Казбекалда — хIукуматалъул данделъи  

 

  ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев, жиндирго кIиго заместительгун, 12 министргун ва РФялъул Пачалихъияб Думаялъул лъабго депутатгун цадахъ щвана Казбек районалде.

13 маялда рехсараб районалда хIукуматалъул бетIер ГI. ГIабдулмуслимовас тIобитIараб данделъиялда гьоркьор лъуна Бур- тунай, Алмахъ, Дилим, Гуни, Гъостала, Инчха росабалъе лъим бачиналъул, районалда туризм цебетIезабиялъул, бакIал раялъул, нухал гьариялъул, хасаб тIагIамалъул цIибил бижулеб «Инчхаялъул авлахъалда» гьеб культура гIезабиялъул суалал.

  ТIоцебесеб иргаялда, рехсарал росабалъе лъим бачиналдалъун 30 азаргогIанасев чиясул мурад тIубазе рес кьезе буго. Гьелда бан анкьго миллион гъурущги харж гьабун хIадурун буго лъим бачиналъе хIажалъулеб проекталъулабгун сметаялъул документация. Лъел суал тIубазе, специалистазул пикруялда рекъон, хIажалъула 30 млн гъурущ. Гьеб гIарацги кьезе буго «БацIцIадаб лъим» абураб федералияб программаялда рекъон риччарал сурсатаздасан.

ХIукуматалъул хIалтIухъаби ва депутатал щвана магIарулазгун чачаназ гIумру гьабулеб Ленинаул росулъ балеб, 420 цIалдохъанасе бакI бугеб, школалдеги. Гьеб базе харж гьабулеб буго 46 млн гъурущ. Амма, гьелде тIадеги, багьаби цIикIкIиналъул хIасилалда жеги хIажалъула 12 млн гъурущ. Исана щуабилеб августалде школа бан бахъине кколин лъазабуна хIукуматалъул нухмалъулес.

   Цинги гьел щвана Дилим росдал школалде. Гьениб хал гьабуна школалъе ремонт гьабулеб бугеб хIалалъул, хIалтIул качествоялъул. Гьенибги жеги хIажалъулеб буго лъабго млн гъурущ. Щайгурелъул босулеб къайиялъул багьа цIикIкIунеб букIун.

Гьенисан ана Буртунай, Алмахъ росабаздаса гIемер рикIкIад гьечIеб, тIадехун рехсарал росабалъе лъим бачине бугеб Ахташ лъар байбихьулеб ХIаригабурлъиялде. Гьениб халгьабуна лъел гIолеб къадар бугищали ва гьеб бачине бугеб мухъалъул.

   Рузман базе заман щведал, Буртунаялда какги бан, данделъиялъул гIахьалчагIаз сапар бухьана Алмахъ росдал ритIучIазул фермаялде, туристал рачIиналъул мурадалда гьабулеб бугеб ком- плексалде. Гьениб гьабуна данделъиги. ГI. ГIабдулмуслимовасул цеберагIиялдаса хадуб районалда тIуразе кколел масъалабазул хIакъалъулъ кIалъай гьабуна Казбек районалъул бетIер ХI. Мусаевас.

   КIалъазе рахъараз рихьизаруна жидеца гьаризе тIаде росулел ва районалъул къуваталдалъун гьаризе кколел ишал. Амма гьениб туристазул комплекс гIатIид гьабизе, тIоцебесеб иргаялда, хIажалъулеб ракьул суал жеги данде ккезабун гьечIолъиялъ районалъул нухмалъулезе бадибчIвай гьабуна Пачалихъияб Думаялъул депутатал С. ГIумахановас ва ГI. ХIажиевас. Гьез бичIчIизабуна жакъа туризм цебетIезабиялъул рахъалъ гьабулеб хIалтIи хIалуцинабичIони, районалъул ва республикаялъул цебетIей гIураб букIине гьечIеблъи, рихьизаруна хIалтIулъ ругел цогидалги гIей гьечIел рахъал. КIвар буссинабуна районалда туристазулал комплексал гIуцIиялъе хIаракат бахъизе ккеялде. КъваригIаралъуб кумек гьабизе жалги хIадур ругин абуна гьез.

  Зикрула Ильясов