Умумузул ирс - наслабазе дарс
Ихдал рарал чваххунцIадаз хвезарурал нухазда сверухъ бугеб ахIвал-хIал жеги роцIун гьечIолъиялъги, ахираб заманалда росулъ чанго къварилъи ккеялъги, хIалтIул къо букIиналъги цо-цо хаслъи кьуниги, 16 сентябралда Сугъралъ, ХицIиб майданалда тIобитIараб тадбир ана гIезегIан лъикIаб хIалалда. ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб миллияб музеялъул ва росдал жамгIиял жигарчагIазул хIаракаталдалъун гIуцIараб гьеб тадбир хурхинабун букIана Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къоялда ва ана гIелмиябгун практикияб семинар хIисабалда.
Гьелъул букIана кIиго бутIа. ТIоцебесеб тIобитIана росдал гьоркьохъеб школалда. Гьенир школалъул педагогалгун ва цIалдохъабигун дандчIвана миллияб музеялъул, пачалихъияб архивалъул, ДИРОялъул (Дагъистаналъул лъай кьей цебетIезабиялъул институт), мацIалъул ва литератураялъул, тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институтазул гIелмиял хIалтIухъаби, тарихчагIи. Гьез бицана дол соназда Дагъистаналда букIараб хIалалъул, Надир-шагьасул боязулгун ккарал рагъазул, ХицIиб майданалда дагъистанияз босараб бергьелъиялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Суалазе жавабал кьолаго, рехсана гIемерал хIужаби, загьир гьаруна церехун лъалел рукIаралги цIиялги баянал.
КIиабилеб бутIа нухда тIамуна дагъистаниязул цолъарал къуватаз 1741 соналда Надир-шагьасул аскаралда тIад бергьенлъи босараб ХицIиб майданалда 2004 соналда, «Дагъэнерго» гIуцIиялъул генералияв директорлъун вукIарав ХIамзат ХIамзатовас бараб «ВатIан» мемориалияб комплексалда. Гьенир рукIана Сугъралъа хIаракатчагIазул, гIемерал росабалъа вакилзабазул кIалъаял ва ХIамзатовасул гIумруялъул, хIалтIул хIакъалъулъ дагьаб цебе «Эпоха» басмаханаялъ къватIибе биччараб «Созидатель» тIехьалъул цебелъей. Гьенибго гIахьалчагIазе чIезабун букIана миллияб квенги.
ГIахьалчагIазда гьоркьор рукIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатал, Гъуниб районалъул депутатазул собраниялъул ва районалъул росабазул имамзабазул советалъул нухмалъулел, имам Шамилил цIаралда бугеб фондалъул президент, росабазул бегавулзаби, «АхIулгохI», «Вацлъи» ва цогидалги гIуцIабазул вакилзаби, жамгIиял хIаракатчагIи. Киназулго кIалъаязулъ аслияб бицен букIана нилъер миллаталъ (цогидалгун цадахъ) бихьизабураб цолъиялъул, гъункиялъул, бахIарчилъиялъул, гьеб ирс лъазе ва гIолохъанаб гIелалъухъе кьезе ккеялъул. Гьелда цадахъго кIвар кьуна гIадат-гIамал, рахьдал мацI кIочон теялда бугеб хIинкъиялде, гьел цIунизе тIадаб букIиналде. Гьезул цо-цоязда гьарана пикраби загьир гьареянги.

