Лъани, зарал гьечIо

Дагъистаналъул тарихалда январь моцI

 

1262 соналъул 13 январалда Терек гIурул рагIалда Хулагидазул ва Меседил Ордаялъул ханзабазул аскаразда гьоркьоб рагъ ккана.
1742 соналъул январалда Табасараналде ва Ахтиялде данде Ираналъул аскараз рагъ байбихьана.
1804 соналъул январалда ЦIоралде ана генерал Василий Гуляковасул бетIерлъиялда гъоркь рагъулаб экспедиция. Гьенив Закатала округалда 15 январалда генерал В.С. Гуляков чIвана.
1811 соналъул январалда Табасараналда байбихьана восстание.
1829 соналъул январалда Дагъистаналъул ханзаби Сурхайие ва Абу-СултIан-Нуцалие чIезабуна гIарцулаб харж.
1830 соналъул январалда имам Гъази-МухIамадица гIандисезда шаригIат босизабуна.
1833 соналъул январалда ГьоцIалъ ахIараб гIалимазул данделъиялда ХIамзат-бег лъазавуна имамлъун.
1841 соналъул 1 январалда гIуцIана Каспиялъулаб область.
1878 соналъул январалда «Тушманасулгун гьарулел ишазулъ тIокIлъиялъе гIоло» гIурус Императорасул армиялъул генерал-лейтенант Балакиши Араблинскиясе (Али-бек) (1828-1902) кьуна ГIазизай Аннал 2-абилеб даражаялъул орден.
1897 соналъул 1 январалда Ереваналда гьавуна Дагъистаналъул политикияв хIаракатчи, 1942-1948 соназда КПССалъул Дагъобкомалъул тIоцевесев секретарьлъун хIалтIарав ГIазиз ГIалиев.
1910 соналъул 17 январалда гьавуна Дагъистаналъул политикияв ва жамгIияв хIаракатчи ХIажагIали Даниялов.
1914 соналъул 3 январалда гьаюна РСФСРалъул ва Дагъистаналъул халкъияй артистка Барият Мурадова.
1914 соналъул 6 январалда гьавуна Дагъистаналъул хъвадарухъан Анвар Аджиев.
1916 соналъул 14 январалда гьавуна Дагъистаналъул хъвадарухъан Хизгил Авшалумов.
1918 соналъул январалда Темир-Хан-Шураб тIобитIараб мугIрузул халкъазул III съездалда ХIоцоса Нажмудин цIидасан вищана тIолгодагъистаналъулго имамлъун.
1921 соналъул 20 январалда, 1920 соналъул ноябралда Темир-Хан-Шураб тIобитIараб съездалдаса хадуб, ВЦИКалъул Декреталда рекъон, гIуцIана Дагъистаналъул Советияб Социалистияб Республика.
1926 соналъул 7 январалда гьавуна Дагъистаналъул росдал магIишаталъул институталъул ректорлъун гIемерал соназ хIалтIарав профессор МухIамад Жамбулатов.
1931 соналъул 14 январалда Москваялъул Кремлялда «10 соналда жаниб Дагъистаналъул цебетIеялъул хIакъалъулъ» абураб докладгун цеве вахъана Дагъсовнаркомалъул председатель Жалалудин Къоркъмасов.
1934 соналъул январалда хъвадарухъан, кавказовед А. Аршарунил бетIерлъиялда гъоркь Дагъистаналде бачIун букIана СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул къокъа.
1935 соналъул январалда ДагъЦИКалъул членаллъун рищана хъвадарухъаби С. Стальский, ХI. ЦIадаса, А. МухIамадов, Р. Нуров ва Б. Астемиров.
1938 соналъул 30 январалда гьавуна 1987-1997 соназда Дагъистаналъул хIукуматалъул вукIа­рав председатель, политикияв хIаракатчи ГIабду­разакъ Мирзабегов.
1939 соналъул январалда СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул хIукмуялдалъун ЦIадаса ХIамзатие кьуна «ЗахIматалъул БагIараб Байрахъ» орден.
