Районаздаса харбал

Хунзахъ тIалъиялда  чуял тIамуна

Муфтиясул хIурматалда кIиабилеб нухалда тIобитIараб тадбир

Хунздерие бищунго рокьулел спортивиял къецазул цояб ккола чуял тIами. Санайил Бергьенлъиялъул байрамалда ТIануси росдада гIагарлъухъ бугеб ГIалагIарт майданалда чуял тIамиялъул къецал  лъугьун руго берцинаб гIадатлъун.

23 сентябралдаги цIидасанги данделъун рукIана хунз ва тIаде рачIарал гьалбал чуял тIамиялъул байрамалде. Гьаб нухалда гьеб тIобитIулеб букIана Дагъистаналъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевасул хIурматалда. Бергьенлъиялъе гIоло къеркьезе Хунзахъе рачIун рукIана Северияб Кавказалъул республикабаздаса чотIахъабиги.
Къецал байбихьилалде, байрамалде рачIарал ва районалъул нухмалъи щвана Гиничукь росулъе, имам Шамил ракIалдещвезавиялъул мемориалияб комплекс базе бугеб бакIалде. Гьениб лъуна тIоцебесеб гамачI.
Спортивияб байрам байбихьана байкеразул клубалъул гIахьалчагIаз. Тадбир берцин гьабун букIана районалъул цIалдохъаби-акробатазулги «Дагъистаналъул гIолохъанлъи» ва «Кавказалъул кьурдаби» кьурдул ансамблязулги церерахъиназ. Байрамалде рачIаразе рес щвана гьоцIдерил, бархъалисезул, кубачиязул устарзабаз хIадурарал гIарцул, щагIил ва меседил тIагIелазул халгьабизеги.
Байбихьана къецал. Чуяр тIамулел рукIана лъабго, щуго, анкьго свериязда. КIиго свериялда бергьана Чачаналдаса чотIахъаби, цо свериялда бергьенлъи босана Гумбет районалдаса чотIахъанас. Анкьго свериялда бергьарав чотIахъанасе кьуна нусазарго гъуруш, щуго свериялда бергьарасе — 50 азарго гъуруш, лъабго свериялда бергьарасе — 30 азарго гъуруш. Къецал тIоритIана районалъул нухмалъи­ялъул ва «Хунзахъ район» жамгIияб гIуцIиялъул кумекалдалъун.
Муфтиясул хIурматалда чуял риччаялъул къецал районалда тIоритIулел руго кIиабилеб нухалда. ТIоцересел къецал тIоритIун рукIана 2015 соналда «Сумма» группаялъул кумекалдалъун.

Шамил имамас 220 сон тIубаялде

Гьениб Къелеса ГIусман-хIажияс гьабураб дугIа-алхIамалдаса хадуб Шамилил гIумруялъулги АхIулгохIда ккарал рагъазулги хIакъалъулъ бицана районалъул имам ГьитIинамухIамад ХIамзатовас. Гьес бицана, гьениб рагъ лъугIаралдаса 25 сон индал, зияраталъ щварав цо ГIуриса чиясда ятун йигин хварай гIадан, тIад бугеб ретIелцин туричIого, чIагояй чIужу гIадин. Гьелъул чIинчIоялъул цояб рагIалда батун бугила хъатгIанасеб ханжу, цогидалъуб — дагьабго цIамги.

Районалъул бетIер МухIамад ХIасановас бицана имам Шамилица кIудияб кIвар кьолаанин гIелму-цIалиялде. «Гьелъ нилъецаги, хасго гIун бачIунеб гIелалъги кIвар кьезе ккола гIелмуялдеги, спорталдеги, ВатIан бокьиялдеги», — ян абуна гьес.
Гьединго зияраталъ рачIа­ра­зе имам Шамилилги АхIул­гохIалъулги хIакъалъулъ бицана Унсоколо районалъул имам ГъазимухIамадица, мугIрузул зонаялда вугев муфтияталъул вакил ХIасан-хIажияс. СагIид-апандияс АхIулгохIалде гьабураб назму цIалана ГIасаб росдал имам Сайпулакъадияс. Нусгоялдаса цIикIкIун машинаялда рекIун рачIараз къасиялде къо-лъикI гьабуна АхIулгохIалъулгун.
Нахъисеб къоялъ ХIебда ро­­сулъ тIоритIана имам ракIал­де­щвезавиялъул хIурматалда миллиял къецалги. ХIасил гьаби­дал, тIоцебесеб бакIалде бачIана Къа­хIиб росдал команда, кIиабилеб бакI ккуна гьаадерица ва лъабабилеб бакI — ТIасаколоб росдал командаялъ. Гьебго къоялъ росдал клубалда данделъана районалъулги росабазулги нухмалъулел, цIалдохъаби, диниял хIаракатчагIи. Данделъи нух­да бачана ДРялъул халкъи­яв артист ХирамухIамад ХирамухIамадовас. Гьенибги бицана имам Шамилил гIумруялъул хIакъалъулъ, рехсана гьесул ккарал цо-цо лъугьа-бахъинал. Гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна Эверест квегъарав Рашид ХIажиясуловасги. ДРялъул бухьеналъул, транспорталъул ва энергетикаялъул министр Сайгидпаша ГIумахановасул цIаралдасан гьесда баркизе ва шапакъат кьезе гьеб къоялъ ХIебде вачIун вукIана Хасавюрт районалъул жамгIияб палатаялъул председатель МухIамадрасул ШехмухIамадовги. Баркиялъулаб кагътида цадахъ Рашидие кьуна «Дагъистаналъул БахIарчи» абураб цIарги меседил медальги. Имам Шамилиде гьарурал кучIдул ва хъварал гIелмиял хIалтIабигун церерахъана Ма­чIада, ТIидиб, ТIелекь, Гьандихъ росабазул цIалдохъабиги. Къелдерил гьунарчагIазин абуни бихьизабуна ЦI. ХIамзатица хъвараб «Имам Шамил» абураб поэмаялъул цо бутIа.

Сайпула ГьитIинамухIамадов

58-абилеб рекорд
Сайгъат гьабуна ДРялъул муфтиясе

23 сентябралда Хунзахъ районалда, ДРялъул муфтиясул хIурматалда чуял тIамиялъул къецалда цебе, нилъер нартав ГIумар ХIанапиевас иргадулаб рекорд чIезабуна. Гьебги сайгъат гьабуна муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевасе.

«Жакъа гьанир данделъаразда гьоркьов дидаса талихIав чи гIемер ватиларо. Чанго шагьаралде гьоболлъухъ ахIун вукIана дун, амма Аллагьасул хIукмуялдалъун гьаб байрамалде ккана. Дица дирго гIумруялда жаниб 57 рекорд чIезабуна. Жакъа ният буго 58-абилебги чIезабизе ва гьебги сайгъат гьабизе Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-хIажие. Дида лъана нилъер муфтияс 58 сон тIубараблъи. Биччанте дир гьеб 58-абилеб рекорд гьесие сайгъатлъун букIине», — ян абуна ГIумар ХIанапиевас ва, гIемераб хабар бициналдаса ишалде тIаделъун лъикIиланги абун, байбихьана жиндирго къуват бихьизабизе.
ГIумарица, цабзазги ккун, кодобе босана ва 60 метралъ хадуб бехъерхъана ункъо метр халалъуда, 115 кг бакIлъи бугеб бугеб маххул швеллер ва гьедин чIезабуна цIияб рекорд.
Шамай Хъазанбиева