Лъайги тарбияги батIа тIоларо

 

   Гьанжесеб заманалда лъималазе тарбия кьеялъул жавабчилъи гIицIго эбел-инсуда бараб бугин, лъай кьей гуреб школалдаги тIадаб гьечIин абулеб рагIула гIемерисел учительзабаз. Тарбия кьеялъул кинабниги жавабчилъи тIаса рехизе хIаракат бахъула цо-цо школаз. Лъай кьейгун цадахъ, гьелдаго бащадаб даражаялда тарбиялдеги кIудияб кIвар кьолеб бакIлъун ккола Ленинкент поселокалда бугеб №35 гимназия. Аслияб къагIидаялъ патриотикияб тарбия кьеялде кIвар кьолеблъун рикIкIаниги, тарбия кьеялъул киналниги рахъал жанире рачуна рехсараб школалъ. ЦIалдохъабазе патриотикияб ва рухIияб тарбия кьеялда, республикаялдаго цIар рагIарал, махщел камилал учительзабазул коллектив гIуцIиялда тIад 50 соналъ свак гьечIого хIалтIана №35 гимназиялъул директор Чакар Мажидова.

«№35 гимназия» МБОУ ккола РАОялъул (Россиялъул лъай кьеялъул академия) лъай кьей цебетIеялъул стратегияб институталъул хIалбихьиялъулгун экспериментал тIоритIулеб школа. 2019 соналда РАОялъ гIуцIун букIана тарбия кьеялъул мисалияб программаялъул хIалбихьи (апробация). Гьелда гIахьаллъана №35 гимназияги. ДРя­лъул халкъияб лъай кьеялъул отличник, тIадегIанаб категориялъул учитель, тарбия кьеялъул рахъалъ завуч Наида ГьитIиновалъул жигаралдалъун гьеб программаялъулъ гIемерал хиса-басиялги гьаруна. 2020 соналда школазда хIалтIизабизе РАОялъ бихьизабураб тарбия кьеялъул программаялъе аслулъун босана Ленинкенталъул гимназиялъул «Возвращение к истокам» абураб программа. Гьелъул кьучIалда гIуцIараб цIияб программа бищунго лъикIаблъун рикIкIана ва гьеб лъуна ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул сайталда. МахIачхъалаялъул УОялъул амруялда рекъон, тахшагьаралъул школазул тарбия кьеялъул программабазул хал гьабулей экспертлъун тIаса йищана Наида ГьитIинова. Ленинкенталъул №35 гимназия абуни, тана МахIачхъала шагьаралъул школазул тарбия кьеялъул хIалтIул центрлъун.

 

 

Церехун унезе кумекалъулаб квер

 

    Наида Къурбановна 11 соналъ хIалтIулей йиго тарбия кьеялъул рахъалъ завучлъун. Гьелдаса цее 14 соналъ вожатыйлъунги хIалтIана. Жийгоги цIалараб школалъул тIалаб жиндирго рукъалъул кинниги гьабулеб буго Наидаца. Наидал умумул ккола Шамил районалъул ГIуриб росулъа. Школалда цIалулеб заманалдаго ругьунлъана гьей тарбия кьеялъулаб ва нухмалъиялъулаб хIалтIуде.

    «Дун йохарай йиго дир наси­хIат­чIужу, нухмалъулей, кура­тор, дида кинабго хIалтIи малъарай Чакар Мажидовагун хIал­­тIу­лей йикIаналдаса. Гьеб дир битI­ккейлъун рикIкIуна дица. Чакар Мажидовнаялъу­л гIадаб жигарчилъиялъул, гIуцIару­хъанлъиялъул махщел бугел цогидал нухмалъулел гIумруялъго рихьичIо дида. Гьелъ квербакъун ва малъа-хъваял гьарун рукIинчIелани, дун жакъа гьадинаб даражаялде яхинароан, дидаго ракIчIей букIинароан. Чакар Мажидовнаялъ кидаго абула: «Церехун унезе кидаго хIажат буго кумекалъулаб квер», — илан. Нагагь кинавгIаги чиясулъ гьунар, пагьму бихьани, гьезухъе кумекалъулаб квер нужецаги бегьеян малъула гьелъ нижеда.

