ХIабибил 25-абилеб бергьенлъи

Къей лъаларев «ЦIум»

 

UFCялда цеве вахъунев Дагъистаналдаса речIчIухъан, ЦIумада районалъул Силди росулъа ХIабиб НурмухIамадовасе (гьесул тIокIцар буго «ЦIум») щвана тIатIалаго ичIабилеб бергьенлъи. 30 декабралда къаси Лас-Вегасалда букIараб UFC 219 шоуялда ХIабибица ракIчIараббергьенлъи босана Бразилиялдаса Эдсон Барбозада тIад.  Гьезул речIчIи халатбахъана гьелъие бихьизабураб лъабго минуталъ ва ХIабибил тIоклъи букIана лъабабго раундалда. Гьеб заманалда жаниб дагъистанияс Эдсонида кьабуна 154 нухалъ, бразилиялъулас ХIабибида – 25 нухалъ. Гьеб букIана дунялалъулго ММА-лигаялда ХIабибица тIатIалаго босараб ичIабилеб бергьенлъи.

Гьеб къеркьей лъугIун хадуб НурмухIамадовас лъазабуна гIагараб заманалда  жив хIадурав вугила тIадагьаб цIайиялъул дивизионалда заманалъулав чемпион Тони Фергюсонгун ва гьебго цIайиялда чемпионасул рачел босарав Конор Макгрегоргун речIчIизе рингалде вахъинеян.

Профессионалияб рингалда ХIабиб НурмухIамадовасул буго кинабниги 25 бергьенлъи, гьев ккола  къей лъаларев речIчIухъан.

Лас-Вегасалдаса бергьенлъигун тIадвуссарав магIаруласда дандчIвай гьабуна МахIачхъалаялъул аэропорталда.  Гьенире рачIун рукIана Дагъистаналъул Спорталъул ва физкультураялъул рахъалъ министерствоялъул вакилзаби, чемпионасул гIага-божарал, гьесул гьудулзаби ва болельщикал. БукIана кIудияб митинг.

«ХIабибица, UFCялда иргадулаб бергьенлъиги босун ЦIияб соналда цебе, кIудияб сайгъат гьабуна киналго болельщиказе.  Баркула, ХIабиб, дуда тIоцебесеб иргаялда вас гьави ва кIудияб бергьенлъи. Хьул буго 2018 соналдаги, UFCялъул чемпионасул рачелгун тIадвуссиндал, дуда гьадинго гъункун дандчIвай гьабизе букIиналда», — ян абуна Дагъистаналъул Физкультураялъул ва спорталъул ва республикаялъул Минспорталъул резерв хIадурлъиялъул управлениялъул начальник ХIалитбег МахIачевас.

ХIабибил эмен ГIабдулманап НурмухIамадовасул рагIабазда рекъон, UFC 219 турниралда къеркьей рикIкIун буго бищунго лъикIаблъун: «Гьеб къеркьей лъугьана турниралдаго лъикIаблъун, ва бергьенлъи гуребги, гьелде  тIадеги  ХIабибие щвана бонус. ХIисабалде босараб ХIабибил иргадулаб бергьенлъи букIине буго 2018 соналда киназего ва гьеб рагъуда дица абилаан «махновщинаян». БукIаниги, дагьабго рахIатхвей букIана хасго кIиго раундалда гьев бургьун. Хадуб. Барбозаца хIалбихьана «техтеро» хIалтIизабизе. ХIабибица тавакал тIамуна ва кинабго битIа-бищун ккана. Бокьилаан хадусев гьесул дандиявлъун Тони Фергюсон вихьизе», — ян абуна чемпионасул инсуца.

ХIабибица лъазабуна UFCялда хадусеб къеркьей исана ихдал — апрелалда яги маялда букIине бегьулин. «Къеркьей ана хIисабалде босараб къагIидаялъ, дир масъала букIана тIоцебесеб номергун хIалтIизе. Хадусеб къеркьей букIине бокьун буго Тони Фергюнсонилгун гьелда цебе гьесулги Конорилги къеркьей букIани. Киназего бокьун буго гьезул бергьаравгун дун речIчIизе, диейин абуни балагьун чIезе бокьун гьечIо, дие бокьун буго рагъ», — ян абуна ХIабибица.

Дагъистаналъул речIчIухъанасда бергьенлъи баркана ЦIумада районалъул бетIер АнвархIажи Вечедовасги.  МахIачхъалаялъул администрациялъул Спорталъул, туризмалъул ва гIолилазул ишазул рахъалъ комитеталъул председатель Марат Ибрагьимовасги ва цогидазги.

Шахматал

Къецазда гIахьаллъана 150 цIалдохъан

ГIуцIизе буго МахIачхъалаялъул тIасабищараб команда

ЦIияб соналъул каникулазул къоязда Шахматазул муниципалияб рокъоб МахIачхъалаялъул цIалдохъабазда гьоркьоб тIобитIана шахматазул рахъалъ шагьаралъулаб турнир.

ГIолилазда – ясаздаги васаздаги гьоркьор тIоритIарал къецазда гIахьаллъана гIумруялъул анлъго батIияб ригьалъул 150 цIалдохъан. Турниралда бергьана: Таймаз Темирбегов, ХIава МахIмудова, МухIамадкамил МухIамадов, СултIанат МахIмудова, ГIумахан СултIанахIмадов, Хадижа МухIамадова, Иляс Герейханов, ПатIимат Шамхалова, ЖабрагIил Камаев, Жамиля Камаева, Камил Изабакаров, Саида МухIамадова.

«Карповасул цIаралда бугеб шахматазул гьорькохъеб школа» МБУялъул директор, халкъазда гьоркьосев гроссмейстер Жакай Жакаевасул цIаралдасан турниралъул киналго гIахьалчагIазе кьуна цIиябсоналъулал сайгъаталги.

Турниралда лъикIал хIасилал рихьизарурал шахматистаздаса гIуцIизе буго Дагъистаналъул чемпионаталда, гьединго республикаялъулал цогидалги къецазда гIахьаллъизе МахIачхъалаялъул тIасабищараб команда.