьарила щулияб сахлъи.
МухIамад МухIамадгIалиев, ДГМУялъул педиатрияб факультеталъул лъабабилеб курсалъул студент:
— Шагьар берцинлъулеб буго. Квеш ккараб жо буго цо-цо чагIаз гьеб чорок гьабулеб букIин. Масала, парказда чIучIараб семечкадул хъал гIемерисез гIодобе бала ва гьеб гIадлу хвезаби полициялъулазда «бихьуларо».
Нижер факультеталъул студентазул рахъалдаса баркула киназдаго юбилей. Гьарула гIаданлъи, лъикIлъи ва талихI.
Ибрагьим-хIажи Якъубов, захIматалъул ветеран, техникиял гIелмабазул кандидат:
— Дир минаялда аскIоб хIалтIизе байбихьана генерал Халиловасул цIаралда бугеб парк, гьениб буго цIакъ берцинаб лъималазул майдан. Шагьар бацIцIад гьабиялъул иш квеш гьечIо, амма гIадамазул гIадлу гьечIолъи буго квеш ккараб жо.
Диана Айвазова, МахIачхъа­лаялъул финансазулгун экономикияб колледжалъул студентка:
— ХIажат буго шагьаралда гIурччинлъи цIикIкIун чIезе, цIиял паркал гьаризе. Нилъер буго гьайбатаб тахшагьар. Дие гьаниб лъикIги буго. Дун цIакъ йохана, «Устарзабазул шагьар» абураб ахил берцинлъи бихьидал.
ГIумар МухIамадов, МахIач­хъа­лаялъул финансазулгун экономикияб колледжалъул директорасул заместитель:
— Шагьаралда хьвадун, сураталги рахъун, нижер студентаз хIадурана «Дир МахIачхъала» абураб конкурс. Гьелда бихьизабулеб буго тахшагьаралъул кIодолъи, берцинлъи ва гьеб цебетIолеб букIин. Киназего бокьана «Устарзабазул шагьар», гьениб бихьулеб буго нилъер устарзабазул гьунар.
Шагьаралъулазе гьарула халатаб гIумру.
ГIунайзат Къурбанова, «МагIа­рул годекIан» гIуцIиялъул хIара­катчIужу:
— Нилъер гIадинаб берцинаб бакI дида кибго батичIо, амма лъалеб гьечIо гьелдаса пайда босизе. Нилъецаго хвезабулеб буго тIабигIат, чорок гьабулеб буго сверухълъи. Шагьар берцин гьабиялъул иш кинавго чияс жиндасанго байбихьизе ккола.
ГIадатияв чиясе цIакъ захIмат буго гIумру гьабизе, хIалтIи гьечIолъиялъ, гIолилал ине кколел руго къватIире.

Нури Нуриев