«ХIасратаб алжаналде ине цIакъ бокьун буго…» Исана 180 сон тIубала цIар рагIарав гуржиязул жамгIияв хIаракатчи, хъвадарухъан, шагIир ва публицист Илья Григорьевич Чавчавадзе гьавуралдаса. 1857–1861 соназда гьев цIалулев вукIана Санкт-Петербургалъул университеталъул юридикияб факультеталда. Ункъабилеб курсалда вугев чи гьев гьениса нахъе гьавуна, студентазул багъа-бачариязулъ гIахьаллъи гьабунин абун ва тIадвуссана Гуржистаналде. 1864–1868 соназда Чавчавадзе вукIана Типлис губерниялъул...