1943 соналъул 25 январалда ДАССРалъул СНК ва ВКП(б)ялъул обкомалъул бюроялъул хIукмуялдалъун республикаялъул МТСалдаса Ставрополь краялъе кумекалъе механизаторалгун цадахъ битIана 300 трактор.
1944 соналъул январалда, Сталинград цIунулаго, бахIарчиго рагъана ва нус-нус фашистал гъурана дагъистаниял — Совет Союзалъул БахIарзал, летчик Амет-Хан Султаницаги пулеметчи Ханпаша Нурадиловасги.
1947 соналъул 27 январалда гьавуна Дагъистаналъул Халкъияв БахIарчи, сахлъицIуниялъул ва жамгIияв хIаракатчи АхIмад Саламов.
1951 соналъул 4 январалда Шамил районалъул КъахIиб росулъ гьавуна СССРалъул Художниказул союзалъул член, Ленинилаб Комсомолалъул премиялъул лауреат, Дагъистаналда рагъулаб искусствоялъул школалъе кьучI лъурав ХIусейн МухIамаев.
1951 соналъул январалда СССРалъул Министрзабазул советалъ, гьоркьоб лъун, халгьабуна «ДАССРалъул росдал магIишат цебетIезабиялъул хIакъалъулъ» суалалъул.
1951 соналъул январалда Швейцариялда хвана Тарковский шамхалазул ахирисев вакил – НухIбег Тарковский.
1951 соналъул 19 январалда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ гьавуна Россиялъул БахIарчи, Дагъистаналъул жамгIияв хIаракатчи, космонавт МухIамад ТIолбоев.
1954 соналъул 1 январалда гьавуна Дагъистаналъул халкъияв артист, Музыкантазул союзалъул председатель Хан Баширов.
1955 соналъул 26 январалда гьавуна Дагъистаналъул рохьил магIишаталъул Комитеталъул председатель ГIалибег ХIажиев.
1962 соналъул 5 январалда гьавуна Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад Асиятилов.
1962 соналъул 14 январалда гьавуна гIелмияв хIаракатчи, Дагъистаналъул университеталъул ректор МуртазгIали Рабаданов.
1976 соналъул 10 январалда сардилъ Дагъистаналда 5 баллалде бахараб гучалда ракьбагъарана.
1976 соналъул 14 январалда гьавуна Хунзахъ районалъул бетIер СагIид Юсупов.
1990 соналъул январалда ахIана Дагъистаналъул бусурбабазул тIоцебесеб съезд. Гьенибго гIуцIана бусурбабазул динияб идара (ДУМД) ва вищана муфтий.
1991 соналъул 29 январалда СССРалъул гIелмияб Академиялъул Президиумалъ хIукму гьабуна СССРалъул гIелмияб Академиялъул Дагъистаналъул филиал СССРалъул гIелмияб Академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб Централде сверизабизе ва гьелъул Президиумалъул председательлъун ХIажи ХIамзатов тасдикъ гьавизе.
1992 соналъул 24 январалда Россиялъул хIукуматалъ къабул гьабуна «Репрессиялде ккарал Дагъистан АССРалъул халкъазул ихтиярал цIуниялда бан гьаризе кколел цебесеб кIваралъул тадбирал» абураб хасаб хIукму.
1996 соналъул 9 январалда радал сагIат 6-ялде бащдаб хIалтIараб заманалда С. Радуевасул ва Х. Исрапиловасул бетIерлъиялда гъоркь яргъид гIуцIараб хъачагъазул къокъа Гъизляр шагьаралде тIаде кIанцIана.
2003 соналъул 22 январалда Москваялда Да­гъис­таналъул Пачалихъияб Совета­лъул председатель МухIамадгIали МухIамадовасе кьуна Халкъазда гьоркьосеб Академия­лъул «ХIурматияв ака­демик» абураб цIар ва диплом.
2007 соналъул 22 январалда Дагъистаналъул хIукуматалъ, мухIкан гьабун, къабул гьабуна «ЦIияб Лак» районалдаса цIигIуцIулеб райо­нал­де гочине кколев 10662 чиясдасан гIуцIараб сияхI (2 982 хъизан).
З. Илясов