Журналистазулгун дандчIвай

Духъаго бажарани, биххараб къачIай

 

ГIадамал гIатIиракьалдеги гочун, росабалъ чи хутIулев гьечIо. Гьединал бакIазда школа баялъул магIна гьечIин абулеб буго ДРялъул лъайкьеялъул министрасул ишал тIуралев ШиргIали ГIалиевас.
27 декабралда гьев дандчIвана республикаялъул СМИязул журналисталгун. Гьениб бицана 2017 соналда гьабураб хIалтIул хIасилазулги ва цIияб соналде хIадурарал планазулги хIакъалъулъ. Жиндирго гара-чIвари ШиргIали ГIалиевас байбихьана школалда цебесеб лъайкьеялдасан.

Иргаялда чIун буго
28 азарго лъимер

Дагъистаналда буго школалда цебесеб лъайкьеялъул 789 идара. Гьенибе хьвадула нусазаргогIанасеб лъимер – гьеб ккола 24,9 процент. Республикаялда буго 1300 росу. Гьезда гьоркьоса 750 росулъ гьечIо лъималазул ах. ДРялъул Экономикияб цебетIеялъул министерствоялъул баяназда рекъон, школалда цебесеб лъайкьеялъул идарабазде хьвадулел лъималазул къадар цIакъго дагь буго ГIахъуша (9%), Дахадаев (9,6%), Гъизилюрт (9,3%) районазда. Гьеб ра­хъа­лъ иш лъикI гIуцIун буго Нугъай (52%), Хьаргаби (40,3%), Унсоколо (40%), Хунзахъ (37,7%) районазда. Шагьаразда гьоркьор нахъеккун ру­го МахIачхъалаги (32,8%), Дагъистана­лъул Огниги (30,5%), Хасавюртги (28,7%).
ШиргIали ГIалиевас бицана 2013 соналдаса нахъе Дагъистаналда банин 92 цIияб лъималазул ах ва гьабунин 31 азарго лъимадуе бакI. Гьезда гьоркьоса 7465 лъимадуе бакI бугеб 53 ах бана федералияб бюджеталъул кумекалдалъун. «Иргаялда ругел лъималазул 75 процент ккола шагьаразда гIумру гьабулел хъизамаздаса лъимал. Бищун гIемер лъималазул ахал хIажат руго МахIачхъалаялъе. Шагьаразде гочунел дагъистаниязул къадар цIикIкIин буго гьелъие гIиллаги. Росабалъ лъималазул ахал рагьана хасал минабахъ, гьединго гIуцIана къокъаб болжалалда лъимал хьихьулел бакIалги. Гьединал бакIал рагьизе гIемераб гIарац харж гьабизе кколаро. Рес буго цIалдохъаби дагьлъарал школазул рукъзал гьелъие хIалтIизаризеги. Гьеб рахъалъ иш лъикI гIуцIун буго Болъихъ, Гумбет, Казбек, Хъумторхъала, Курах, ЦIияб Лак, Хасавюрт, Хив, Рутул районаздаги Хасавюрт шагьаралдаги», — ян бицана министрасул ишал тIуралес.

Пайдаяб бизнес

Школалда цебесеб лъайкьеялдалъун лъимал хьезариялъе квербакъулеб къагIидалъун гьес рехсана пачалихъияб гIахьаллъигун жалго бетIергьанал лъималазул ахал рагьиги. Гьеб иш Дагъистаналда лъикI гIуцIун бугинги абуна гьес. Муниципалитетазул бутIрул гьеб рахъ цебетIезабиялда тIад ургъизе ккелин бицун букIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул декабралъул данделъиялда республикаялъул экономикаялъул министр Раюдин Юсуповас. Гьес абуна гьеб рахъалде цIикIкIун кIваркьезе кколин МахIачхъалаги, Каспийскги, Хасавюртги шагьаразул нухмалъиялъ. 2017 соналда жалго бетIергьанал лъималазул ахазе субсидиял кьуна цересел соназде дандеккун 10 нухалъ цIикIкIун. Республикаялда гьабсагIаталда лицензия кьун буго 39 пачалихъияб гуреб лъималазул ахалъе.
ШиргIали ГIалиевас лъикIаблъун рехсана «Билдинг-сад» абураб проектги. Гьелда рекъон, гIемертIалаял минабазул тIоцебесеб тIалаялъул 200 квадратияб метралда рагьизе бегьула 25 лъимадуе бакI бугеб лъималазул ах. Гьеб проект гIумруялде бахъинабулев чиясе пачалихъалъ щибаб моцIалъ кьезе буго, субсидия хIисабалда, цо лъимадул хIисабги гьабун, 2300 гъуруш. «Республикаялда буго 0-7 сонил ригьалъул 348 азаргоялдаса цIикIкIун лъимер. Гьезда гьоркьоса 107 азаргоял хьвадула лъималазул ахикье. ЛъебергогIанасев чи хьвадула «хъизамазул къокъабазде». ГьабсагIаталда Дагъистаналда буго 708 лъималазул ах. Советияб Союз биххараб заманалда приватизация гьабуна 44 ахалъул, гьел тIадруссинарун бажаричIо – щибалъул вуго документал кодор ругев бетIергьан. Нижеца кигIан жигар бахъаниги, лъималазул ахикье ирга лъугIизе рес гьечIо, щайгурелъул дагъистаниязул хъизамазда гIемерал лъимал гьарула. Масала, Хасавюрт районалъул лъабго росулъ буго 1000 лъимер. ГьедигIанасеб къадар буго цохIо Лаваша районалда ругел лъималазулги. Дагьлъулебго гьечIо росабалъа шагьаразде гочунезул къадарги», — ян хIасил гьабуна ШиргIали ГIалиевас.

