«Щибизе рахарал борхатаб Гъунир?»

 

 

 

   Къойидаса къойиде нилъер республикаялде рачIунел туристазул къадар цIикIкIунеб буго. Гьезда гьоркьор гIезегIан руго улкаялдаго машгьурал гIадамалги.

Масала, гьал къоязда республикаялде рачIун рукIана РФялъул халкъияв артист Олег Газмановги гьесул лъадиги, Ростуризмалъул нухмалъулей Зарина Догузоваги, блогер, стилист Мария Бежкоги, «Кухня» сериалалда роль хIарай Мария Кузьминаги.

 

Олег Газманов

  Олег Газмановги лъадиги щвана Каспий ралъдахъеги, СалтIа бугеб чваххукьеги, ЧIохъегун Гъуниреги.

Гъуниб, гьесда цадахъ школлъималаз ахIана Россиялде гьабураб кечI, цинги артистас гьезие кьуна балугълъиялде рахиндал кьолел РФялъул паспортал. Росдал культураялъул централъул нухмалъулей ПатIимат Абакаровагун цадахъ гьес лезгинка кьурдул свериги бахъана, КIуядаса кочIохъан КъурахIма Садикъовасда цадахъ пандурги хъван кечIги ахIана.

 

  Газмановасул гьабулеб хIурмат бихьун, гьев гурони вачIинчIеб бакIищ гьабилан, нилъер цо-цоязул разилъи гьечIолъиги букIана. Амма щивав чияс бицунеб жоялда хадурги лъугьун, гьезие жаваб кьолел рукIине бажаруларин рикIкIунеб буго Гъуниб КДЦялъул директор П. Абакаровалъ. Газмановасул гьабулеб хIурмат бихьун, гьев гурони вачIинчIеб бакIищ гьабилан, нилъер цо-цоязул разилъи гьечIолъиги букIана. Амма щивав чияс бицунеб жоялда хадурги лъугьун, гьезие жаваб кьолел рукIине бажаруларин рикIкIунеб буго Гъуниб КДЦялъул директор П. Абакаровалъ.

 

«Газманов ватана нилъерго гьанив гIурав гIадав, гIадамазда гъорлъ восарав, рази-ракияв чи. Дагъистаналъул хIакъалъулъ гIемер бицунебги рагIун, хас гьабун республикаялде хIухьбахъизе вачIун вукIана гьев. Нижеца гьесда дандчIвайги гьабуна умумузул ретIа-къаялдалъун, квен-тIехалдалъун.

  Гьединго МВДялъул миграциялъул управлениялъ гьеб лъугьа-бахъиналдаса пайдаги босун, Газмановасда гьарана гIолилазе паспортал рикьулеб тадбиралда гIахьаллъиларищилан. Гьев разилъана. «ХъахIал къункърабазе» бараб памятникалда цере тIугьдулги лъуна, гьитIинабго митингги гьабуна, паспорталги кьуна. Бегьулареб жо щиб гьениб бугеб? Гьенир рукIана музыкаялъул профессор ТIагьир Къурачевги Каспийскиялъул вукIарав мэр Жамалудин ГIумаровги.

   Гьелдаса хадуб дица гьел ахIана нижерго централде – гьениб нилъерго культураги бихьизабуна. Газмановасе цIакъ интерес букIана умумузул ратIлил, гьез хIалтIизарулел рукIарал алатазул. Чай гьекъезе гIодор чIедал, Олегие бокьана гьенир пандрида бакънал рачунел рукIарал нижер хIалтIухъабазухъ балагьизе ва жинцагоги пандрил хIалбихьизе. Гьединлъидал нижеца гьесие сайгъатги гьабуна пандур», — ян бицана Абакаровалъ.

 

 

Мария Бежко

 

        Стилист ва блогер Мария Бежкоца соцсетазда лъолел Макьас­ дагун Сулахъалъул къварилъиял­ да рахъарал суратазухъ балагьун, гьейги хIайранлъун йигоан нилъер тIабигIаталда. Амма цо-цо бадир­ чIваялги гьарулел руго гьелъ ни­лъее. Масала, гьелъ хъвалеб буго:

— Рищни-къул бацIцIад гьабулеб цониги завод гьечIониги, гIезегIан бацIцIадго буго Дагъистаналда.

