МагIарул жамагIат

Сон ва жакъа Хуштада росу

 

Дагъистаналъул тарихалда хасаб бакI ккола хуштадерица

НакIкIирохьалъ сангар къараб, мугIрул каранда цоцазда тIад рарал минабиги умумузул тарихалъе нугIлъун хутIараб лъукъ-лъукъараб сиги, бугеб ЦIумада районалъул Хуштада росу рикIкIадасан балагьараб мехалда, релълъун бихьула цебегосеб хъалаялда. Амма росдал гьанжесеб гIелалъе къабуллъичIо къваридал къватIазул, лъухъал къадазул басриял минабахъ гIумру гьабизе. Гьез байбихьана росдада цере ругел хурзабахъ тIад шифер, махх ккурал гьанжесеб заманалъул минаби разе, ахал гIезаризе. Къокъаб заманалда гIун бачIана цIияб Хуштада ва аскIоб бана берцинаб мажгит. Жакъа цояз беццулеб, цогидаз какулеб гьаб захIматаб, амма диналъе эркенлъи щвараб заманалъ бокьун буго росдалги гьелъул тарихалъулги хIакъалъулъ дагьабго бицине.

Хуштада росулъ кидаго хIалтIулеб бу­кIана мажгитги, гьенир кидани­ги гьоркьор къотIичIо халкъ вацлъи­ял­де, шаргIияб нухде ахIулел вагI­­заби-насихIаталги. Хуштадерил жа­ма­­гIаталъулъ гьечIо рикьалаби, жахI­­да-хIусуд, киналниги руго вацал гIадин.
Дагъистаналъул тарихалда хасаб бакI ккола хуштадерица. Гьединаб бу­кIи­налъин Россиялъул гIелмабазул академиялъул гIалимзабаз цIех-рех гьабизе нижер росу тIасабищарабги, хадуб гIалимзабаз росдал бечедаб тарихалъул­ги къисматалъулги хIакъалъулъ таманал макъалаби рахъана ункъо батIияб мацIалда къватIибе биччалеб «Азия ва Африка» журналалда, гьединго басмаялда бахъана «Дагъистан-Хуштада» абураб тIехьги.
Хуштада мажгит бан буго 1587 соналда. Шамилил заманалдаги Хуш­тада букIун буго шаригIатги тIарикъатги ясбер гIадин цIунараб росу. Гьенив вукIаго, Гъазигъумекиса шайих Жамалудиница жиндирго яс Загьидат кьуна Шамил имамасе. Хуштадаса рахъарал машгьурал гIалимзабиги гIемерал руго. Бергьарав гIалимчи КIудияв Мусалав, Шамил имамасул наиб, гIалимчи ва багьадур Салимдибир. Гьев чIван вуго ЧIикIаб росдада аскIоб гIурусазулгун ккараб рагъда. ТIиндадерил, багвалазул ва лавашдерил наиблъун Шамилица тун вукIарав ЗакарияхIажи. Гьесул гьунаралдалъун ва бажариялдалъун гIемерисел хуштадиял мутIигIлъун руго Шамил имамасе. Сайид ГIободиясул ирсилал, накъшубандияб тIарикъаталъул устарзаби ПирмухIамадхIажи, СайидхIусейн ва ГIабдулагьдибир. Гьезул хабалазде зияраталъе гIемерал гIадамал рачIуна жакъаги. Мамадибир Рочиясул маъзум ГъазунхIажияв. Бицуна, гьев вукIанила хуштадиязда гьоркьов гIелмуялъул рахъалъ бищун цеветIурав. ХIежги борхун, рокъове вачIунев гьев хвана Осетиялъул Бурав магIарда. Гьеб бакIалда гьесул зияратги буго. ТIарикъаталъул устар ШапихIажияв. Гьесул хобги зияратги росулъ буго. Карамалъиялъу­л валиян жинда гIалимзабаз абулев ГIалихIажи (МугIрузул ГIали). Гьесул хIакъалъулъ гIемер бицуна гIадамаз. ПалхIасил, ХIХ гIас­руя­лъул кIиабилеб бащалъиялда Хуш­тада росу лъугьана исламияб дагI­ваталъул бакIазул цояблъун.
Цо нухалда Шамил имам богун рещтIуна Лъон­дода, амма живго сордо базе Хуштаде вачIана КIудияв Мусаласул хIужраялде. Мусалав гьеб мехалда чIаго вукIунаро, гьединлъидал Шамилица сордо рогьуна Мусаласул тIахьазухъ халгьабулаго. Радал унаго, Шамилица абун буго: «РагIун букIана Мусалав хIадис-гIелмуялъе бергьарав гIалим вугилан ва рагIарав гIадавги вукIун вуго», — ян.
