Спорталъе гIорхъаби рукIунаро Шамил КIудиямухIамадов къеркьезе вуго Италиялъул тIаса бищараб командаялда гъорлъ ГIемер заманалъ эркенаб гугариялъул рахъалъ 86 кг цIайиялъул категориялда Россиялъул тIаса бищараб командаялъул тIоцебесеб номерлъун вукIарав Шамил КIудиямухIамадов хадубккун ургуялде вахъине вуго Италиялъул байрахъалда гъоркь. Гьедин лъазабуна Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул кIудияв тренер ХIайдар ХIайдаровас. Гьесулго рагIабазда рекъон Италиялъул командаялъ Шамил...
