ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъ республикаялъул учительзаби ахIулел руго «Росдал учитель» абураб пачалихъияб программаялда гIахьаллъизе. Гьелда рекъон росдал школалда хIалтIизе ине разилъарав учителасе кьолеб буго миллион гъурущги.
Программаялда гIахьаллъизе бокьарав учителас цIализе ккола 2020 соналъул 29 августалда ДРялъул хIукуматалъ гьабураб №185 хIукму. Гьенир рехсон руго проекталда гIахьаллъизе ккани, цIунизе кколел шартIазул хIакъалъулъ баянал. Къокъго абуни, гьелъие хIажалъула педагогияб тIадегIанаб лъай ва 55 сонил ригьалде вахарав гьечIолъи. Гьелде тIадеги, хъвай-хъвагIай гьабизе ккола http://zemteacher.apkpro. ru/ порталалда, тIаса бищизе ккола ракIрекъараб школа ва гьенибго тезе ккола программаялда гIахьаллъизе рес кьеян абураб хитIаб.
Исана хIадурун буго 95 чиясе бакI. 2021 соналъул сентябралдаса нахъе жинца гIумру гьабулеб бакIалъул школалда хIалтIулев вугев учителасул ихтияр букIунаро, «Росдал учитель» абураб программаялда рекъон, гьебго муниципалитеталъул цогидаб росулъе хIалтIизе ине.
Росдал учитель» абураб порталалда хитIабал къабул гьарулел руго 30 апрелалде щвезегIан. Документал къабул гьарула Дагъистаналъул лъай кьей цебетIезабиялъул институталда (ДИРО) – тIоцебесеб апрелалдаса 31 маялде щвезегIан.
Конкурсалда гIахьаллъизе къваригIуна гьал хадусел документал: гIарза (порталалда бихьизабун буго гьеб хъваялъул къагIида), паспорталъул, тIадегIанаб лъай бугеблъи тасдикъ гьабулеб документалъул (дипломалъул), захIматалъул книжкаялъул копияби, автобиография, судалда ккеялъул яги ккунгутIиялъул ва уголовнияб цIех-рех гьоркьоб къотIизабиялъул хIакъалъулъ справка, снилс, электронияб захIматалъул книжкаялдасаги банкалъул лицевой счеталъулги баянал, персоналиял баянал, хIалтIизе ихтияр кьолин абураб хитIаб. Киналго документал къабул гьарун рукIине ккола нотариусалда.
Суалал ругони, кIалъай гьаб телефоналде: 8 8722 67 84 71.
ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул пресс-хъулухъ