ТIасияб соналде бюджет къабул гьабуна

 

  22 декабралда тIобитIараб ДРялъул Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессиялда къабул гьабуна тIасияб соналде гIуцIараб республикаялъул бюджет.

   Гьелъулъ аслияб бакI ккола медицинаялъ, спорталъ, лъай кьеялъ ва социалияб рахъалъ гIадамал цIуна-къаялъ.

   Цебесеб нухалда гьеб гьоркьоб лъедал, депутатаз гьарурал тIасанкIалъаялги хIисабалде росанин гьанжеян бицана бюджеталъул, финансазул ва налогазул рахъалъ комитеталъул председатель Марат Ильясовас.

   Гьедин, лъай кьеялда хурхун гьарулел харжазе биччазе буго тIадеги 4,1 млрд гъурущ. Гьелда гьоркьоса 567 млн гъурущ буго мугIалимзабазе кьолеб мухьалде тIаде жубазесеб гIарац, 264 млн гъурущ харж гьабизе буго лъай кьеялъул учреждениязда ремонт гьабизе, 70 млн гъурущ кьолеб буго классалъул нухмалъулезе бачIунеб гIарцуда тIаде.

   Социалияб рахъалъ халкъ цIуниялъе гьарулел харжал рахунел руго 570 млн гъурщиде. Гьелда гьоркьоса 405 млн гъурущ харж гьабизе буго гIадамазе жанир чIезе рукъзабазул суал тIубаялъе. 30 млн гъурущ кьезе буго язихъал хъизамазе цо нухалда кьолеб гIарцуда тIаде.

   МРОТалъул роцен 13890 гъурщиде щвезегIан цIикIкIинабизеги хIукму ккана гьениб. Сессиялда гьоркьор лъун рукIана цогидал суалалги.

 

 НИЖЕР МУХБИР