Новость на родном

Гуниялдаса ИсхIакъил нух

  Бокьараб росулъ рукIунел ратила, щиб кканиги аскIоре унел, киназго адаб гьабулел гIадамал. Гьединаллъун Казбек районалъул Гуни росулъ ккола НагIатовалги. Гьеб росулъ буго киданиги къунареб ва кидаго росуцоязул хIажалъи тIубалеб «НагIатил иццги». Гьединабго къин гьечIеб бугин абула гьезул тухумалъул росдае ва росуцоязе кумек гьабизе бугеб гъираги. Гьезул вакил, гIемерал соназ росдал колхозалда шоферлъунги хIалтIун, гьабсагIаталда...

Новость на родном

ЦIуне тIабигIаталъул гьайбатлъи!

    ДФИЦалъул Каспиялда цебе бугеб Биологиял сурсатазул институталъул Ракьулгун хурдузул лабораториялъул нухмалъулев, биологиял гIелмабазул кандидат, доцент, ДРялъул ТIабигIат цIуниялъул мустахIикъав хIалтIухъан Рамазан МуртазагIалиев ккола ЦIумада районалъул Гъоркь Гьаквари росулъа. Эбел – медицинаялъул хIалтIухъан, акушерка, эмен – шофер. Эбел-эмен хIалтIулел рукIана райцентралда, Агъвали росулъ.  28 сон барав Рамазаница цIунана биологиял гIелмабазул кандидатлъиялъе диссертация.    ...

Новость на родном

«Шамил тарихалдаса араб заманго букIинчIо»

      Республикаялъул миллиял газетазул коллективалгун дандги чIван, гьал къоязда нижер редакциялдеги вачIун вукIана Виктор Быстров. Гьев ккола гIурус миллаталъул рахъалдаса имам Шамилил цIаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб фондалде вищарав вице-президент. Шамилида хурхун фондалъул хIалтIи гьес машгьур гьабула Гъизляр мухъалда. Журналистазулгун дандчIваялда Быстровас бицана КIудияв имам гьавуралдаса 225 сон тIубаялъул юбилеялда хурхун дагьалъ цебегIан ДРялъул...

Новость на родном

 «МагIарулазул ярагъ: хвалчабигун тункIихер, хадур — гIарадаби ва ракетаби»

    Хвалчаби Кавказалде Россиялдасаги цере щвана     «Дагъистанияс живго мурадалде щваравлъун рикIкIунаан йокьулей чIужуги, гъабардаязул чуги, базалай абураб ханжарги, мадьяразул туманкIги бугони», — ян хъвалеб буго гIалимчи ХIасан Алкъадарица.   Мадьяразул тункIил (гьелда абулаан мажариланги) бакIлъи букIана 18 килограмм. Гьелда мажарин абиялъе гIиллаги букIана – нилъер умумул татаразул Маджар абураб шагьаралде даран-базаралъ щолел...

Новость на родном

Росдае васги улкаялъе чиги

   ЛъикIго лъалев чиясул хIакъалъулъ бицинеги хъвазеги бигьагоги букIуна, гьебго заманалда захIматги букIуна. Гьединаб асаралъул асирлъуде ккана дун Сайгидпаша ГIумахановасулгун гара-чIвари гьабидал. Дагьабищха гьесул хIакъалъулъ Дагъистаналъул ва Россиялъул СМИяз хъвараб. Дирго къалмикьанги гьесул гIумруялъул ва политикияб хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ бицарал макъалаби дагьал инчIо.    Сайгидпашалги лъимерлъи лъилалдаго релълъинчIеб, гIицIго жиндиего хасиятаб букIана. КIудияб хъизан букIиналъ, балугълъиялде...

Новость на родном

Сахлъи цIуниялъул къебелъухъ бараб бащдаб къо

  ТIоцебесеб апрелалда республикаялъул СМИязул вакилзаби гьоболлъухъ ахIун рукIана Башларовасул цIаралда бугеб медицинаялъул колледжалъ. Гьайгьай, гьелъул хIакъалъулъ гIезегIан бицунеб рагIун букIана. РагIун букIана колледжалда студентазе лъикIаб лъай щолеб букIиналъулги.    Щуго шагьаралда рагьараб вакиллъи ва колледжалъул тIоцересел галаби      Къалъуда щвана тахшагьаралъул Амет-Хан СултIанил къотIноб бугеб колледжалъул минаялда цеве. Редакциялъул машинаялдаса рещтIунаго, дарсалги лъугIун...

Новость на родном

Фондги, рогIралги, 48 млн гъурущги

     Гьал къоязда тIобитIараб Халкъияб Собраниялъул сессиялда Сергей Меликовас бицана Украинаялда хасаб операциялда къварилъи ккарал, гIумруялдаса ратIалъарал дагъистаниязул хъизаназе кумекалъе хасаб фонд гIуцIулеб букIиналъул (чIварал рагъухъабазул хъизамазе 1 млн гъурущ кьолеб буго), ДНРалдегун ЛНРалде гуманитарияб кумек (800 тонна) битIиялъул хIакъалъулъ.    Гьединго МВДялъул министр ГIабдурашид МухIамадовас баян кьуна гьабсагIаталда республикаялда такъсирал рагьиялъул иш, Россиялъул...

Новость на родном

  Армиялде ахIизе вуго хасаб махщалие куцарав чи

     ТIоцебесеб апрелалдаса байбихьун республикаялда унеб буго гIолохъаби армиялде ахIиялъул ихдалилаб компания. Исана ракIалда буго 3000-гIанасев чи ватIан цIунулезул кьерде витIизе. Гьедин бицана «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда ДРялъул рагъулав комиссар Даитбег МустIафаевас. Гъоркьиса хасалихъе рагъулаб хъулухъ тIубазе ритIаразде дандеккун гьеб тарих дагьаб бугинги абуна гьес. Гьединго цIакъ кIвар бугеб хIужалъун ккана, армиялде ахIарал...

Новость на родном

Экономикаялъулги бицана, Керимовги веццана

     6 апрелалда Москваялда Россиялъул президент Владимир Путингун дандчIвана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов. Гьезул хабар ккана гьабсагIаталда республикаялда бугеб жамгIиябгун экономикияб ахIвал-хIалалда тIасан.      Мисалалъе, бицана коронавирусалда сверухъ регионалда бугеб ахIвал-хIалалъул, росдал магIишаталъул, ЧIикIаб хIоринисан МахIачхъалаялдегун Каспийскиялде гьекъо­леб лъим бачиналъул, цIолбохъанлъиялъул, гьединго хIалтIи гьечIого хутIарал гIадамазе гьабулеб бугеб кумекалъул ва гьеб гуреб цогидалъулги...

Новость на родном

Бекьараб – бижула, гьабураб – батула

      Россиялъул ва Белоруссиялъул Хъвадарухъабазул, Композиторазул ва Художниказул союзазул член, Дагъистаналъулгун Чачан республикабазул халкъияв художник, «Горо» абураб дагъистаниязул тIолгодунялалъулаб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев, скульптор, шагIир ва композитор Хизри Асадулаев ккола ГIахьвахъ районалъул КIаратIа росулъа. Гьениб лъугIана школа, цIалана Джемалил цIаралда бугеб художествияб училищеялда (ювелир), Орел шагьаралда лъугIизабуна художествияб училище (скульптор) ва гьелдаса хадуб (1981...