ТалихIавлъун ккола Рамазан моцI тIаде щвелалде живго витIизавулев, мекъал гIамалаздаса живго цIунулев чи. Рамазан буго Аллагьасде вуссине бокьарав чи Гьес къабул гьавулеб моцI. Гьаб буго гIумруялъго гIемерал гъалатIал гьарулев вукIарав чиясул тавбугицин РахIманас къабул гьабулеб моцI. Муъминзабазул мунагьалги чурулеб, щайтIанги рахсида бухьун, лъикIал ишазде инсан машгъуллъулеб рамазан моцI бихьизе рес кьурав Аллагьасе рецц буго....
