Прививкабазул пайдаги заралги цIадирабазда лъолеб мех
Роспотребнадзоралъул бетIер Анна Поповалъ лъазабуна, прививкаби гьаризе кколеб ригьалъул лъималазда гьоркьоб Россиялда прививкабаздаса инкар гьабуразул къадар щуго процент бугин. РФялъул президентасулгун букIараб дандчIваялда бицана гьелъул хIакъалъулъ Роспотребнадзоралъул бетIералъ.
Гьелъул рагIабазда рекъон, Европаялъул улкабазда прививкабаздаса инкар гьабулел гIадамазда гьоркьоб, месед ва риххалил унтуца унтаразул къадар цIикIкIун буго, Россия абуни гьединал унтаби тIиритIиялдаса цIунараб буго. Поповалъ рикIкIунеб буго Европаялъул улкабазда гьединаб ахIвал-хIал букIин бараб бугин гьез прививкабаздаса инкар гьабиялда ва гьенире гочун рачIунел гIадамазул къадар цIикIкIиналда.
Президентас цIехана нилъер улкаялдаги прививкабаздаса инкар гьаби ссиялдайищ бугебан. Роспотребнадзоралъул бетIералъ бицана Россиялдаги Интернеталдасан риччалел цо-цо видео-роликал сабаблъун прививкабаздаса инкар гьабулезул къадар дагь-дагьккун цIикIкIунеб бугин. Амма прививкаби гьаризе кколезул щуго проценталъ гурого инкар гьабулеб гьечIелъул халкъалъе кIудияб хIинкъи гьечIин, амма гьеб щуябго процентин абуни рахунел унтабаздаса цIунараблъун гьечIин рикIкIунеб буго гьелъ.
Гьеб унтул эпидемия цIикIкIиналъул хIинкъи бугезда гьоркьоб рехсолеб буго нилъер улкаги. Россиялда месед унтаразул 170 чи гурони гьечIониги, араб соналде дандеккун кIиго нухалъ цIикIкIун ругин меседалъ унтаралин лъазабулеб буго инфекционистаз. Европаялъул улкабаздаса Россиялде рачIараздасаги гьеб унти бахине рес бугин лъазабулеб буго Роспотребнадзоралъ.
Гьединал хIужабаз гIадамазда ургъелчIвазабулеб буго ва рахунел унтабаздаса кин цIунилел абураб суалал рачIунел руго. Нилъер республикаялда ругищ гьединал унтаби рахиналъул хIужабияли цIех-рех гьабуна нижеца. Ва гьел унтаби хехго рахунел гьитIинал лъималазда гьоркьоб кинаб ахIвал-хIал бугебин цIехана МахIачхъалаялъул лъималазул щуабилеб поликлиникаялъул специалистазда.
Лъималазул щуабилеб поликлиникаялъул нухмалъулей ПатIимат Омочевалъ бицана, талихIалъ, исана жидер поликлиникаялде кколел лъимал месед унтуца унтичIин.
«2016 соналда месед унти букIана 14 лъимадул. Амма цIикIкIунел руго паротит (свинка) унтиялъ унтарал, исана нижер поликлиникаялде хьвадулезда гьоркьоб 34 лъимер унтана паротиталъ. Гьел киналго ккола паротиталде данде прививка гьабизе инкар гьабурал. Буго жеги гьебго прививкаялдаса инкар гьабурал 30 лъимерги, гьездеги паротит бахинин абун хIинкъун руго. Гьединго кIигоял руго коклюшалъ унтаралги».
Паротит унтул ва гьелъ сахлъиялъе кьолеб захIмалъиялъул хIакъалъулъ нижеца цебеги бицун букIана. Амма гIемерисезда кIочон тараб месед яги сус унтуца лъималазул сахлъиялъе гьабулеб заралалъул хIакъалъулъ ва гьелдаса кин цIунилелали цIехон нижеца гара-чIвари гьабуна МахIачхъалаялъул лъималазул щуабилеб поликлиникаялъул педиатр Анжела ГIумаровалъулгун.
