МагIарул театралда бихьизабуна цIияб спектакль

 

«Жалго херал, хиял бахIарал»

 

 

Эфенди Капиевасул цIаралда бугеб Лаказул театралъул режиссер, Дагъистаналъул халкъияв артист Аслан МухIамадовас МагIарул театралда лъуна асатIиназул драматург Георгий Хугаевасул «Квартет для души» абураб пьесаялда рекъон хIадурараб «Жалго херал, хиял бахIарал» абураб спектакль. Гьелъие декорациял хIадурана ДРялъул искусствоялъул мустахIикъай хIаракатчIужу, художник-постановщик Валентина Кондашовалъ.

Абизе бегьула, спектакль гIуцIанин щуго артистасул хIаялдасан. Лъимерлъудаго ккараб гьудуллъи рекIелъ цIунула Дарданелицаги (РФялъул мустахIикъав артист ХIусен Казиев), Данелицаги (РФялъул мустахIикъав артист МухIамад НурмухIамадов), Гагуцацаги (ДРялъул мустахIикъав артист ГIабдухаликъ ГIабдухаликъов), Бабуцацаги (ДРялъул халкъияй артистка Зайнаб ХIамзатова). ВукIана гьезул цоги гьудул – Салман. Гьев чIвана КIудияб ВатIанияб рагъда. Гьенивго даим хутIана Салманилги Бабуцалги кIиявго васги. Дарданелил васги чIвана рагъда. ГIаммаб къварилъи баччизе букIунеб бигьалъиялъ жеги къвакIизабула багьадуразул гьудуллъи. Янгъизго хутIарал бихьиназул яцалъ гIадин тIалаб гьабула Бабуцаца. Бихьинчи гьечIого хутIараб гьелъул рукъалъул гIадлу гьабизе кумекалъе рахъуна гьудулзабиги.

Махсараги, цоцалъ къацандиги, цоцазде кьварун рагIи абиги, хехго тIасалъугьинги – кинабго рагIула нилъеда сценаялдаса. Цоцалъ речIчIун рагъарал бихьинал гIаммаб мурадалъ гьебсагIатго гъункизарула, гьел рортула цоцазе хIалае. Гьедин букIуна унго-унгоял гьудулзабазда гьоркьоб хIакъикъияб гIумруялдаги. Лъабавго гьудул цолъизавураб хор гIуцIизе жигар бахъула Иналица (артист Салим Батиров). Амма гьанибги къацанди камуларо. «Дур лъикIаб гьаракь гьечIо, мун кьурде ва свери бахъулаго, берцинго гIодоб наку чIвай», — ян малъула Гагуцаца Дарданелида. Гьесги жаваб кьола: «Мунго вукIа радиоялдасан кьурдулев. Дида радиоялдасан гIадамал кьурдулинго рагIичIо», — ян.

Херлъарал багьадуразул ракIазулъ рахчун ругел гIемерал балъголъаби рукIуна. Киназго, масала, балъго цIунун буго гьитIинго Бабуцахъе ккараб рокьи. ГIолохъанаб заманалда гьей хъамула Данелица. ГIолилайги кьолоний лъун бацIунеб букIараб чу рекъдизе лъугьараб мехалда, гьес Бабуца йосун лъола цадахъ вукIарав Салманил чодул кьолний. Салманицаги, щвараб талихI гьоркьобе биччачIого, гьей жиндиего ячIине мукIурлъизаюла. Гьеб кинабго хIакъикъат гьудулзабазда лъала, гIемерал сонал гьоркьор индал. Гагуцаца гIумруялъго рекIелъ цIунула Бауцахъе ккараб рокьи ва хъизанго гьабуларо. Хъизамал гьаруниги, лъудбуздаса ратIалъун хутIула Дарданелги Данелги. Гьайгьай, щивасул рекIелъ буго хиял: гьанжениги разилъилародай Бабуца жиндие ячIинеян. Амма рагъда хварав гьудуласул адаб цIуниялъ цонигиясда кIоларо гьелда жиндир пикру рагьун загьир гьабизе.

Гьудуллъиялъе ритIухълъи, гIумруялде рокьи, рокьул гIищкъу ва махсара-хочIалъе мазщелгун кечI-бакъаналъе гьунар – гьеб кинабго гьарзаго гьуршана МагIарул театралъул гьунар тIокIал артистаз сценаялдаса.

Спектаклялъул жанр комедия бугин хъван букIана афишаялда. РукIана гьенир гIемер кополал сценабиги. Амма щибаб сцена букIана рекIелъ бахчараб къваридаб пашманлъигун бадиб кунчIараб рохалил асар загьир гьабилъун. Дир пикруялда, гьелда абизе бегьилаан трагикомедияян. Щивав багьадурасул рекIел тIиналда цIунараб пашманлъи бугониги, гьезда батулеб буго дунял гIуцIизеги, жакъасеб къоялда рекъон, гIумру тIамизеги.

Кавсарат Сулейманова