Мугъзагьодалъе дандекколаро цо чIараб хIал
ГIалимзабаз чIезабун буго мугъзагьодалъул унти сах гьабичIони, руччабиги бихьиналги лъимал лъугьунареллъун рукIине бегьулин. Мугъзагьод унтиялъе аслияб гIиллалъун ккола гIемераб мехалда цо хIалалда гIодор чIей. Компьютералда нахъа гIодор чIун хIалтIулезул мугъзагьодиде цIикIкIун хIал щола, гьединлъидал гIемерисеб мехалда хондрозги лъугьуна, ахадаса мугъ, гьод ва габур унтула.
Ахадаса мугъалъул ччорбаз мугъзагьод халалъухъе битIун чIун кквезабула, амма, чанго сагIаталъ тIаде рахъинчIого, компьютералда нахъа гIодор чIун ругони, гьел ччорбал свакала ва мугъзагьод битIун кквезелъун, дандекъан чIола, рукIкIуна. Ччорбал рукIкIунеб бакIалда биги лъикI хьвадуларо, гьединлъидал би лъикI хьвадулареб бакI квеш хIалтIула. Гьеб бакI гьорозе бегьула ва гьелдалъун нерваби данде къала ва унтула. Тохтурас, тIоцебесеб иргаялда, ччорбал рукIкIараб бакIалъул халгьабула. Ччорбал рукIкIараб бакIалъе массаж гьабун, ччорбал чуч гьарула. Хадуб хасаб гимнастика гьабун, ччорбал рукIалиде рачIинарула.
СанагIалъи гьечIел хьитазги гьод унтизабула. Рорхатал угъдул ругел хьитал ретIунел руччабазул рилълъиналъул къагIида (биомеханика) хола. Гьелъул хIасилалдаги мугъ унтула, ва гьитIинаб рохокъотIиялде би загIипго гурони хьвадуларо. Гьелъул хIасилалда рохокъотIи унтизе байбихьула. Гьелде тIадеги, рорхатал угъдузул хьитазда гIемер хьвадулел ругони, би хIатIазде бакIарула, ва варикоз лъугьине бегьула. Гьединлъидал рорхатал угъдузул яги угъдулго гьечIел хьитал къойилго ретIине бегьуларо. Хьитал рукIине ккола гьитIинаб эгъе бугел, гъоркьа къвакIарал.
Унти кин тIатинабилеб?
Остеохондроз (мугъзагьодалъул рукьби кьватIи) цо-цо мехалъ цогидал батIи-батIиял унтабазда релълъун бихьула, битIараб диагноз лъезе захIмалъула. Цо-цо мехалда остеохондрозалъул бакIалда инфаркт бугин абунцин диагноз лъун батула. ЛъикIав специалистасухъа гурони гьел унтаби ратIарахъизе бажаруларо. Гьединлъидал мугъ ва керен цадахъ унтулеб бугони, кардиологасухъеги ине ккола, ракI унтун бугищали халгьабизе. Остеохондроз бугони, гIицIго мугъ гуребги гьелдаго цадахъ батIи-батIиял лугбалги унтизе бегьула. Керен, ракI бугеб рахъ ва гьединго рохокъотIиялъул рахъалда ругел лугбал унтизе рес буго. Цо-цо мехалда гьел лугбал сах гьаризе гIемераб дару-сабаб гьабула, амма кинабгIаги хIасил кколаро, остеохондрозалъе дару гьабун гурони. Мугъзагьодалъул грыжа сахгьабун, ччорбал ва нерваби рукIалиде ккезарун гурони, цогидал лугбалги сахлъуларо.
Ахираб заманалда гIадамаз гьабулеб гъалатI буго Интернеталъул кумекалдалъун жидецаго унтул диагноз чIезабизе лъугьин. Тохтурасухъе инчIого гьабураб даруялъ лъикIалде рачунаро. Горбол остеохондроз сахгьабичIони, инфаркт яги инсульт лъугьинеги рес буго. ГIадада гурелъул абулеб мугъзагьод сахлъиялъул хIуби бугин.
Гимнастика – бищунго лъикIаб дару
ГIемерисезул гIадат буго мугъ яги цогидаб бакI унтизе, цIунизе лъугьани, дару гьекъон, яги гьеб тIад бахун, унти къотIизабулеб. Амма гьеб ккола бищунго кIудияб ва сахлъиялъе зарал гьабизе бегьулеб иш. Кинаб букIаниги лага унтизе лъугьин кколелъул цогидаб унтул гIаламат. Унтараб бакIалда дару бахунин абун гьеб бакIалъул унти дагьабго заманалъ сасуна, амма унтараб черх сахлъуларо. Мугъзагьод сахгьабиялъул бищунго лъикIаб къагIидалъун рикIкIуна батIи-батIиял упражнениял гьари. ТIолабго мугъзагьод лъикI хIалтIизабизе гIоло бихьизабун буго хасаб гимнастика. Гьеб рокъобги гьабизе бегьула, тохтурасул малъа-хъваязда рекъон. Мугъзагьодалъе операция гьабуразегицин кумек гьабулин хасал упражнениязин абулеб буго специалистаз.
ЦIех-рехаз бихьизабулеб буго мугъзагьодалда гьоркьор ругел дисказул грыжаялъе операция гьабуразда гьоркьоса 90 проценталъул 10 соналдасан гьеб грыжа цIидасан лъугьунеб букIин. Операция гьабичIого рес гьечIел бакIалги гIемер руго: унтарасул рохокъотIиялъул хIалтIи хун бугони, кIварщ кквезе кIолеб гьечIони, грыжаялъ нерваби данде къаялъул хIасилалда цояб квер яги бох хIалтIулеб гьечIони. Гьел гIаламаталги гьечIони, амма хIехьезе кIолареб унти бугоницин, мугъзагьодалъе операция гьабичIого, тохтурас рихьизарурал упражнениязул, зарядкаялъул кумекалдалъун гьодил хIалтIи рукIалиде ккезабизе рес буго. Гьединлъидал мугъзагьод унтарав чи операция гьабизе гIедегIизе бегьуларин рикIкIунеб буго гIемерисел специалистаз.
Цо-цо тохтурзабаз мугъзагьод унтарав чиясе дарулъун бихьизабула лъедей ва, турникалда далун, гьодил чIоло цIазаби. Амма бичча-бихъан тараб остеохондроз бугев чиясе турникалда цIай тохтурзабаз лъикIаблъун бихьизабуларо. Гьадингоги рукIкIарал ва гьорорал ччорбал цIазаруни, мугъзагьодалъул рукьбузда гьоркьор ругел дисказеги зарал ккезе бегьула. Гьединлъидал остеохондроз бугев чиясе гьодил чIоло цIазабичIого, гьеб лъикI хIалтIизабизе гIоло цогидал упражнениял гьаризе лъикIаб буго. Гьединго остеохондроз бугев чияс захIматаб жо баччизе бегьуларо, щайгурелъул, мугъзагьодалде хIал кканиги, гьениб грыжа лъугьине рес буго.