— Лъималазде гьел захIматал инфекциял рахиналъе гIиллалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
— Унтулел руго гьел унтабазде данде прививкаби гьаричIел лъимал. Прививкаби гьарураб лъимералде къанагIат гурони гьел унтаби рахунаро. Эбел-инсуца жидерго лъималазул сахлъи хвезабулеб буго, Интернеталдаса рагIарал цо-цо харбаздаги божун. Цогидал лъималаздеги бахунеб буго гьездаса унти. Гъоркьиса месед унтиялъ, паротиталъ, краснухаялъ унтаразул къадар цIикIкIиндал, исана школалде риччалел рукIинчIо гьел инфекциязде данде прививкаби гьарурал лъимал гурони.
— Дурго лъималазе гьарулищ дуца прививкаби?
— Дирго лъималазе гьитIинго гьаризе кколелщинал прививкаби гьаруна дица.
— Гьел прививкабаз лъимал унтизарулищ, захIмалъулищ гьезие гьабураб вакцина?
— Гьел прививкабаздаса хадур унтараб цогIаги лъимер бачIинчIо дихъе. Амма лъимадуе месед унтуда данде прививка гьабун хадуб цо-цо мехалда кIиго-лъабго къоялъ 38 градусалде цIа-кан бахинеги бегьула, укол гьабураб бакI гьорозеги рес буго. Прививка гьабун щуго къоялдаса тIаде гIисинал тIанкIалги разе бегьула, ухIуди баккизе бегьула, амма гьел гIаламатал раккаралго гIадин хехго тIагIуна. Ва гьел гIисинал гIаламатал цIакъ бигьаял рукIуна, меседалъ унтун хадуб сахлъиялъе кколеб заралалде дандеккун.
— Лъимадул кинаб гIузру бугони, прививкаби гьаризе бегьуларел?
— Лъимер квачалъ унтун бугони, астма яги цогидал унтаби хIалуцун ругони, прививкаби гьаруларо лъимер сахлъизегIан. Аллергия кьеларедухъ, прививка гьабилалде цебе яги хадуб супрастин гьабула лъимадуе. Прививка гьабилалде цебе цин лъимер хIадур гьабула гьелде, киналго анализал кьола, сахаб лъимадуе гурони прививкаги гьабуларо. Прививка гьабизе бегьуларо гIанкIудал ханазде, антибиотиказде аллергия бугел ва цогидаб вакцинаялде аллергия кьурал лъималазе.
— Месед унти чIахIиязде бахине рес бугищ?
— Месед унти ккола захIматаб инфекциялъулаб вирусалъулаб унти. Гьеб бахине бегьула унтарав чиясда аскIор ругони, гьаваялдасан. Месед унти бахаразул мегIерччин ва щекъер-мукъулукъ хъарсулеб гIадаб, гьвеялъул хIапдеялда релълъараб квешаб хъегIи букIуна, 38-39 градусалде цIа-кан бахуна. Берал унтун конъюктивит лъугьуна. Лъабабилеб-ункъабилеб къоялъ дагь-дагьаккун черх цIезегIан тIадерахъин бала. ТIадерахъин лъабго-ункъо къоялдасан тIагIуна.
Унтарав вукIине ккола тохтурасул бербалагьиялда гъоркь. ХIажалъи ккани, инфекциялъулаб больницаялда вегизеги гьавула.
Гьеб инфекциялъ гIемерисеб мехалда лъимал унтула. Амма ахирал соназда чIахIияздеги бахунеб буго гьеб. ЧIахIиязде гьеб унти бахиналъе гIиллалъун рикIкIине бегьула, араб гIасруялъул 80-абилел соназда гIемерисел эбел-инсуца жидерго лъималазе прививка гьабизе биччачIолъи.
— ГьитIинаб мехалда прививка гьабун букIаразде бахинчIого букIине рес бугищ унти? Вакцинаялъ кумек гьабиялъе цIараб заман букIунищ?
— Прививка гьабун хадуб иммунитет щулаго чIола 15-20 соналъ. Поликлиникаялда лъималазе месед унтуде данде прививкаби гьарула лъагIел ва анкьго сон байдал. Амма месед унти бугеб лъимадаса унти бахинаредухъ чIахIиязеги прививка гьабизе ккола унтарасда аскIове щваралдаса лъабго къо иналде.
— Цо нухалда унтараб лъимер заманалдасан унтизе рес бугищ?
— Цо нухалъ унтараб лъимадул гIумруялъго иммунитет лъугьуна месед унтуде данде.
ПатIимат СултIанмухIамадова