Хасго ракI бохула батIи-батIиял конкурсазулъ гIахьаллъулелъул ниж гIемерисезда лъалел рукIиналъ. 35 гимназиялъул цIар бахъарабго, Чакар Мажидовалъул школайин абун гара-чIваризе лъугьуна гьел нижеда», — ян бицана Наида ГьитIиновалъ.

Наида ГьитIинова №35 гимназиялда хIалтIулелдаса исана 26 сон буго. Гьелъ махщалида нухда бачунеб буго школалъе тарбия кьеялъулаб пиша. Жиндирго хIалтIул аслияб мурадлъун Наидаца рикIкIунеб буго тарбия кьеялъул хIалтIул къагIида тIадегIанаб даражаялда гIуцIи. Гьеб хIалтIул аслулъунги ккола щивав цIалдохъанасулъ лъикIаб хасият куцаялъе, гьев цеветIеялъе шартIал гIуцIи.

«БукIинеселде гали» гIелмиябгун цIех-рехалъулаб конференциялда гIахьаллъи гьабулаго, Наида Къурбановнаялъ цIалдохъаби ругьун гьарула батIи-батIиял бакIаздаса информация балагьизе, гьелда тIад хIалтIизе. ТОКСалъул передачаби рахъулелъул краеведениялъулабгун цIех-рехалъулаб хIалтIи гIуцIизе квербакъула.

Тарбия кьеялъул рахъалъ директорасул заместителалъул нухмалъиялда гъоркь школалда гIуцIун буго «Светофор» ЮИДалъул (гьитIинал инспекторазул хьвади) агитбригада. Республикаялъул ва шагьаралъул къецазда тIадегIанал бакIал щола гьезие.

ГьитIиновалъ нухмалъулеб буго школалъул «СССР» абураб КВНа­лъул къокъаялъе. МахIачхъалаялъул КВНалъул школалъулаб финалалде борчIана «СССР» къокъаги.

Наида ГьитIиновалъул нухмалъиялда гъоркь №35 гимназиялда гIуцIун руго «Бергьенлъиялъул волонтерал», «Юнармия» абурал къокъабиги. Гьез гIахьаллъи гьабула «Хвел гьечIеб полк», «ЛъикIлъи гьабе», «ХIалуцараб ракI», «АскIосезе кумек гьабе» ва цогидалги тIолгороссиялъул акциязда. 2015-2019 соназда жаниб ГьитIиновалъул нухмалъиялда гъоркь хIалтIулел классалъул лъабго нухмалъулей «Самый классный классный» абураб къецалда тIадегIанал бакIазе мустахIикъалъана.

ХIалтIуде бугеб гъира-шавкъги рокьиги бихьула цIалдохъабазе тарбия кьеялде Наида ГьитIиновалъ гьабулеб кIваралъулъ. Свак гьечIого хIалтIулей завучалъул къимат гьабула цIалдохъабазул эбел-инсуцаги цадахъ хIалтIулезги.

   Наидае гьоркьохъеб лъай щвана жийго хIалтIулеб гимназиялда. ДГПУялъул историялъул факультетги лъугIизабун, жиндирго гIагараб школалъе хъулухъ гьабулеб буго. Дагьаб цебегIан республикаялда тIобитIараб «БукIинеселде гали» абураб къецалда «ХъахIал халгIатал ретIарал малаикзаби» абураб ГьитIиновалъул ахирисеб хIалтIиялъеги тIоцебесеб бакI щвана. Жиндирго хIалтIулги гIагараб хъизамалъул хIакъалъулъ кинниги бицуна гьелъ:

