«ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ ракI-ракIалъ баркула Рамазанова ПатIиматида гIумруялъул гьайбатаб юбилей. Республикаялъул магIарул радиоялде ячIун, гIолохъанай ПатIиматица 63 сон кьуна магIарул халкъалъе дунялалъул ва республикаялъул гIумруялъул, хирияб миллаталъул ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицунаго. ДАССРалъул ва Россиялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIу хъан, махщелчIужу, захIматалъул ветеран, жамгIияй хIаракатчIужу, ПатIиматил радиоялдасан пасихIго чвахун бачIунеб берцинаб гьаракьалъ рекIее гьабулеб гIажаи баб...
