Хаслихъе чехь-бакь ва рукьби унтиларедухъ…
Тохтурзабаз абухъе, лъагIалил щибаб заманалда рекъон раккула цо-цо унтаби. Хаслихъе къойида жаниб чанго нухалъ хисулеб гьава-бакъ букIаго, черх гьелде ругьунлъизе заман гIолеб гьечIони ва сахлъи загIипаб бугони, цо-цо унтаби лъугьине бегьула. Заманалда рекъон лъугьунел унтабазде дандечIеялъе кинаб хIадурлъи гьабилебали малъа-хъваял гьарула тохтурзабаз. Хаслихълъиялъул унтабаздаса цIунизе бажаричIони, гьезде дандечIеялъе гьарулел хъулухъалгIаги лъазе кколин рикIкIунеб буго тохтурзабаз.
ХIухьел цIалел
лугбазул унтаби
Хаслихъе гIемерисел рихьула ухIудулел, мегIерччин щун. Амма квачалъул унтаби сан гьабичIого тезе бегьуларин абулеб буго специалистаз.
Хаслихъе радал ва бакъанида квачан, къалъуда хинлъун, гьава-бакъалъ «махсараде ккола» гIемерисел. Гьединлъидал къад букIунеб гьава-бакъалда рекъон тIадагьго ретIелги ретIун рахъунел руго къватIире.
Тохтурзабаз малъухъе, хIухьел цIалел лугбал унтиларо: хинго ретIа-къани, горбода ва бетIералда тIад хинаб шарф ва кIаз къалеб бугони, гьединго чара гьечIеб жолъун ккола беэнаб нигIмат квин, хIухьел цIаялъул гимнастика.
Хаслихъе гьабизе лъикIаб дарулъун рикIкIуна ччугIил кьаралъи, гьеб ккола мегIерччиналде данде чIолеб Д витамин гъорлъ цIикIкIараб нигIмат.
Хаслихъе гьедин хIалуцунел гIузрабилъун тохтурзабаз рикIкIуна гастрит, гастроэнтерит, колит.
Кванирукъалъул ва чехь-бакьалъул гIузраби
Гастроэнтерологаз рикIкIунеб буго, хаслихъе кванирукъалъуб цIекIлъи хисидал ва гьелъул хIацIу гIадаб жоялъул пардав, хъал (слизистая оболочка) цIилъизе хIажалъулел витаминал дагьлъидал, хIалуцунин гастрит унти.
ЛъагIалил заманаби хисулеб мехалъ гIадат буго чорхолъ ругел кванирукъалъулгун бакьазул гIузраби хIалуцунеб, гьел сахлъун хадурги тIадруссунел. Гьел унтабазул тIоцересел гIаламатал раккарабго, къойил щуго-анлъго нухалда сахаб квен квине кколин, гьебги дагьаб къадаралдаян малъулеб буго специалистаз.
ЛъикI букIина стрессаздаса цIунани. Сундулниги ургъалилъ рукIун нерваби «хвани», кванирукъалъул хIалтIул низам хола. Кванирукъалъул жанисеб рахъалъул бидул хьвадиялъул низам хола, гьеб цIунулеб хIацIу гIадаб жоялъул хъал цIилъуларо ва гьеб жиндирго цIекIлъиялъул цIола.
Специалистаз гьарурал цIех-рехазул хIасилаз бихьизабуна гIемерисеб мехалда гастрит хеликобактер абураб микроорганизмалъ лъугьинабулин. Гьеб ккола кванирукъалда рак унти лъугьинабулеб цIакъ хIинкъи бугеб микроорганизм. Цогидалго инфекциял гIадин, хеликобактер гIадамасде бахуна кванилъ рацIцIалъи цIунулеб гьечIони. Байбихьудаго гьеб микроорганизм чорхолъ букIин лъаларо, гьединлъидал гIемерисел унтаразда гьеб букIин тIатуна гастрит яги язва унти лъугьиндал. Тохтурзабаз лъикIаблъун бихьизабулеб буго хеликобактер бугищали лъагIалида жаниб цохIо нухалдагIаги тест гьабизе. ТIатун хадуса гьеб бигьаго сахгьабизе кIола, амма цо нухалда унтарав чиясе гьелъ иммунитет кьоларо – унтун хадубги цIидасан лъугьине бегьула гьебго гIузру. Гьединлъидал цо-цо тохтурзабаз лъикIаблъун бихьизабула, гастриталъе яги язваялъе цо чиясе дару гьабулелъул, гьесдаго цадахъ тIолабго хъизаналъулго халгьабизе ва гьезиеги дару гьабизе.
