ГIолохъанлъи

Спорталъе гIорхъаби рукIунаро

         Шамил КIудиямухIамадов къеркьезе вуго Италиялъул тIаса бищараб командаялда гъорлъ 

 

ГIемер заманалъ эркенаб гугариялъул рахъалъ  86 кг цIайиялъул категориялда Россиялъул тIаса бищараб командаялъул тIоцебесеб номерлъун вукIарав Шамил КIудиямухIамадов хадубккун ургуялде вахъине вуго Италиялъул байрахъалда гъоркь. Гьедин лъазабуна Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул кIудияв тренер ХIайдар ХIайдаровас.  Гьесулго рагIабазда рекъон Италиялъул командаялъ Шамил жиндирго мухъилъе  цIай тасдикъ гьабулел официалиял документал жеги гьечIо. Амма гьеб хIакъикъияб хабар букIиналдаги щаклъи гьечIо.

Шамил КIудиямухIамадов ккола эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул, «Гран-при Иван Ярыгин 2016» мемориалалъул ва гьединго Россиялъул, чанго нухалъ Дагъистаналъул чемпион. Гьединго гьев ккола цевехун рехсарав эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул кIудияв тренер ХIайдар ХIайдаровасул дурцги. Киназдаго лъала гьесул нухмалъиялда гъоркь ругьун гьавулев вукIин Италиялъул гугарухъан Франк Чемизоги.

Спортсменасул эмен МухIамад КIудиямухIамадовас «ХIакъикъаталъе» бицана Шамил Италиялда вугин ва гIараб заманалда гьеб пачалихъалъул рахъалдаса ургуялде вахъинеги вугин. «Спорталъе гIорхъаби рукIунаро. Гьеб буго дунялалда рекъел тIибитIизабулеб, халкъал цолъизарулеб чапар. Гьединлъидал, Италиялъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъ цеве вахъаниги Шамил хутIизе вуго Россиялъеги вижараб ракьалъеги ритIухъавлъун», — ян абуна спортсменасул инсуца.