Новость на родном

ЩУГО СОНАЛДА ЖАНИБ – 180 «МАГНАТ»

           Гьал къоязда Каспийскиялда рагьана «Магнит у дома» ва «Магнит косметик» абурал дармил тукаби.      Республикаялда тIоцебе рагьулеб «Магнит» ПАОялъул тадбиралда гIахьаллъана РФялъул промышленносталъул ва дармил министр Денис Мантуров, ДРялъул бетIерасул ишал тIуразарулев Сергей Меликов, ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатIахI ГIамирханов, «Магнит» ПАОялъул бетIерав директор Ян Дюннинг ва цогидалги.      «Республикаялда гIадамаз цIикIкIун...

Новость на родном

ДАНИЯЛОВ «ВАХЪИЗЕГИ» РЕС БУГО

        МахIачхъалаялъул мэриялъ лъазабуна ралъдал рагIалда, Родопалъул бульваралда, гIадамал тира-сверизе санагIалъи букIинелъун гьениса ГIабдурахIман Данияловасул памятник нахъе босизе бугилан. Гьеб лъезе кIиго батIияб бакIги бихьизабулеб буго: Данияловасул цIаралда бугеб къватIалъул байбихьуда, ай Коминтерна абулеб майданалда, маххул нухлул вокзалалда гIагарлъухъ яги шагьаралъул тIоцебесеб школалда аскIоб.      Шагьаралъул гIадамаз гьелда тIасан пикраби загьир гьаризе бегьула интернеталдасан....

Новость на родном

Меликов магIарухъе щвана

      21 июлалда ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовас сапар гьабуна Шамил ва ЛъаратIа районазде. Шамил районалда гьев щвана чIварал вацал ХIасанхIусеновазул эбел-эмен МуртазагIалихъе ва ПатIиматихъе.     Гьезул васал Набиги ХIасанхIусенги чIвана щуго соналъ цере, 2016 соналъул 23 августалда. Жидеего бетIербахъи гьабун, жамагIаталъул боцIи хьихьун, магIарда рукIарал гьел аскарияз чIвана, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул...

Новость на родном

Инсанияталъего дарс

        Бищун тIагIат-гIибадаталъул рахъалъ камилав, бищун Аллагь разилъулев, бищун кири цIикIкIун щолев бусурманчи ккола, кинаб амру, щиб жо ТIадегIанав Аллагьасулги Гьесул Аварагасулги рахъ- алдасан бачIун батаниги, калам тун гьеб тIубазабулев чи. Гьел ам- рабазулги шаргIиял ахIкамазул магIнаги хIикматги бокьанагIан цIехезе ресги буго бусурманчиясе. МагIнаги хIикматги гьечIеб жо ТIадегIанав Аллагьас нилъеда тIадги къаларелъул, цо-цо...

Новость на родном

Хунзахъа Америкаялда вугев гIалимчи

      Дагъистаналдаса рахъана дунялалдаго цIар рагIарал гIезегIан бахIарзал, космонавтал, конструкторал, гIалимзаби, художникал, спортсменал, тохтурзаби… Гьез бихьулеб лъалкIги тана дунялалдаго гIумру ва гIелму-лъай цебетIезабиялъулъ. СССРалъул ва Россиялъул халкъияб магIишаталъул кинаб бутIа босун балагьаниги, нилъер халкъазул вакилзабаз бихьизабуна чIчIел босизе ругел ресалги гьел гIумруялде рахъинаризе бугеб гъираги.     Дагъистанги гьелъул культураги лъазабизе жидеца саламатаб бутIа лъуразда...

Новость на родном

  24 соналдаса цIидасан бухIана рохь

      Пириги речIчIун, 26 июналда цIа ккана Гьонода росдада нахъа бугеб накIкIирохьоб. ЦIа свинабулеб хъулухъалъул хIалтIухъаби рачIун ва росдал гIадамал гIахьаллъун кигIан жигар бахъаниги, гьеб свинабизе бажаричIо. ГIицIго 7-8 июлалда чвахунцIадал ран хадуб гIодоцана гьеб.    4 июлалда гьенире рачIун рукIана Гъуниб районалда бугеб, рохьилгун цIа свинабулеб хъулухъалъул хIалтIухъаби. Амма кьуру бугеб санагIат гьечIеб...

Новость на родном

«Гьересиял сертификатал ричи такъсир ккола»

         Гьал къоязда республикаялъул журналисталгун дандчIвана РФя-лъул медицинаялъул хIалтIухъабазул профсоюзалъул председатель Анатолий Домниковги ДРялда бугеб гьединабго профсоюзалъул нухмалъулей Зумруд Бучаеваги. Журналистазухъе рачIиналде гьел щвана ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановасухъеги. Гьеб кIиябго тадбиралъул мурад букIана коронавирусалда данде чIезе улкаялдаго гьарулел ругел хIалтIабазул бицин.        Гьелъул хIакъалъулъ бицунаго, Анатолий Домниковас абуна гIадатиял гIадамалго гIадин,...

Новость на родном

Цо гьунаралъухъ – орден, цогидалъухъ…?

     Цо рагъулъ бихьизабураб кIиго гьунаралъухъ цо гурони шапакъат кьоларилан, Бихьинчилъиялъул Орденги кьун тун вуго Шамил Таймасханов.     Амма 1999 соналда гьес хвасар гьавурав 11 рагъухъанас рикIкIунеб буго Таймасхановасе Россиялъул БахIарчиясул цIар кьезе кколин.   ЦИН – ТIАНДО, ХАДУБ – ХАРАМИ        Шамил Таймасхановасул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул рахъалъ Болъихъ...

Новость на родном

ВАКЦИНАЛЪУКЬА ХIИНКЪУЛЕБ ЗАМАН АНА

             Коронавирусалдаса цIунизелъун республикаялда цIидасан гIорхъичIваял гьаризе руго.            6 июлалда республикаялъул нухмалъиялъ тIобитIараб Оперативияб штабалъул данделъиялда бицана пандемия байбихьаралдаса Дагъистаналда хъвай-хъвагIай гьабунин ковидалъ унтарав 36,8 азарго чиясул.          ДРялъул Роспотребнадзоралъул управлениялъул нухмалъулев Николай Павловасул пикруялда рекъон, гьанжегIан гIемерал гIадамал хасалогицин унтун рукIинчIо. Гьелги, аслияб куцалда, 30-59 сонилъ ругел чагIи ккола.        Гьединлъидал Павловасда...

Новость на родном

БукIинеселде гали

         ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда «Шаг в будущее» абураб ТIолгороссиялъул гIолилазул гIелмияб форумалда бергьаралгун дандчIвай тIобитIана.        Исана форумалъул финалалда нилъер республикаялдаса 11 цIалдохъанас гIахьаллъи гьабуна. Гьезда гьоркьоса микьгоял бергьана. КIигоял призераллъунги рахъана. Щугоязе щвана «Школьник изобретатель» ва «Школьник исследователь» абурал каранда ралел гIаламатал. Жеги щугоязе — КIудияб ва ГьитIинаб гIелмиял медалал....