— Дагьал церегIанго лъурал ругониги, токалъул хIубал (цIулал) басралъун руго.

— БакIалъул гIадамазда хIухьбахъизе лъалеб гьечIо, гIицIго гьанжего-гьанже бичIчIулеб буго гьезда гьелъул магIна, гьединлъидал хъизамалгун цадахъ рахъине байбихьун буго къватIире.

— Дагъистаналда дресс-код чIеза­бун буго – ясаз, гьединго туристазгицин ретIине ккола накаби рахчарал юбкаби.

— Вегетарианазул квен кваналел чагIазе данде кколеб меню батизе захIмат буго. Гьанир салатал квана- ларо. Аслияб квен ккола гьанги чедги.

— Кутакалда гьалбал хириял, гьалбадерил къимат гьабулел чагIи руго.

БатIи-батIияб тIабигIат буго, ре­лълъарал бакIал къанагIатги ратуларо

— Нижгун кIалъанщинал бакIалъу­лал гIадамаз абулеб буго жал ралъдахъ чвердоларилан.

 

 

Мария Кузьмина

    Дагъистаналъул хIакъалъулъ «По секрету всему свету» передачаялдасан бицунеб буго «Кухня» сериалалда роль хIарай Мария Кузьминалъги. Мария Кузьмина Дагъистаналъул хIакъалъулъ «По секрету всему свету» передачаялдасан бицунеб буго «Кухня» сериалалда роль хIарай Мария Кузьминалъги.

 

Зарина Догузова

 

      Россиялъул туризмалъул министр Зарина Догузоваги йиго гьал къоязда нилъехъ гьоболлъухъ.

Москваялде «Аманат» фильмалъул презентациялде ун, жеги Сергей Меликов дандчIвачIо гьейгун.

Гьев тIаде щвезегIан Догузова ана Сулахъ къварилъухъеги, ЧIикIаб ГЭСалдеги, «Янтарное» ва «Главрыба» абурал экотуркомплексазухъ балагьизеги. Гьев тIаде щвезегIан Догузова ана Сулахъ къварилъухъеги, ЧIикIаб ГЭСалдеги, «Янтарное» ва «Главрыба» абурал экотуркомплексазухъ балагьизеги.

    Жиндирго Телеграм-каналалда гьелъ хъвалеб буго миллияб архитектураги, культураги, квен-тIехги хIисабалде босун, гьеб кIиябго экотуркомплексалъ туристал тIаде цIалеб куцалда кутакалда ракI рекъанила жиндир. Гьединго «Янтарноялъе» гIарацги ХIабиб НурмухIамадовас биччалеб бугила.

Гьей щвараб ЧIикIаб ГЭСалде гьанже туристалги риччазе байбихьун буго.

    Северияб Кавказалда бищун кIудияб ГЭСлъун рикIкIуна гьеб. Улкаялдаго босани, Саяно-Шушенская ГЭСалдаса хадуб кIиабилеб бакIалдаги буго. ГIажаиблъизарулел жал гIемер ругониги, гьенибги Сулахъ къварилъи бихьулеб бакIалдаги жеги цо-цо хIалтIаби гьаризе кколин жакъасев туристасул тIалабал тIуразе бажарулеб куцалдаян хъвалеб буго Зарина Догузовалъ. З. ХIажиева Северияб Кавказалда бищун кIудияб ГЭСлъун рикIкIуна гьеб. Улкаялдаго босани, Саяно-Шушенская ГЭСалдаса хадуб кIиабилеб бакIалдаги буго. ГIажаиблъизарулел жал гIемер ругониги, гьенибги Сулахъ къварилъи бихьулеб бакIалдаги жеги цо-цо хIалтIаби гьаризе кколин жакъасев туристасул тIалабал тIуразе бажарулеб куцалдаян хъвалеб буго Зарина Догузовалъ.

 

 З. ХIажиева