Рии бачIарабго, нилъее киназего эркенаб заман мукагIалъи бугеб ва эркенаб лугьине гьабизе бокьун букIуна. Хаслихъе, роол заманги ракIалде щвезабун, «ВахI, дица гьаб нухалъ ракIалда букIараб кинабго тIубазабуна» — ян абулеб хIалалъ. Кин тIамилеб роол эркенаб заман МахIачхъалаялда? Гьеб суалалъе жаваб кьолеб буго гIолилаз.
Написат, 20 сон
Льида щиб ракIалде кканиги, МахIачхъалаялда цIакъ аваданго бажарула рии тIобитIизе (узухъда, тIом тIаса бахъун лъолеб гIада багIари гуребани). Бищун цере – шагьаралъул гIемерал паркал ва скверал, цодагьаб цере льурал цIиял газонал рикIкIун, ва тамашаял кафеял. Дир университеталда аскIоб буго «Плов» абураб кафе – гьениб бегьула гIорцIизегIан тIагIамго ва, студентасе бищунго лъикIаб жо – учузго кваназе. Дие бищунго бокьулеб тIахьазул тукен «Магасалдаги» бегьула, мунго техьгун цадахъ, яги гьудулзабигун цо-кIиго кофе гьекъезе ва гIодор чIезе жанире лъугьине.
Хадижат, 22 сон
МахIачхъалаялда риидал бокьарабги микьго тIокIабги гьабун бажарула. Чвердезе яги гьадинго ралъдал рагIалде ине, цо босани. Паркалда харда гIодор чIезе яги электросамокаталда рекIине, тIохда бугеб кинотеатралде яги аквапаркалде ине, кIиабизе босани. Таргъуялде, гонкабазде, яги, цIакъго ине бакI батичIони, гIагаразул ва гьудлзабазул берталъе хьвадизе, лъабабабизе босани.
Барият, 19 сон
Дица абула МахIачхъалаялда ругел щинал рахIатал рестораназде ва кафеязде ине кколилан, ахирисеб заманалъ гьанир гьел цIакъ гIемер гIуна. Риидалде щибаб кафеялъ тамашалъилел гаIдал цIиял нигIматал ургъулел рукIуна. Дие бищун рокьулел кафеял: «Шоколадница», «Love is berry», “Итальянская пиццерия».
Маликат, 20 сон
Дие цIакъ бокьула общепиталъул бакIазде хьвадизе. Дагьалъ цебе Авартеатралъул тIохда рагьараб кафеялъ цIакъ хикмалъизаюна. Амма бищун тамашаяб отпуск мугIрул росулъ гурони, кибниги букIунаро. ГьабсагIатил туристазда гьоркьой Хунзахъе я Гъунире ине захIматаб буго – гьебмехалъ рекIун уна дурго ватIаналде, эбел-инсудеги, кIодоэбелалдеги ва кIудададеги щвезе.
ГIиса, 20 сон
Регун-рахъизе, кьижизе ва кваназе.
Элнара, 20 сон
Ахирисел соназ МахIачхъала цIакъ берцинлъана. Рагьарал щинал кафеял, ресторанал, тукаби, аттракционал, кинотеатрал рикIкIун бажаруларо. Амма киназего кваназе бокьулеблъидал, дир нужей гIакълу — «MyRecept» абураб кафеялде жанире лъугьа. Гьенир гIадал цIакъал гьуинлъаби кирниги кун рукIинчIо.
Зайнаб, 22 сон
Дие гIасиго бокьула гIорцIизегIан кваназе! Вегетарианцазул квен гурони кунарелъул, дие цIакъ рокьула салатал ва хумус (ххараб нухIутIги, кунжутги ва кунжуталъул нахги жубазабураб урба гIадаб жо). Пихъ-мичIги босун, ралъдал рагIалде иналдаса лъикIаб жо гьечIо. Цо дагьалъ цебе гьениб рагьана «Аллея родителей» абураб хIухьбахъиялъул бакI. Лъималазеги, кIудиязеги бакI рахIатаб бакI буго гьеб.
Цоги: Гъизилюрталдаса добегIан буго Манапаул абураб росу, ХIабиб НурмухIамадовасул инсул ватIан. Гьеб Манапаулалда буго ШайтIан абураб хIор. Махсара гуро! Гьениб буго цо гьитIинаб хъахIилаб гамаги. Сверун рохьалъ ккураб, ракI бахиллъилеб берцинлъиялъул бакI буго гьеб.
Индира, 21 сон
Ленинил Комсомолалъул цIаралда бугеб паркалда дагьалъ цебе рагьараб Чёртово колесоялде рекерулел рихьана гIемерал чагIи. Берцинаб бакI буго, амма, гIадамал гIемерлъиялъ, чан сагIаталъ иргаялда чIезе ккелебали лъаларо.
Ралъдал рагIалде дун бакъ баккулеб гIужалъ гурони унаро, хутIараб заманалъ цIакъ гIемер чи вукIуна. Чуял рихьизе ва гьезда рекIине ине бегьула «Зебра» (цебеккун гьелда абулаан «ВатIан») чуязулгун спортивияб комплексалде. Гьенибго буго цIакъ кIудияб, гIурччинаб, санагIалъи бугеб ракь, тIабигIаталъул берцинлъиялдаса лазат босизе ва хIухьбахъиялъе гIодор-чIере бокьани.
МухIамадова Аминат,
ДГУялъул ОЖялъул студентка, 3 курс