ТIолгороссиялъул декоративияб искусствоялъул музеялда гьал къоязда рагьана Унсоколоса ишан кьабулев устар, РФялъул халкъияв художник, ДРялъул искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи ХIамзат ГъазимухIамадовасул тIагIелазул выставка. «Дагъистаналъул чIухIи: ГъазимухIамадовазул наслу» абураб выставка тIо­би­тIизе буго 22 ноябралде щвезегIан.

Выставкаялда буго устарасул нусгоялдаса цIикIкIун тIагIел. Гьеб рагьана ХI. ГъазимухIамадовасул юбилеялъул хIурматалда. Жуланалъул, куракул ва цIулакьодул цIулада ишан кьабун гьарурал ва тIад мельхиорги бекьун къачIарал устарасул тIагIелал цIунун руго ни­лъер улкаялъулги къватIисел пачалихъазулги батIи-батIиял музеяздаги гIадамазул жалго бетIергьанал коллекцияздаги. Москваялъул музеялда руго ГъазимухIамадовазул наслабазул тIагIелалги.

 «Нижер музеялда руго Россиялъул декоративияб искусствоялъул кIудиял коллекциязул цояблъун кколеб ГъазимухIамадовазул устарлъиялъул тIагIелалги. Гьеб выставкаялъ нугIлъи гьабула, наслабаз наслабазухъеги кьун, ансадерил къанагIатаб гьунар цIунулеб букIиналъе», – ян абуна выставка рагьиялъул тадбиралда ТIолгороссиялъул декоративияб искусствоялъул музеялъул директор Татьяна Рыбкинаца.

Ансадерил ишан кьаби загьирлъана XVII–XVIII гIасрабаздаго. XIX гIасруялъул ахиралда гьезул тIагIелал церелъун рукIана Парижалдаги Нью-Йоркалдаги тIоритIарал выставкабазда ва машгьурлъана дунялалдаго. Ишан кьабун гьабулеб накъишалъул букIуна аслияб 13 тайпа. Щивав устарас гьезда тIаде журала жинди-жиндир хаслъи загьирлъулел накъишалъул бутIаби ва гьедин лъугьуна берцинаб, такрарлъи гьечIеб устарлъиялъул хатI. Гьел накъишаз берцин гьарула тIугьдул лъолел вазаби, къадада ралел суратал (панно), гIунсби, хъалиянал ва цогидал тIагIелал. Байбихьуда гьел тIиритIана Дагъистаналде рачIарал гIурус офицерзабазда гьоркьор: гьез гъираялда росулаан ансадерил гIунсбиги хъалияналги.

Выставкаялда гIуцIун буго «Устарасул бокIон». Гьениб бицунеб буго, ишан кьабилелде цебе, цIул хIадуриялъул хIакъалъулъ: гьеб цо чанго соналъ бакъвазабула ва хадуб, гьебги хъухъан, тIагIел хIадурула. Гьелдаса хадуб устарас байбихьула ишан кьабизе. Цо сурат «бахъизе» хIажалъула 100 азаргониги ишан кьабизе.

«Дагъистаналъул махщелал» абураб бутIа­ялда цере лъун руго Табасараналъул халичаби, Кубачиялъул тIагIелал, Балхаралъул щегI ва цIулал тIагIелал. Гьеб бокIон гIуцIун буго ансадерил, хасго ХIамзат ГъазимухIамадовасул гьунар бижиялъе ва гьеб камиллъиялъе квербакъараб хIакъикъат хIисабалда.

Выставкаялде щварав ракьцояв, тохтур Му­хIамад ГIабдулхабировас абуна: «Щибаб халкъалъул буго гIицIго жиндие хасиятаб маданияб бечелъи. Дун чIухIаравги вохаравги вуго дир ракьцояв, пагьмуяв устар, тIадегIанал шапакъатазеги цIаразеги мустахIикъав ХIамзат ГъазимухIамадовасул выставка рагьиялъул тад­биралда гIахьаллъизе щвеялдаса. Гьев ву­го тIадегIанаб къиматалъе мустахIикъал тIа­гIе­лазул автор. КъвакIараб цIулал кесекалъул инсан хIайранлъулеб алат гьабула гьес ва дунялалда тIибитIизабула берцинлъи!

ХIамзатил квераз кьабураб щибаб ишан ккола хинлъиялъулги, хIикмалъиялъулги, рокьулги ва гьунаралъул бакъул чIорал. Гьединлъидал дица гьесие кьуна «ТIадегIанаб кунчIиялъул цIва» абураб каранда балеб гIаламат. Дир хIисабалда, гьев цевего мустахIикъав вуго «ЗахIматалъул БахIарчи» абураб цIаралъе. Бокьилаан, Унсоколо районалъул бищунго борхатаб мегIералда ХI. ГъазимухIамадовасул цIар кьеялъе районалъул нухмалъиялъ тадбирал гIуцIаниги. Бегьилаан пагьмуяв художникасул цIаралда ДРялъул хIукуматалъ премия лъазабуни», - ян пикру загьир гьабуна гьес.

Кавсарат Сулейманова