«Дир хIалтIулаб къо цIакъ гьайбатго ва гIажаибго хехго уна. Радалго Чакар Мажидовнагун дандчIвала, хIалтIул аслиял масъалабазул хIакъалъулъ пикраби дандрала гьейгун. Хадуб цIалдохъабазул ретIа-къаялъул хал гьабула. ЦIалдохъаби васазул данде гьабураб къокъагун, низам цIуниялъул хIалтIи цадахъ рекъон гьабула. БатIи-батIиял тадбиразде хIадурлъула. Цояб къо цогидалда релълъараб букIунаро. Классалъул нухмалъулелгун дандчIвала, кинабгIаги захIмалъаби ругони гьеб бакIалдаго тIуразе хIаракат бахъула. 1800 цIалдохъан вугеб школалда киналго мисалияллъун рукIине рес гьечIелъул, захIмалъабиги дандчIвачIого хутIуларо. Нижеца тIоцебесеб иргаялда захIмалъаби тIуразе яхI бахъула. Завуч хIисабалда дирго хIалтIи бухьинабула цIалдохъабазе битIараб тарбия кьеялда. БитIараб бицине, жидерго гъалатIал рукIин мукIурлъизе, гьелги ритIизаризе ругьун гьарула цIалдохъаби. Рокъобги школалдаги кьолеб тарбия цоцада бухьараб букIине ккола. Эбел-инсуцаги школалъги хIалтIи цадахъ рекъон гьабулеб гьечIони, къадру бугев инсан гIезавун бажаруларо.

Жакъасеб къоялда гьабизе хIисабалде босараб хIалтIиги бащдаб нухда рехун тун чIезе дихъа бажаруларо. Цо-цо мехалда цIакъ свакала, цогидаб мехалъин абуни, хIалтIудаса рокъое инецин бокьуларого йикIуна», — ян.

Гимназиялда цIалдохъабазулгун гьабулеб тарбия кьеялъул хIалтIул ва республикаялъулго школазе мисалияблъун бихьизабулеб программаялъул хIакъалъулъги бицана ГьитIиновалъ.

— Исанасеб программаялъулъ тарбия кьеялъул чанго батIияб рахъалде кIвар кьолеб буго. Гьелда рекъон, школалъ цIалдохъабазе кумек гьабула букIинесеб махщел тIаса бищизе, эбел-инсулгун хIалтIи гIуцIула, экспедициял, экскурсиял, батIи-батIиял сапарал тIоритIула, сахлъи цIуниялде кIвар кьола ва цогидалги кIвар бугел хIалтIаби гьарула. Тарбия кьеялъул рахъалъ церелъурал масъалаби тIуразе ва цIалдохъаби гIадамалъе рахъинаризе гIоло гьезулъ напсалъул, гIадамазда гьоркьор хьвада-чIвадиялъул ва хъизамалъул культура куцала.

   Гимназиялъул тарбия кьеялъул рахъалги хIисабалде росун, щивав классалъул нухмалъулес гIуцIун буго классалъе тарбия кьеялъул жиндирго программа: «Бергьенлъиялде нух», «Ниж – улкаялъул букIинесеб», «ТалихIал ракIазул планета», «Адабалъул тарбия» ва цогидалги. Гьел программаби бищунго лъикIаллъун рехсана республикаялда тIобитIараб абураб къецалда. №35 гимназиялъул учительзабаз тIадегIанаб махщел бихьизабуна гьеб къецалда. 2015 соналда гьениб «Самый классный классный» республикаялъул къецалда тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана Т. ХIасанхIусенова, 2017 соналда кIиабилеб бакI щвана Рашия Устархановалъе, 2019 соналда Камила ГьитIинова тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана.

 

Умумузул нухдасан

 

— ГIемерисезда ракIалде кколеб батила, нижер гимназия патриотикияб тарбия кьеялде буссинабураб буге­лъул, гIицIго ТОКСалъул хIалтIиги гьабун, гьелда гIей гьабун чIун, цогидаб рахъалде дагьго гурони кIвар кьолеб батиларин абун.

1990 соналдаса нахъе гимназия ккола лъималазулгун гIолилазул туризмалъул ва краеведениялъул республикаялъулаб централъул базовияб школалъун. Нижер гимназиялъул аслияб рахълъун ккола Рагъулабгун патриотикияб тарбия кьей. Республикаялъулго ТОКСазул штабалъул аслияблъунги гIадада гуро нижер школа рикIкIунеб.