МахIмуддибир Каримов, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат:
- Жакъа нилъее кутакалда хIажат руго гьадинал тадбирал. ГIадада гуро ХIамзат ХIамзатовас гьаниб бараб комплексги, гьанисан байбихьараб гIемераб цогидабги. Нилъер умумузул гIумру-магIишатги, гьезул тарихги, рукIа-рахъинги, гIадат-гIамалги, мацIги дагь-дагьккун кIочон толеб буго. ТечIого букIине ккани, чара гьечIого къваригIуна гьадинал тадбирал. Умумул реццун гIоларо, гьезул нухдасан ине лъазеги ккола. Гьале гьадинал ишаз цIикIкIинабула нилъер гъунки, гьудуллъи, гьуинлъи.
Дун вукIана жакъа гьаниб эхетизе бакIго букIинарин, гIемерал гIадамал рукIинини абун. Цересел соназ гьедин букIиндалха. Гьоркьоб заман иналъги батизе бегьула, дида дагьаб чучлъун бихьана гьединаб бербалагьи. Кин бугониги, дица гьаб иш рикIкIуна лъикIаблъун, хадубккунги гьабичIого гIолареблъун. Гьадинаб данделъи тIобитIизе ккола щибаб соналъ, цIигьабизе ккола кинабго, гьанире ахIизе ккола щибаб росдал вакилзаби.
Пахрудин МухIамадов, республикаялъул Тахо-Годил цIаралда бугеб миллияб музеялъул генералияв директор:
- Дунги гьаб районалдаса ва гьанив хIалтIарав чи вугелъул, ккара-тараб гIезегIан лъикI бичIчIула, лъала. ТIоцебе рехсезе бокьун буго цо хIужа. КIудияб къокъагун цадахъ, Россиялда вугев Ираналъул посол вачIун вукIана МахIачхъалаялде, гьел щвана музеялдеги. Музеялда буго Надир-шагьасулгун ккарал рагъазул хIакъалъулъ бицунеб, гIемерал экспонатал ругеб чанго зал. Гьебги, жакъа нилъер пачалихъалъулги Ираналъулги ругел лъикIал бухьеналги хIисабалде росун, нижер хIалтIухъаналда дица абуна Надир-шагьасулгун ккаралъул хIакъалъулъ дуца гьезда дагьаб тамахго, рекъезабун бицеян. Гьелъги цIакъ магIнаялда гьабуна гьезие экскурсия. Посоласда кинабго бихьана ва бичIчIана. Аслияб хIалтIиги лъугIун, хабар-кIалалда ругеб заманалда, гьес дида гьарана музеялъул цо эркенаб рукъ хIалтIизабизе жидехъе кьеян. Дицаги абуна гьеб бигьаяб суал гурин, гьелда тIад хIалтIизе заман кьеян. КIиго анкьидаса нижехъе ахIун бачIана МИДалдаса (Дагъистаналда бугеб гьелъул вакиллъиялдаса ва культураялъул министерствоялдаса), нужее кьезе ругин гьанжесеб Иран бихьизабизе экспонатал, батейин рес гьезие цо рукъ кьезе абун. Кьуна рукъги, лъуна гьенир экспонаталги. Гьелдаса хадуб нахъеги вачIана посол, гьесда бихьана кинабго ва дида ккола гьев разиго хутIанин абун. Нилъго гIадин гъолги руго къвакIарал рагъухъаби, нилъецаго гIадин дозги цIунула тарих. Амма кинабго букIине ккола бугеб хIалалда. Щиб хисаниги, хисизе бегьуларо тарих. Гьеб бичIчIула нилъедаги доздаги.
Гьаб гIелмиябгун практикияб семинар тIобитIиялъулги буго гьебго мурад - тарих лъай, гьеб цIуни. РукIана лъикIал кIалъаял, кинабго ана цIакъ берцинго. КIудияб магIна букIана росдал школалда гьеб тIобитIиялъулги - нилъеца гьабулеб кинабго хIалтIул мурад буго тIаде гIолеб гIелалда гьеб бичIчIи, лъай, гьезие патриотикияб тарбия щвей.

ХIажимурад МуртазагIалиев, «Вацлъи» гIуцIиялъул правлениялъул член, жамгIияв хIаракатчи:
- Официалияб къагIидаялда гьаб байрам чIезабилалдего нижер къокъаялъ хIаракат бахъана гьелде хIадурлъиялъул хIалтIи гьабизе, чанго нухалъ щвана комплексалде, гьанир тIоритIана батIи-батIиял данделъаби, ракана «Сигналиял цIаял», борхана байрахъ. Нижеца хIадурараб программа кьуна ХIамзат ХIамзатовасухъе, гьес гьеб цIалана Дагъистаналъул халкъазул Съездалда ва гьесул хIаракаталдалъун гьеб къабулги гьабуна. Гьелъул кьучIалда къватIибе бачIана президентасул указ ва 15 сентябрь лъазабуна тIолгодагъистаниязул байрамлъун. Гьаб буго цIакъ хIажатаб тадбир. Амма тIобитIизе ккола дагьаб гIатIидго, тIолабго Дагъистаналъул даражаялда.

МахIач Мусаев, тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан:
- Жакъасеб семинаралда гIахьаллъана цIар бугел гIалимзаби ва тарихчагIи. РукIана цIакъ лъикIал, гъваридал кIалъаял, пайдаял дандчIваял. Щибаб суалалъул рукIунелъул чанго рахъал, дидаги лъана гIемераб цIияб, загьирлъана баяналгун хIужаби. Гьаб буго тарихияб бакI, киналго дагъистаниял гIахьаллъарал дол рагъазулъ нилъер умумуз бихьизабуна хIакъикъияб цолъи ва бахIарчилъи. Нилъеца нилъер тарихги умумулги кIодо гьаричIони, ирсилаз нилъееги лъикIаб къимат кьеларо.
ГIабаш ГIабашилов