КIодолъулеб буго Дагъистаналъул тахшагьар, амма гьелъул сипат, сурун гурони, берцинлъулебго гьечIо Шагьаралда гIемертIалаял минабиги, хIухьбахъиялъул бакIалги, квана-гьекъолел залалги ралеб мехалда, архитектуриял нормативалги эстетикияб искусствоги цIуниялъул хIакъалъулъ цо чанго суал кьуна нижеца архитектор, минабазул къватIисел къадазул дизайнер, художник Сайгид МухIамадовасе. — Сайгид, МахIачхъалаялда, къанагIат гурони батуларо цоцада релълъен-хъвай бугеб кIиго мина. Тахшагьаралъул архитектураялъе щиб къимат...