1993 соналдаса нахъе гимназиялда хIалтIизабулеб букIана Чакар Мажидовалъул нухмалъиялда гъоркь нижерго творческияб къокъаялъ гIуцIараб «Умумузул нухдасан» абураб программа. Гьеб программаялъулъ рагьун рукIана тарбия кьеялъул киналниги рахъал.

2019 соналда ниж ритIана Ставрополалде – школазда тарбия кьеялъул цIияб программаялъул хIалбихьизе. Гьеб программа бихьидал, гьадинабгийищ хIалтIи букIунебан абун, ццим бахъун йикIана дун. Гьеб программаялъулъ букIинчIо нижер ТОКСалъул патриотикияб пиша. Дица гьезда гьикъана нижер патриотикияб программа киб хIалтIизабилеб абун. ЛъагIалидасан гьеб программаялда гъорлъе бачун батана нижеца кидаго хIалтIизабулеб букIараб патриотикияб тарбия. ЦIияб программаялде тIаде жубан батана «Щивасул цIар ракIалда буго» абураб бутIа. Гъоркьиса, цIиял стандартазда рекъон, Дагъистаналъулго школазда тIадкъана, нижер программаги кьочIое босун, гIуцIараб патриотикияб программа хIалтIизабизе.

1993 соналдаса нахъе школалда букIана «Ирсилал» абураб лъималазул жамгIияб гIуцIи. Пионерлъиялдаса хадуб хIажат букIана, цадахъ рекъон, лъикIал пишабазулъ гIолеб гIел гIахьаллъизабизе. «Ирсилал» гIуцIиялъул буго жиндирго гимн ва эмблема. «Ирсилал» къокъаялъулъе росула, цере пионерлъиялде росулел рукIаралго гIадин.

«МугIрузул гIадатазда рекъон гIумру гьаби» абураб ахIиялда гъоркь хIалтIи гьабула цIалдохъабигун.

 

Пачалихъалда жаниб пачалихъ

 

    Тарбия кьеялъул хIалтIул асли­яб бутIалъун ккола киналго классал школалъул гIаммал тад­бираз­да гIахьаллъизари. Гьелъ цIал­­дохъабазул хасият ва пагьму це­бетIезабула, щибаб класс — школалъул бутIа тIезабизе бегьулареб бу­тIалъун букIин бихьизабула. ЦIал­дохъаби ругьун гьарула школалъу­л лъай кьеялъулъ гIахьаллъизе. ЧIа­хIиязда аскIор, гьезда рекъон, жам­гIияб гIум­рудулъ гIахьаллъизе ругьунлъула цIалдохъаби. Гьелъи­е гIоло школалда цIалдохъабазда гьор­кьор гIуцIула рищиял. Гьез тIа­са вищизе ккола цевехъан, ай гимназиялъул президент. Гьединго гIу­цIун буго щуго комитетги, тIаса ри­щула батIи-батIияб рахъалъул ми­нистралги. ЦIалдохъабазда гьоркьоб самоуправлениялъул къагIида гIу­цIиялъ рес кьола гимназиялда лъикIаб ахIвал-хIал цIунизеги цIал­дохъабазул лъикIал хасиятал це­ретIезаризеги. Пачалихъалда жаниб пачалихъ гIадаб бакI бугин нилъер гимназияйин абула нижеца цоцада.

Гимназиялъул самоуправлениялъул хIаракаталдалъун тIоритIула: «Бице, киб хвел бичулеб бугебали», «РДШгун зарядка», «ЛъикIлъиялъул дарсал» «БацIцIадаб росу» абурал акциял, «Сталинградалъул рагъул», «КIудияб ВатIанияб рагъул» хIакъалъулъ хIаял, спортивиял къецал ва цогидалги тадбирал.