Тохтурасул малъа-хъваял
Рищалабазул унти бугел гIадамазул зигарди цIикIкIунеб заманлъун ккола квач ва регьел баккараб заман. Унтарал рищалаби хаслихъе гьорола, багIарлъула, рагъаризаризе захIмалъула.
Медицинаялъул гIелмабазул доктор, тохтур-кинезитерапевт Сергей Бубновскияс бицунеб буго квачалъги рагьлицаги дистрофия бугел рищалаби гурони унтизаруларин.
«Сахал рищалабазе тIабигIат хисиялъул къварилъи букIунаро. Ракьаялъе хIажатаб энергия щола ччорбазулъан, амма лъикI хIалтIулел ччорбаздасан гурони рукьби хIалтIиялъе хIажатаб жо щоларо. Ччорбал хIалтIулел гьечIони, рукьбиги кколеб хIалалда хIалтIуларо, цIунизе, унтизе байбихьула. Ччорбал хIалтIизе байбихьигун, унтиги тIагIуна.
Гьединлъидал тIабигIаталъул гьава-бакъ хисиялдалъун рукьби цIуниларедухъ лъикIаб буго ччорбал хIалтIизарулел упражнениял гьаризе.
1. ГьункIусида чIун накаби цIикIкIун сукIизариялъ – хIатIил угъдул, накаби, мачIчIаби лъикI хIалтIизарула. ГьункIусида кIусун хадур тIаде рахъиналъ би лъикI хьвадизабула. КIусулелъул хIухьел цIазе ккола, рахъунелъул биччазе ккола. Къойида жаниб анцIго нухалда гьединаб упражнение гьабизе лъикIаб буго.
2. Чохьол щукIдузе упражненияз ургьимес лъикI хIалтIизабула. Мугъзадаги регун бохдул рорхила бетIералде щвезегIан, хадур риччантела. Щибаб къойил 20-50 нухалъ гьедин гьабила. Гьеб упражнениялъ мугъзагьод цIазабула, ургьимесалъе массаж гIадаб жо лъугьуна, чохьол тIом щулалъула. Жанисел лугбал далун ругони яги бакьал цIун ругони, гьеб упражнениялъ кумек гьабула.
3. Отжиманиялъ ракI, керен ва бетIер лъикI хIалтIизабиялъе кумек гьабула. ГIодоб чIарбида гьеб упражнение гьабизе сахав чиясухъа гурони бажаруларо. Гьединлъидал чорхолъ гIузраби ругев чияс отжимание гьабизе ккола бакIида яги столалда кверал лъун. Руччабазеги мастопатия унтиялдаса цIуниялъе лъикIаб дарулъун рикIкIуна отжимание. Щибаб къойил щуго-анцIго нухалда 10 отжимание гьабизе лъикIаб буго».
Ортопедасе суал
Квачараб заманалда рищалаби унтиялъ рахIатхвезабула. Даруяб гимнастикаялъ кумек гьабула гIемерисеб мехалда. Амма упражнениял гьарулеб мехалда рищалаби унтулел ругони, гимнастика гьабизе бегьуларин абулеб рагIана. Гьеб битIараб бугищ?
Гимнастика гьабулаго рищалаби ва рукьби унтулел ратани, упражнениял гьаризе бегьуларо. Щайгурелъул гьелдалъун унтараб бакI жегиги балъаргъине рес буго. Артроз бугони рекеризе, кIанцIизе, гьункIусида чIезе, борхалъуде рахине, хехго рилълъанхъизе бегьуларо.
Унти сасинабиялъе ва унтарал рищалаби рагъаризариялъе хасал упражнениял гьаризе бегьула тохтурасул малъа-хъваяздаса хадуб.
ПатIимат СултIанмухIамадова