Ругел ресаздаса пайда босунгутIиялъ 25-30 млрд гъуршил зарал кколеб буго республикаялъе
14 февралалда «Дагъистан» РИАялда тIобитIана Россиялъул промышленниябгун инвестициялъулаб фондалъул вице-президент ХIажи ХIажиевасулгун ва Дагъистаналъул энергетикиял компаниязулгун журналистазул дандчIвай. Пресс-конференциялда гьез бицана Дагъистаналда энергетикаялъул бугеб ахIвал-хIалалъул. ХIажи ХIажиевас бицана республикаялда энергетика цебетIеялъе ругел ресазул ва гьездаса босулеб гьечIеб пайдаялъул хIакъалъулъ.
— Дица чанго кагъат хъвана Москваялде Дагъистаналъул энергетикаялда гьабулеб хIалтIи дагъистаниязухъ тейилан. Амма жакъа къоялдеги гьелъул щибго хIасил ккечIо. Гьелдаго цадахъ цIогьги камулеб гьечIо. Нилъерго гьанир ГЭСал ругониги, гIадамал токалдалъун хьезариялъул суал захIматаблъун хутIулеб буго. Гьединго Дагъистаналда кIудиял ГЭСАл раялъул хIасилалда экологияб рахъалъул суалалги гIемерлъулел руго. Ругел ресаздаса пайда босунгутIиялъул хIасилги ккола санайил щвезе кколеб 25-30 млрд гъуршил зарал кколеб букIин. Дагъистаналда разе ккола гIисинал ГЭСал. Гьелъие нилъер ресалги руго. Гидроэнергетика цебетIолеб бугони, гIадамазе ток гIунгутIиялъул суал роцIинабун бажарула, — ян бицана ХI. ХIажиевас.
Гьединго гьес абуна энергетикаялда гьабулеб хIалтIи лъалел ва бичIчIулел специалистал ругони, хIасилалги лъикIал ккезе ругин. КъваригIун ругила гьеб бутIаялда хIалтIизе махщел камилал гIадамал.
Изамудин Жанбулатовасеги кьолел рукIана гIадамал токалдалъун хьезариялъул хIакъалъулъ суалал. Масала, журналистаз гьесда цIехана токалъухъ гIарац бакIариялъул ва гIадамазе гIарац бакIарулез гьабулеб бугеб квалквалалъул хIакъалъулъ.
Гьес абуна гьел идарабазда ракIбацIцIадал гIадамал хIалтIулел рукIаралани, иш некIого рукIалиде ккун букIунаанин. Гьединго Изамудин Жамбулатовас бицана республикаялъул энергетика цебетIеялъе гьарулел ругел хIалтIабазулги.
Шамай Хъазанбиева