Щибаб жоялъулъ лъикIабги квешабги кида-къадги лъугIулеб гIадат буго. Хасго хехго ахиралде щун ратула бищунго лъикIал, талихIал лахIзатал. Гьале рамазан моцIалъул талихIал лахIзаталги, гIагарлъигун, гьудул-гьалмагъзабигун цадахъ рохалида тIамулел ифтаралги, сухIуралги, таравихIалги ахиралде щвана. Щивав бусурбанчияс жиндирго яхIалда рекъон хIаракат бахъана Аллагьасда цере лъикIал гIамалал гьаризеги, гIадамазда гьоркьоб гьуинлъи цIунизеги. ЛъикIал ишал гьарияздалъун, садакъаби...
ТечIеб хIалтIи, тIечIеб гьудуллъи
ГIумруялъул 80 сон бугониги, сундулъго хIалхьи лъаларев хIалтIухъан, заман хисаниги, хиси гьечIев жамгIияв хIаракатчи Гумбет районалъул ЧIиркъатIа росулъа Камил ХIадисов гIемерал соназ хIалтIана гIагараб росдал колхозалъул зоотехниклъун, гьелъул председательлъун. ВукIана Аргъвани росдал колхозалъул председательлъунги, хIалтIана районалъул батIи-батIиял идарабаздаги. ГьабсагIаталда хIалтIулев вуго 11 чиясул цIцIаниги цолъизарун гIуцIараб «Труженик» КФХялъул нухмалъулевлъун. Гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ...
Киданиги хилиплъичIо гIагараб ракьалъе
20 апрелалда Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана «Фазу ГIалиевалъул творчествоялъул хаслъи» абураб дандеруссин. Гьеб гIуцIун букIана шагIиралъул 90 сон тIубаялъул хIурматалда. Дандеруссиналда гIахьаллъана библиотекаялъул директор ГIали ГIалиев, ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадов, Фазу ГIалиевалъул вас, «Лезгинка» ансамблялъул генералияв директор Жамбулат МухIамадов, респу бликаялъул вузазул гIалимзабигун студентал, рахьдал...
Ракьулъ батараб тарих
Гъизилюрт районалъул Языковка росдада гIагарлъухъ ратана 1942 соналда бортараб Су-2 самолёталъул хутIелал. Амма гьелъул лётчик щив вукIаравали якъинлъун гьечIо. Гьедин бицана гьал къоязда республикаялъул журналистазе кьураб пресс-конференциялда ХIайбула ГIумаровас. Гьев ккола «Поисковое движение России» абураб гIуцIиялъул Дагъистаналда вугев нухмалъулев. Акаевасул самолёталъул гIадаб къисмат ккеладай? ХIайбула ГIумаровасда цадахъ журналистазулгун дандчIваялде рачIун рукIана...
Хундерие бацIцIадаб лъим щвела
Исана май моцIалъул ахиралда Хунзахъ хIалтIизе биччазе буго гьекъолеб лъим бацIцIад гьабулеб станция. Гьедин хъвалеб буго Россиялъул Минстроялъул официалияб сайталда. Гьанже заманалъул материалги хIалтIизабун, цIакъ мухIканго рогIралги цогидаб къайи-цIаги лъун, 26,8 млн гъурущги тIад харж гьабун гIумруялде бахъинабураб федералияб проект («Чистая вода») ккола гьеб. Сордо-къоялда жаниб лъел 1296 кубометр яги секундалда жаниб...
ХIажизабазул къадар дагьлъила
СагIудиязул ГIарабиялъул Къираллъиялъ (КСА) хIукму гьабуна исана хIежалде гIицIго цо миллионгIанасев чи виччазе. Гьелда гьоркьоса Россиялъе бихьизабун буго 11 318 бакI. Цебеялде дандеккун кIиго нухалъ дагь буго гьеб къадар. Гьел бакIалги кин улкаялъул регионазда гьоркьор кин рикьилел, чан дагъистанияв хIежалде иневалиги жеги лъаларо. Жибго СагIудиязул ГIарабиялъул Къираллъиялдаса вукIине рагIула 150 000 чи. Бусурбабазе...
Ракь босизе бигьалъаби
ДРялъул хIукуматалъул данделъиялда премьер-министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас бицана цо-цо бизнесменаз жидехъе рачIарал гIарзабазда гьарулеб бугила ракь босулелъул инвесторазе бигьалъаби чIезареян. 2017 соналъул 29 декабралда бахъараб законалдаги («О порядке определения цены продажи земельных участков…») хъван буго гьединал бигьалъабазул хIакъалъулъ. Масала, торгалги гьаричIого, кадастралъул багьаялда рекъонги босизе бегьулеб буго гьеб, цIакъго кIудияб мурадалъул проектал гIумруялде рахъинарулел...
БахIарчиясул цIаралъе мустахIикълъана
27 апрелалда, «Дагъистан» РИАялда танкалъул экипажалъул командир, кIудияв сержант Марат Халикъовгун журналистазул дандчIвай тIобитIана. Гьесул бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ улкаялъулго СМИяздасан бицунги букIана. Лъукъиялъухъ балагьичIого, гьесухъа бажарана жиндирго къайицадахъасул гIумру хвасар гьабизе ва тушманасухъе щвеларедухъ жиндирго танк кьвагьизабизе. Халикъовас журналистазе бицана Украинаялда бугеб хасаб операциялда нилъер солдатазул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъги, кинабго хIажатабщиналдалъун гьел пачалихъалъ ...
Ополченцал — рагъул гIахьалчагIи
Рагъул гIахьалчагIазда ващалъизавуна жеги 19 дагъистанияв. Гьел ккола 1999 соналда республикаялда букIараб рагъулъ гIахьаллъарал ополченцал. Гьеб даражаялъе мустахIикълъизе квербакъана рагъулъ гьезие щварал шапакъатазги судазул хIукмабазги. ДРялъул хIукуматалъ 2021 соналъул 11 октябралда тIоцебе тасдикъ гьабураб ополченцазул сияхIалда вукIана 529 чи. ТIаде цIи-цIиял цIарал лъанагIан, гьеб кIодолъулеб буго. Гьедин гьанже ахиралда жидехъе щуго батIияб муниципалияб...
Хъулухъаздаса махIрумлъизе рес бугезе кумекалъе
Республикаялда гIуцIун буго хъулухъаздаса нахъе рехизе рес бугев ункъазаргоялдаса цIикIкIун чиясе заманаялъ хIалтIи балагьулеб (чIезабулеб) пачалихъияб программа («Реализация дополнительных мероприятий в сфере занятости населения, направленных на снижение напряженности на рынке труда в Республике Дагестан»). Гьединго хIалтIи гьечIого хутIаразул хъвай-хъвагIай гьабулел центразда иргаялда чIарав кIиазаргоялдаса цIикIкIун чиясеги ралагьизе руго заманаялъ жамгIиял хIалтIаби. Программаялда тIад...