Кумек гьечIого тIубаларо

Школалъул лъайкьеялъул аслияб масъалалъун министрасул ишал тIуралес рехсана лъабго сменаялда хIалтIулел школал дагьлъизари. Гьелъул мурадалда, шагьараздаги росабалъги цIиял школалги ругел школазе тIаде минабиги ралел ругинги абуна гьес. «ГьабсагIаталда лъабго сменаялда цIалулел руго 27 школалъул цIалдохъаби. Гьеб масъала тIубаялъул мурадалда, исана хIалтIизе байбихьана 5270 цIалдохъанасе бакI бугеб 16 цIияб школа. Ран рахъунел руго Эльтавалъулги, 10-абилеб школалъе тIаде минаги, №57 таможняялъул школаги. Ралел руго школал Хасавюрт районалъул Къадиротаралдаги, Къарланюрталдаги, Хъумторхъала районалъул Алмалоялдаги, МухIарамкент районалъул Ярагъ-Гъазмаляралдаги. Жеги щуго школа базе буго тIадеялъулги. Гьелъ рес кьела микьго школалда лъабго сменаялда цIали лъугIизабизе. Жеги 14 школалъул масъала тIубазе ресал ратизе ккола», — ян абуна ШиргIали ГIалиевас.
ТIубачIого хутIулеб буго жагъалал минабахъ хIалтIулел школазул масъала. Гьединаб 133 школа буго республикаялда. Гьезул 17-ялда лъимал цIалулел руго лъабго сменаялда. 2018 соналда 30 жагъалаб школалда гьабизе буго капиталияб ремонт. Гьеб программаялда гъорлъе босун буго ЦIунтIа районалъул Хъебалъ росдал школаги. Цересел соназда бухIана щуго школа, амма гьезие цIияб мина баялъул суал жеги роцIинабун бажаричIо. «Республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас хитIаб гьабуна Москваялде, гьел школал разеги лъабго смена лъугIизабизеги гIарцул кумек гьабеян гьарун», — ан бицана лъайкьеялъул нухмалъулес.

