Лъимер сахлъизегIан лъедаса цIунизе ккола Риидалил заманалда рахунел цо-цо инфекцияз, хаслихъеги тIагIам бахъи гьабичIого толаро. Риидал ралъдахъа, чорокаб бакIалдаса, яги хIутIаз хIанчIун, стрептодермия бахаразул къадар цIикIкIун букIана шагьаразда. ЦIуна-къай гьабичIони, риидал унтун рукIараздецин цIидасанги бахине рес буго гьебго унти. Стрептодермия ккола тIомол унти, гьеб бахуна бокьарав чиясде. Амма гIемерисеб мехалда лъимал унтула. МахIачхъалаялъул лъималазул...

