Инфляцияги, базарги, хъапустIаналъул килоги

 

    Газеталъул щибаб номералда гIадин нижеца бицунеб буго республикаялда кванил нигIматазул багьаби хIатталдаса ун хиралъулел рукIиналъул хIакъалъулъ. БицинчIого тIубалеб хIал гьечIелъулха. Чакар-конфет, нису-нах, хъапустIан ламадур, хIатта чедгицин — кинабго жо буго хиралъун. РаччлитIа буцараб чадил багьа жакъа буго 80 гъурущ. Рахьдал цо литрадул багьа нусго гъурщидаса тIаде ана. Чакарги хиралъун буго. Семечкадул нахул цо шишаялъул оптовияб багьа буго базаралда — 180-200 гъурущ.

 

  Гьайгьай, гIадамазул рахIатги хвезабун буго гьеб киналъго. Мукъсанаб гурони харжги щолареб, щибаб къоялъ гIадин росизе кколел кванил нигIматалги ругони, гIадатияб халкъалъги щибха гьабилеб.

   Монополиялда данде чIараб хъулухъалъул (УФАС) нилъер республикаялда бугеб идараялъул нухмалъулев Каир Бабаевасул рагIабазда рекъон, багьаби рахиналъул гIайиб я росдал магIишаталъул нигIматал гIезарулел чагIазда ялъуни ричарухъабазда гуро бугеб. Бищунго кIудияб гIайиб буго дармида жаниб гьоркьохъанлъи гьабулезда ва учузго босун къайи хираго бичулел спекулянтазда

   — Гречка ва цогидабги крупа буго 49 проценталъ хиралъун. Чакаралъул кило хиралъана 42 проценталъ. 50 гъурщиде букIараб гьеб гьанже буго 84 гъурщиде. Бугеб ахIвалхIалалда рекъон, нилъее тIокIаб рес гьечIо кванил нигIматазул багьа цо бакIалда чIезабичIого. Гьедин бихьизабун буго законалдаги. I0 проценталдаса цIикIкIун багьаби хиралъулел ругони, багьаби чIезаризе ккола, — ян бицана К. Бабаевас.

   Республикаялъул росдал магIишаталъул министр Батал Баталовасдаги бичIчIулеб гьечIо нилъерго гьанир гIезарулел пастIадул нигIматал щай хиралъулел ругелали.

   — Гьал къоязда гьеб суалалда тIасан нижер хабар ккана районазул нухмалъулезулгун. КъотIи ккана 50-60 гъурщидаса хираго хъапустIаналъул кило бичизе биччангутIизе. Ламадур, къватIиса бачIуна, хъапустIан бугоха нилъерго гьаниб гIезабулеб нигIмат. Щай гьеб гьедигIан цIакъ хираго бичизе кколеб? Гьеб битIун гьечIо, — ян абуна Б. Баталовас.

   Лъугьун бугеб ахIвал-хIалалда бан гьадинаб пикру загьир гьабуна экономист Халил Халиловас:

— ЛъагIалил инфляция 25 проценталде бахине буго исана. Гьелдаго цадахъ кинабго жоги хиралъулеб буго. Гьеб буго тIоцебесеб гIилла.

КIиабилеб гIилла ккола нилъги тIолгороссиялъул базаралда гъорлъ рукIин. Дагъистаналъул базар жибго жиндаго чIараб, я жанибе, я къватIибе нух гьечIеб бакI гурелъул. Цоцада рухьарал чагIи ккола нилъ.

  Гьединлъидал хъапустIанги кигIан нилъер гьаниб гIезабулеб нигIмат букIаниги, Россиялъул базаразда бугелда рекъон чIезабула гьелъул багьаги.

Нилъер гьанибе къватIисан бачIунеб къайи-цIаги кванил нигIматалги къотIизаруна, логистикаялда жанирги гIунгутIаби руго, гьелда рекъон хиралъичIого букIинищ хъапустIанги цогидаб нигIматги?

   Гьениб щибниги тIокI борчIараб, гIажаиблъи гьабизе жо бихьулеб гьечIо дида. Гьеб буго гIадатияб экономика. ГIадамазул хIажалъи цIикIкIун буго бичулеб жоялдехун.

   ХIасил, инфляцияги жанисеб базаралда бугеб ахIвал-хIалги гьеб кIиябго ккола жакъа багьаби рахиналъе гIилла. Инфляцияги чIезабизе кIвезе гьечIо. ХIукуматалъ рагьун абуна жидеда гьеб микьго проценталда чIезабизе кIвечIилан. ЛъагIалил ахиралде инфляция 25 проценталде щвезегIан цIикIкIине букIин хIакъаб жо буго, — ян рикIкIунеб буго Халил Халиловас.

Рамазан моцIги щолеб буго тIаде. Къирун-къарун кIалккун моцIги уна, кIалбиччанкъоялдехун жеги багьабиги хира гьаризе руго. Гьебги гIадатлъун лъугьараб жо гьечIищха.

    «Щибаб жо гIемерлъанагIан гIадат буго учузлъулеб», — ин хъван букIана ЦIадаса ХIамзатица. «Щибаб жо хирлъарабгIан гIадат гьечIо учузлъулеб», — илан абизе кколеб хIал лъугьун буго жакъа нилъеда сверухъ.

А. Юсупов