ГIоркь ккурас гьабила
дадил ургъел

ШиргIали ГIалиевасе журналистаз кьуна цо чанго суалги.
— Исана 12 сон тIубана ЦIумада районалъул ТIисси росулъ школа биххаралдаса. Гьеб биххизабуна сентябралде, ай цIалул сон байбихьилалде, школалъе цIияб мина эхетизабизе рагIиги кьун. Амма гьеб бачIо. Школалъул минаго гьечIого, школа лъугIизабуна исанасел выпускниказ. Кинал шартIал яги далилал хIажалъулел, минаби рухIаралги риххизаруралги школазул цIар школал раялъул федералияб яги республикаялъул программаялде яги сияхIалде гъорлъе ине ккани?
— Школалъе цIияб мина базе ккани, гьениб букIине ккола лъабго сменаялда гIуцIараб цIали, ай гьеб букIине бегьуларо дагьал комплектазул школалъун. Гьединал бакIазда школа базе гIарац кьолеб буго федералияб программаялда рекъон. ТIабигIияб яги нагагьаб балагьалдалъун биххараб школалъул бакIалдаги школа базе рес гьечIо. Нужецаго хIисаб гьабе, гIадамалги гIатIиракьалде гочун, гIицIго хутIулеб бакIалда бараб школа лъие хIажалъизе бугеб хадубккун? Лъие гьелдаса пайда букIине бугеб?
— Школаздаса ракIарулел руго рахьдал мацIазул цIалул тIахьал. Абулеб буго, гьел унарин цIалул тIахьазул федералияб сияхIалда гъорлъе. Рахъарал тIахьазул ба­кIалда щиб кьолеб бугеб министерствоялъ цIалдохъабазухъе? Щиб хIалтIизабизе кколеб учителас дарсида?
— Кинабго гьабулеб буго законалда рекъон. Федералияб сияхIалде унареб цIалул тIехь дарсида хIалтIизабизе ихтияр гьечIо. Гьединлъидал рахъулелги руго рахьдал мацIазул тIахьал. Нилъ киналго хIалтIизе ккола законалда рекъон. ЦIалдохъабазухъа рахъарал тIахьазул бакIалда хIал­тIи­заризе бегьула электрониял цIа­лул тIахьал. Гьел лъун руго ГIа­либег Тахо-Годил цIаралда бугеб Да­гъистаналъул педагогикаялъул гIел­миял цIех-рехазул институталъу­л сайталда. Рехсараб институталъу­л гIалимзабаз хIадурарал цIалул тIа­хьазул халгьабулеб буго федералияб министерствоялъул хIалтIухъабаз. КватIичIого, ай 2018 соналъул сентябралде, гьел цIалул тIахьал рачIине руго республикаялде. (ДНИИПалъул гIалимзабазда нижеца цIехана цIиял цIалул тIахьазул хIакъалъулъ. Гьез бицана, цIиял федералиял стандартазда рекъонкколел цониги цIалул тIахьазул рукописал жеги хIадур гьечIилан – ред.).

Умумузул ихтиярал

— Лъайкьеялъул идарабазда цIал­до­хъабазул улбухъа гIарац ба­кIариялда бан, федералияб даражаялдаго ахIи-хIур бахъун букIана. ЦIалдохъабазул улбуз нижехъе хъвалеб буго, гIарац жеги бакIарулеб бугилан…
— Кинабго бараб буго умумузул жигарчилъиялда. Министерствоялде бачIунаро цониги кагъат, хитIаб, жиндир лъимадухъа гIарац тIалаб гьабулеб бугин бицараб. Жидерго ва гIарац тIалаб гьабулев учителасулги школалъул директорасулги цIаралги рехсон, гьединаб хитIаб гьабулеб букIарабани, кьварараб гIадлу гьабизе рес букIинаан. Сункьа хIинкъун рукIине кколел? Нахъасан гаргадичIого, хабар рагьун бицине бажаризе ккола.
Школазда гIуцIун руго улбузул комитетал. Гьезул ихтияр буго, кинаб программаялда ва чанабилеб цIалул планалда рекъон школа хIалтIизе бугебали хIукму гьабиялъулъ гIахьаллъизеги лъималазе камилаб лъай щвеялъул мурадалда, школалъул администрациялъухъа батIи-батIиял дарсал кьеян, кружокал рагьеян ва цогидал жал тIалаб гьаризеги. Амма гьеб рахъалъ гIахьаллъи цIакъ загIипаб буго.
Лъималазул ахикье хьвадулеб лъимадухъ умумузухъа босулеб мухь бищун дагьаб буго Дагъистаналда. Гьеб бараб букIуна лъималазул ахил администрациялдаги гьитIичазул эбел-инсудаги гьоркьоб гьабураб къотIиялда.
— Каспийскалда цIияб школа балаго, бикъана 88 млн гъуруш. Гьеб гIарцухъ щиб гьабизе кколеб букIараб? Щиб гьабичIого хутIун бугеб?
— Школалъе цIияб мина баялъул жавабчилъи тIалъула БакIал раялъул министерствоялде. Суалги кьезе ккола гьезие. Школал разе биччараб гIарац Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялде бачIинего бачIунаро.
ШиргIали ГIалиевас бицана, 2018 соналда ЕГЭялъул тIадкъаял печаталда рахъизе ругин экзамен кьолеб аудиториялдаго ва гьенисанго, сканералдаги риччан, ритIизе ругин Москваялдеги. Гьелдалъун хасаб бухьен, ай пуланаб росулъе МахIачхъалаялде щвезегIан ЕГЭялъул хIалтIаби раччизе хасал машинабиги, хIалтIухъабиги, гьел цIунизе полициялъулалги тIокIалъ хIажалъизе гьечIо.
Бицана гьес министрасул заместителазул штатал дагьлъизаризе ругиланги: гьабсагIаталда вуго анкьго заместитель, РФялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул буюрухъалда рекъон, вукIине ккола лъабго.
Кавсарат Сулейманова