Гимназиялда тарбия кьеялъул хIалтIи гьабула Наида ГьитIиновалъ, социалияй педагог С. Ашибовалъ, психологал М. ХI. МухIамадовалъ ва М. М. МухIамадовалъ, вожатая П. МухIамадовалъ, библиотекаялъул хIалтIухъаби Марият Эфендиевалъ ва Асият Набиевалъ, медсестра У. ГIумаровалъ, классруказул МОялъул нухмалъулей Р. ГIабдурахIмановалъ, классазул ва кружоказул нухмалъулез.

 

Музеязул къецалда тIоцебесеб бакI

 

   Гимназиялда тарбия кьеялъул хIалтIи гьабула «МугIрузул гIадатазда рекъон гIумру гьаби» абураб ахIиялда гъоркь. 40-ялдаса цIикIкIун соналъ гьеб хIалтIи гьабулеб буго «ВатIан» («Отечество») абураб ТIолгороссиялъулаб школазул краеведениялъул 19 рахъги хIисабалде босун. Дагъистаналъул халкъазул бищунго лъикIал гIадатазда рекъон цIалдохъабазе тарбия кьей ккола гьелъул мурад. Кинабниги школалда буго 63 отряд.

Гьеб хIалтIул хIасиллъунги ккола музеялъул ункъо батIияб зал гIуцIи: рагъулаб реццалъул, Дагъистаналъул халкъазул этнографиялъул, художествиябгун графикияб ва «Дагъистаналъул росабалъ».

Къиматаб тIагIел бакIари гуребги, гьениб гьабулеб буго музей гIуцIаралдаса нахъе школалъул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIайги. Школалъул музей буссун буго цIалдохъабазе тарбия кьолеб централде. Гьениб гIуцIун буго ТОКСалъул 10 отряд. Гьединго музеялъул руго кабинетал – филиалалги.

  2016 соналда республикаялъулго РДШязда гьоркьоб 10 пилотнияб школалде гьоркьобе унаан №35 гимназияги. Хадусеб соналда гьеб лъугьана РДШялъул Дагъистаналда бугеб аслияб школалъун. РДШя­лъул баракаталдалъун школалъе рес щвана федералиял проектазулъ гIахьаллъизе ва улкаялъул бищунго лъикIал школазул хIалбихьиялдаса пайда босизе. Масала, РДШялъул проекталда рекъон, гимназия гIахьаллъана музеязда гьоркьоб тIобитIараб тIолгороссиялъул къецалда ва мустахIикълъана тIоцебесеб бакIалъе. Федералиял проектазда гIахьаллъулаго, батIи-батIиял къецазда тIоцересел бакIалги щвана цIалдохъабазе.

 

Педагогал ва эбел-эмен

цадахъ рекъон

 

   РДШялъул хIалтIулъ кIвар бугеблъун ккола гражданияб хIаракат. Гьелда рекъон цIалдохъаби ругьун гьарула лъикIал ишазде, социалиял, экологиял, культуриял пишабазде.

2017 соналда №35 гимназиялда гIуцIун рукIана «Бергьенлъиялъул волонтерал», хадуб «ЛъикIал ракIал» абурал отрядал. Лъималаз гIахьаллъи гьабула батIи-батIиял гурхIел-рахIмуялъул тадбиразда. РДШялъ рес кьуна цIияб мультимедияб къагIидаялде ругьунлъизеги. «Память жива», «Мы уходили на войну», «Голубь мира» ва цогидалги видеороликал рахъана ва социалиял гьиназдасан тIиритIизаруна цIалдохъабазул хIаракаталдалъун.

  Гимназиялъул щивав цIалдо­хъанасе рес буго, бокьараб рахъги тIаса бищун, гьелда рекъон цеветIезе. Гьезул пикрабазухъ ва анищазухъ гIинтIамун, кумекалъулаб квер гьезухъе бегьизе кидаго хIадурал руго гимназиялъул педагогал. ТIолгороссиялъул акцияз, цадахъал ишазулъ хIаракат бихьизабулел къояз, форумаз, слетаз, хIаяз цолъизарула тIолалго цIалдохъаби, педагогал ва эбел-эмен. Педагогал ва эбел-эмен цадахъ рекъон кьола гIолеб гIелалъе тарбия.

ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА