Лъимер сахлъизегIан лъедаса цIунизе ккола
Риидалил заманалда рахунел цо-цо инфекцияз, хаслихъеги тIагIам бахъи гьабичIого толаро. Риидал ралъдахъа, чорокаб бакIалдаса, яги хIутIаз хIанчIун, стрептодермия бахаразул къадар цIикIкIун букIана шагьаразда. ЦIуна-къай гьабичIони, риидал унтун рукIараздецин цIидасанги бахине рес буго гьебго унти. Стрептодермия ккола тIомол унти, гьеб бахуна бокьарав чиясде. Амма гIемерисеб мехалда лъимал унтула. МахIачхъалаялъул лъималазул щуабилеб поликлиникаялъул педиатр ПатIимат МухIамадовалъ бицана стрептодермия жеги тIагIун гьечIин. Хасго лъимал школалде ва ясли-ахазде хьвадизе байбихьаралдаса нахъе, гьеб унти бугезул къадар цIидасан цIикIкIине лъугьанилан.
Нилъ сабаблъун чияр лъималазде унти бахине тоге
Цо-цо улбуз стрептодермия унтудаса сахлъанинги ккун, лъимал школалде ритIула. Амма, эбел-инсул кIвар гьечIолъи сабаблъун, цо-кIиго анкьидасан цогидал лъималаздеги бахунеб буго гьебго унти. Гьединлъидал, эбел-инсуца жидерго лъимал школалде ритIулелъул, чияр лъималазулги пикру гьабизе ккола. Нилъерго лъимал сабаблъун чияр лъималги унтизарун, гьезул цIали хвезабизе бегьуларо. Лъимадул тIомодаса стрептодермиялъул чанхъ нахъе ун батаниги, гьеб бахунеб унтул инкубациялъулаб заман букIуна 21 къо. Гьеб заман инегIан, унтул хутIел чорхолъго букIуна. Гьединлъидал тохтурзабазул изну гьечIого ва инкубациялъулаб заман лъугIидал гурони лъимер школалде битIизе бегьуларо.
Стрептодермия лъималазде хехго бахуна. Гьединлъидал дунял багIарараб заманалда лъимадул лъикI халгьабизе ккола, гьелъул тIомода гьитIинабгIаги гIуж яги ругъун лъугьун батани, гьелда тIад зеленка ва инфекциял чIвалеб цогидаб дарман бахине ккола. ТIомода лъугьараб бокьараб ругънадаса яги кIкIараялъ хIанчIараб бакIалдаса стрептодермия яги цогидаб тIомол унти хехго бахуна лъималазде.
Стрептодермия бахунеб къагIида:
* унтаравгун цадахъ ругони;
* унтарав чиясухъ букIараб тIагIелалда квер хъвани;
* инфекция бахине бегьула хIурудалъунги;
* кIкIарабазгун цогидал рухIчIаголъабаз хIанчIани;
* рацIцIалъи цIунулеб гьечIони;
* тункун яги хъарсун, тIомода гIужал лъугьун ругони;
* чакрил унти яги кьаралъи бугони;
* бидул пулазда хурхараб унти бугони;
* сунда букIаниги ракIбакъван, нерваби хун ругони;
* чорхолъ витаминал гIолел гьечIони;
* иммунитет загIиплъун бугони;
* тIомол цогидаб унти бугони;
* черх лъикI багIаризабун, хадуб цIорозе гьабулеб бугони;
* хъалиян цIалеб, наркотикал яги гIаракъи хIалтIизабулеб бугони.
Щайха риидал лъугьунеб?
ГIадамазда бищунго цIикIкIун гIетI балеб заман ккола рии. ГIемер гIетI балев чиясул потница (гIетIул унти) лъугьине бегьула, тIомоде тIаде бараб жоялъул гIисинаб чанхъги лъугьуна. Гьел гIисинал гIужазде стрептококкалъул бактерия ккани, гIетIгун жубан, стрептодермия унти хехго лъугьуна.
Стрептодермия унти бахарав чиясул тIом бакъвараб гIадин лъугьуна. Цо-цоккун раккула багIарал гургинал тIанкIал. Цо яги чанго кIудиял къучIби лъугьинеги бегьула. Гьелдаса хадуб гьел рукарула ва унтула, цIа-кан бахуна. ТIомода лъугьарал гьорорал къучIбузда аскIор лимфоузлаби кIодолъизе бегьула.
Стрептодермия байбихьудаго ветрянкаялда релълъараб букIине бегьула. Ветрянка бугони, тIомода лъугьарал къучIбузулъ хьверд букIуна, ва гьел, квер хъваницин, бигьаго рихъун уна. Стрептодермия бугони, тIомода лъугьарал къучIби къвакIарал рукIуна.
Стрептодермиялъул бактерияз лъугьинаризе бегьула бронхит, ангина, пневмония, менингит, скарлатина ва цогидалги унтаби.
ГIемерисел тIомол унтаби стрептококкалъул бактерияздалъун лъугьарал рукIуна.
Статистикаялъул баяназда рекъон, щибаб 50-абилеб лъимер стрептодермиялъ унтула.
Стрептодермия лъугьине бегьула кIиго батIияб къагIидаялдалъун: тIоцебесеб къагIидаялъул стрептодермия лъугьуна тIомода лъураб гIужалда тIаде стрептококкалъул бактерия ккун. КIиабилеб къагIидаялъул стрептодермия лъугьуна ветрянка, экзема, герпесалъул вирус ва цогидалги тIомол рахунел унтаби ругони.
Стрептодермиялъе цIакъ бокьула лъим. Гьединлъидал риидал, гIадамазда гIетI балеб заманалда, гьеб унти хехго тIибитIула. ГIемерисеб мехалда унти лъималазде бахуна, щайгурелъул гьезул иммунитет загIипаб букIунелъул. ГьитIинал лъималазул гьурмада, ай кIалалда сверун ва мегIералда гъоркь лъугьуна стрептококкалъул къучIби. Дагь-дагьккун гьел къучIби рукIараб бакIалда тIогьилаб чанхъги чIвала. КIал ва мегIер чвахулел лъималазул гьеб унти сахгьабизе захIмалъула. Стрептодермия тIибитIичIого букIинелъун тIомода лъим хъвазе бегьуларо, гьединлъидал ахирисеб чанхъ бортизегIан лъимер чвердезабизе гьукъула тохтурзабаз. Чороклъун бугони, полотенцаялъ бацIцIине ккола. Стрептодермия цIакъ букаризабулеб унти буго. Букарараб бакI хъасани, стрептококкалъул бактериял цереса цере уна.
ПатIимат СултIанмухIамадова