Новость на родном

Психологияб хъулухъалъул загIиплъи

ДРялъул лъай кьеялъул министрасул ишал тIуралев ЯхIя Бучаевас «Дагъистаналъул правда» газеталъул редакциялда тIобитIана прессконференция. Гьениб бицана лъай кьеялъул идарабазда пашманал лъугьа-бахъинал ккунгутIиялъул мурадалда цIалдохъабазе тарбия кьеялъул рахъалъ гьаризе кколел тадбиразул хIакъалъулъ. Гьединаб данделъи тIобитIиялъе гIилла ккана МахIачхъалаялъул №51 лицеялда ккараб пашманаб лъугьа-бахъин. Гьелдаса хадуб, ДРя­ лъул бетIер Сергей Меликовасул тIадкъаялда рекъон, гIуцIун букIана ведомствабазда гьоркьосеб...

Новость на родном

«ГьитIинаб Дагъистаналде» сапар

    ХIайранал кьурдабазул хIикматал бакънал      Гьале доб гьитIинаб Дагъистан. ГIисинал дагъистанияз, жидерго гъуждуздаги лъун, гIагарал мугIрузул тIогьазда лъолеб букIана ВатIан. Гьале дол бахIарчиял умумузул хIикматаб гIел. Гьазул щивасул кверазги, килщазги, беразги, бохдузги, балагьиялъги, гьимиялъги бицунеб букIана гIемермиллатазулаб Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъулги, цолъиялъулги, вацлъиялъулги, тарихалъулги, гIадатал-гIамалазулги хIакъалъулъ. ВатIаналъул гъасда бакараб цIадул гвангъарал хIенхIаллъун ругел...

Новость на родном

«МагIарул игитасул» кьурди гьабизе лъалищ нужеда?

    МахIачхъалаялда буго «ВатIан» абураб кьурдухъабазул фольклорияб ансамбль. Нужер гIемерисезда рагIунги телевизоралдасан рихьунги ратила гьенир кьурдулел гIисинал васалгун ясал. Гьеб ансамблялъе нухмалъи гьабулеб буго ГIали МухIамадгIалиевас. Исана гьес бана 60 сон. 1988 соналда ГIалица гIуцIараб кьурдухъабазул ансамблялъ исана тIубала 33 сон. Араб анкьалда гьезухъе гьоболлъухъ щвана ниж. МахIачхъалаялда, Ярагъиясул цIаралда бугеб къотIноб буго «ВатIан»...

Новость на родном

ГьитIинав «Палугьанасул» кIудияб «ВатIан»

    ДОСЬЕ:   ГIали МухIамадгIалиев гьавуна 1961 соналда Гумбет районалъул ЛъаратIа росулъ. КватIичIого гьесул хъизан гочана МахIачхъалаялде. ЦIалана тахшагьаралъул №38 школалда. Хадув цIалана МахIачхъалаялъул культпросвет училищеялда. ХIалтIана «Лезгинка» ансамблялда. Хъулухъ гьабуна Армиялда. ЛъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультет.   Киса-кибего ГIалил божараб ва ракIрагьараб гьалмагълъун букIана Кьурди. Гьаниб гьеб рагIи кIудияб хIарпалдасан хъваниги бегьила...

Новость на родном

Авар театралъ нуцIби рагьана

    20 октябралда Авар театралда рагьана иргадулаб 87-абилеб театралияб сезон. Гьеб тадбир театралъул хIалтIухъабаз байбихьана, жиндир цIар театралъе кьурав, ЦIадаса ХIамзатил памятникалда цере тIугьдул лъеялдаса.  Къасиялдехун театралъухъ урхъарал магIарулазги, хIатта батIиял миллаталъул театразул вакилзабазги цIуна театралъул зал. Гьенире рачIаразда гьоркьор рукIана батIибатIиял идарабазул нухмалъулел, шагIирзаби, гIалимзаби, журналистал, кочIохъаби ва цогидалги.  Балагьизе рачIаразда театралъул актераз...

Новость на родном

Исанаги хъвана диктант 

 Щибаб соналъул 21 октябралда кIодо гьабула Дагъистаналъул мацIазул ва маданияталъул къо. Гьелда хурхун тIоритIула батIи-батIиял тадбирал, дандеруссинал. ЛъикIаб гIадатлъун лъугьун буго, щибаб соналъ, гьеб байрамалда хурхун Дагъистаналъул мацIазда гIаммаб диктант хъвазе данделъиги. Исанаги хъвана диктант гIемерисел школазда ва цIалул идарабазда. Ас- лияб диктант хъвалел бакIаллъун рукIана ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультет ва ДГУялъул филологияб факультеталъул Дагъистаналъулгун...

Новость на родном

Хасалида дандчIвай гьабизе хIадур руго

      27 октябралда Сергей Меликовасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб Оперативияб штабалъул данделъиялда бицана хасалиде республика хIадур букIиналъул хIакъалъулъ. — Киналго рукъазабахъе хинлъи кьунин абураб баян бачIаниги, гьелда хъвараб къагIидаялъ батулеб гьечIо. Чанги бакIазда гIунгутIаби тIатунел руго, — ян абуна С. Меликовас данделъи рагьулаго.   – Мисалалъе, гъоркьисаго гIадин исанаги рагIалде бахъинабун гьечIо ДагъОгни шагьаралда гьеб...

Новость на родном

Премьерги довго, масъалабиги гъолго

      28 октябралда тIобитIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул сессия   Сессиялъул байбихьуда Халкъияб Собраниялъул депутатаз хIукму гьабуна Сулейман Керимовасул мандат Малик Баглиевасе кьезе, хадур цо-цо бакIазде мировой судияллъун Дагъистаналъул Верховный Судалъ рихьизарурал чагIи гьенир тасдикъ гьаризе.   Маскаби гьечIолъиялъул бадибчIвай     Республикаялъул бетIер Сергей Меликовас бадирчIваял гьаруна Халкъияб Собраниялъул нухмалъиялъе гьез маскаби рачIогойилан. Нуж ругила...

Новость на родном

Беричаб тIабигIат, лъикIал гIадамал

          БатIи-батIиял хъулухъазда хIалтIулаго, дун жаниве щвечIеб къанагIатабги магIарул росу хутIичIо. Гьел руго цоязда цоял релълъинчIел, жидерго хаслъи, магIишат-яшав, къисмат, тарих бугел. Щибаб росдал ракьалда руго тIабигIаталъул хIик­матал бокIнал, тIабигIиял ва тарихиял памятникал.    Амма Алмахъ… Лъабго-ункъо соналъ цеве Ленинаулалдаса алмахъав, цевегосев гьудул ГIалиасхIаб ГIумарасхIабовас ахIун, гьевгун цадахъ ниж ана Алмахъалде....

Новость на родном

Бицун божичIел, бихьун божизе ккола

       Пандемия байбихьаралдаса нахъе Дагъистаналда коронавирусалъ унтаразул къадар 55000 чиясдасаги цIикIкIун буго. 26 октябралда республикаялда коронавирусалъ унтун вуго 154 чи, больницаялдаса рокъове виччан вуго 115-яв, больницаялда вегун вуго 1522 чи, хун вуго анлъгояв. Унтаразул къадар цIикIкIунеб букIин хIисабалдеги босун, 30 октябралдаса бахъараб анкьабилеб ноябралде щвезегIан гIодоркъоялги кьолел руго нилъее. Гьединлъидал лъикIаб букIинаан гьел...