Хуштадаса вахъана тIарикъаталъул ункъо устар. Гьезул тIоцевесев ккола ПирмухIамадхIажи. Цо нухалда гьесул вас ХIусеница хIужраялда вугев инсуда тIаде балъго кIулал рала ва, довегIанги ун, халккун чIола. КватIичIого гьесул беразда цере кIулал гIодоре рортун рачIуна. Гьимулаго, къватIиве лъугьун вачIарав инсуца абула: «Щиб, дир хIалбихьулевищ ву­кIарав», — ан. Хадуб тIарикъат би­лълъанхъизабизе изну щвана ХIу­се­нихъеги. Гьевги вукIун вуго эменго гIадав кашпу-караматал ругев чи. Гье­сухъе вирд босизе рикIкIадаса ра­чIунел цо гIолохъабаз, гьесул рагьде щведал, тамахьу балел тургьби къелъ рахчула ва, саламги кьун, устарасде тIаде уна. Вирдги босун, къватIире унаго, ХIусеница гьезда абула: «Дол къадалъ рахчарал тургьби росизе кIочонге», — ян. Цо нухалъ мунагьал чураяв дир эмен устаргун цадахъ ун вуго зияраталъ ГIахьвахъ районалде. Къаси гьел цо росдал хабал рагIалде щола ва гьенир лъалхъула. ХIусенида рагIула кутакаб хабал гIазаб. Гьес дир инсуда абула: «Дуда рагIизабилищ гьазие бугеб гIазаб»? – абун. Эмен разилъула. Гьезие бугеб гIазаб рагIидал, гьев лъавудаса уна. Вигьараб мехалда, гьес абула: «Гьаб хабалъ цогIаги чи вукIаравани лъабго суннатаб кIал ккурав, ТIадегIанав Аллагьас гьеб гIазаб нахъе босилаан», — абун. Чанги нухалда ХIусенихъе вачIун вуго ХIоцоса Нажмудинги. Нажмудиница ХIусенил хIакъалъулъ хъвараб назмуги букIун буго. Росу сверун руго гIалимзабазул, шайихзабазул хобал. Бицен буго, гьезул баракаталъ балагьаздаса цIунун бугин росуйиланги. Советияб хIукуматалъ кверщел гьабулел соназги хуштадисез борхатго ккуна исламалъул байрахъ. ЦIакъго захIматал соназги бажарана мажгит цIунун. Росдае имамлъи гьабуна Лъондодаса Гъазияв-дибирица ва Гьимерсоса Къурбан-дибирица. 30 соналъ дибирлъи гьабуна Хуштадаса Мусаев Сайпулагьица, гьесда хадуб 40 соналъ — Шарапудиницаги. Гьезда хадуб Хуштада росдае имамлъи гьабуна Дагъистаналдаго рагIарав гIалимчи Абакаров МухIамасайидхIажияс. Хадув гьев тIамуна Хасавюрт шагьаралъул кIудияб мажгиталъул имамлъун. Гьесул жигаралдалъун рагьана гьениб мадрасаги, кьучI лъуна АшгIариясул цIаралда бугеб университеталъеги.
Доб советазул заманалда, киса-кибего гIадин, нижер росулъ­ги бертаби тIоритIулаан, гье­къо­лел жалги хIалтIизарун. Чама­лиго нухалъ вагIза-насихIат гьабуна Му­хIамадсагIидица, гьедин гьарулел бер­таби теян. Амма гIадамаз гIадахъ босулеб букIинчIо гьесул амру. Цо бертадул заманалда Имамас, жамагIатги бачун, медалъул (гьекъолеб жо) цIурал бидонал гIодоре тIуна ва лъазабуна: «ТIокIаб гьекъолеб жо бахъани (мед) бахIаразе магьари лъезе гьечIо», — ян. Росдаца тана гьеб хIарамаб иш ва ригьнал тIоритIула, мавлидалги рачун. Росулъ къанагIатги гьечIо хъалиян бухIулев чиги. ЦIунун руго умумузул лъикIал гIадатал: маслихIатал гьари, цоцазе кумекалъе рачIин, садакъаби рикьи. Гьединго хIалтIулеб буго мадраса. Щибаб рамазан моцIалъул ахирисеб 10 къоялъ мажгиталъул столоваялда кваназабула тIолабго жамагIат ва гьел къоял тIамула, къватIире рахъинчIого, гIибадаталда. Нижер росулъ руго гIемерал апарагзабиги, гьездехунги букIуна вацлъиялъулаб бербалагьи.
Жакъа хуштадерил вуго 20-ялдасаги цIикIкIун гIалимчи. Гьел имамзабилъун, мугIалимзабилъун хIалтIулел руго бакI-бакIазда. Масала, гIалимчи ПирмухIамадов СажидхIусен вуго районалъулго имам. Хасавюрталда исламияб университеталда мугIалимзабилъун хIалтIулел руго ГIабдулаев МухIамад, Абакаров Ризван, АсхIабов МухIамад ва цогидалги. Жакъа росдал имамлъун вуго Абакаров Абакар. ЦебегIанго Хасавюрталда тIобитIараб цо къецалда гьев мустахIикълъана тIоцебесеб бакIалъе ва «Приора» машина щвана. Гьес лъималазда малъула махражалда Къуръан цIализеги.
ХIеж борхарал хуштадисезул къадар 500 чиясде бахуна. Гьайгьай, гьаниб кинабго хъван хIалкIоларо, гьединлъидал хьул буго, умумузул лъикIал гIадатазе, гьайбатал ишазе, щулияб имангун ритIухъаллъун ва киназего мисалияллъун рукIинин ва хутIилин хушталин абун.
МухIамад Абакаров,
ЦIумада район, Хуштада росу