Премьерлъун ГIамирханов вихьизавуна   

 

  Республикаялъул цIияб хIукуматалъе нухмалъи гьабизе Сергей Меликовас цIар чIвана гьанжелъизегIанги гьеб хъулухъалда вукIарав ГIабдулпатахI ГIамирхановасда.

28 октябралда тIобитIизесеб Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессиялда гьоркьоб лъезе буго гьесул кандидатура.

14 октябралда республикаялъул нухмалъулевлъун вищун хадуб Сергей Меликовас гъоркь букIараб хIукумат хъулухъалдаса гIодоб чIезабуна (ДРялъул Конституциялъ тIалаб гьабухъе).

ДРялъул хIукуматалъул председателасул ишал тIуразаризе ГIамирхановасда тIадкъан букIана 2020 соналъул 11 декабралда.