ГIемерисеб хIалтIи буго кагътидаго
ЧIужугIаданалъул керен цIунун бажаруледухъ пластикияб операция гьабизе кIолел
хирургал республикаялда гьечIо
ДРялъул онкологияб централъул баяназда рекъон, Дагъистаналда вуго 4550 ракалъ унтарав чи (2230 бихьинчи ва 2320 чIужугIадан). 2016 соналда, кереналда рак унти бугин абун, хъвай-хъвагIай гьабун буго 550 чIужугIаданалъул, ай 100 азаргоялда гьоркьоса 150-ялъул (Россиялда – 408-ялъул).
Соналдаса соналде руччабазул кереналда рак унти ккеялъул хIужаби цIикIкIунел рукIинги хIисабалде босун, гьелъие бугеб гIиллаялъул, цIодорлъи гьабизе кколеб къагIидаялъул, сахгьабиялъе ругел ресазул бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна ДГМУялъул онкологияб кафедраялъул доцент, республикаялъул онкологияб централъул хирург-онколог-маммолог ГIумардибир МухIамадовасулгун.
— ГIумардибир, щиб жо кколеб каранзул рак унти, кин гьеб кколеб?
— Рак унти ккола пуланаб логол клеткаби цIакъго гIемерлъи, ай, хIатталдаса ун гьезул къадар цIикIкIин. Гьелъие бугеб аслияб гIилла жеги тIубанго лъалеб гьечIо. Унти ккеялъе квербакъула клеткабазул геназул ва гормоназул гIунгутIабаз, квешаб экологиялъ, заралиял вирусаз, гIумру гьабулеб къагIидаялъ, лъимер рехиялъ…
— Гьеб унти «гIолохъанлъулеб» бугин абула, гIелмуялъ щиб абулеб бугеб?
— Жакъа гIолохъанал ясаз бигьаго гIумру тIамулеб букIин ккола гьелъие бугеб аслияб гIилла. Гьез я магь баччуларо, я хурир чIарадуларо, хъахIаб чедги кун, сериалазухъги балагьун, тахида регун, тIамулеб буго гIумру. Гьез къанагIатги кваналаро хъачIаб, къвакIараб квен, кванилъ гIемер хIалтIизабула кьаралъи, кватIун гурони росасе унаро, кватIун гурони лъимер гьабуларо. Гьел гIунгутIабазул «кумекалдалъун» ясазул чорхолъ гормоназул хьвади, магIна хола, каранзул клеткабазулъ гьел цIикIкIуна, гьелдалъун каранда рак унтиги ккола.
— Кинал гIаламатазде руччабаз кIвар кьезе кколеб, кин цIодорлъи гьабилеб?
— Байбихьудаго рак унти тIатинабизе захIмалъула. ТIоцере гьелъул раккула гьадинал гIаламатал: руччабазул 80 проценталда гьеб тIатуна каранде кIанцIараб къвакIараб гороялдасан, кереналда цIа-кан цIикIкIуна, гьелде багIарлъи рехула, керен кIодолъула, моцIу гьетIула, гьелдаса би бачIуна яги ругъун лъугьуна, къвалакье цIуцIдул рехула. Квералъ кващун, лъазе кIола цо-кIиго сантиметр кIодолъиялъул рак, УЗИялъ бихьизабула кIиго-лъабго миллиметр роценалъул рак. КIиго сантиметралъул кIодолъиялде рак унти бахине ункъо-щуго сон бала. Гьединлъидал, щияй чIужугIадан щибаб соналъ халгьабизе онкологасухъе уней йигони, маммография ва УЗИ гьабулеб бугони, рак унти цудунго тIатинабизе кIола. Хехго тIатарабгIан сахгьабизеги бигьалъула.
— Рак унти букIиналде щаклъи ккедал, тIоцебесеб иргаялда, чIужугIаданалъ щиб гьабизе кколеб?
— Руччабазул 80 проценталда жидедаго тIатуна каранда рак букIин. ГIемерисел лъугьуна гIумруялдаса ракIбуссун, хIинкъун-риххун. ГIадамазда лъазе бокьичIого, унти бахчула, унти бугезда цIехолдула. Тохтурасухъе ине хIинкъун, гIемераб заман гIадада биччала. Рак унтиялда дагьабниги щаклъи ккани, чIужугIадан онкологасухъе екеризе ккола. Гьаб заманалъул къагIидабазул кумекалдалъун, цудунго рак унти тIатарал руччабазул 70-80 процент тIубанго сахгьабизе кIола. Рак унтиялда абула росасда хехго тIатунеб унтийилан, гьединлъидал руччаби гьезухъги гIенеккизе ккола.
— ЧIужугIаданалъ жийгоги, жиндирго гIагарал руччабиги ракалдаса кин цIунилел?
— Каранда рак унти ккеялъе бугеб аслияб гIилла жеги тIубан лъалеб гьечIо, гьединлъидал нилъго гьеб сахгьабизеян лъугьине бегьуларо. Россиялда щияй 100 азарго чIужугIаданалда гьоркьоса 50-ялъул, Дагъистаналда 31-ялъул каранда рак унти буго. Гьезда гьоркьоса Россиялда холей йиго 15, нилъер республикаялда 12 унтарай. Гьелдаса якъинлъулеб буго рак унти жакъа сахгьабизе кIолеб букIин.
— Каранда рак унти ккарал ва гьелдалъун холел руччабазул къадар Россиялъул регионазда бугелдаса Дагъистаналда дагьаб букIиналъе гIилла щиб бугеб?
— Дагъистаналда, чIахIиял чагIаздаса, лъималазулги гIолилазулги къадар гIемерго цIикIкIун буго, гьеб ккола республикаялда рак унти дагьаб букIиналъе бугеб аслияб гIилла. Нилъер республикаялда рак унти тIатинаби ва гьелъул хъвай-хъвагIай гьаби цIакъго гIодобегIанаб даражаялда буго, хваравщинав чиги рекIел унтиялъ, бидул тIадецуялъ хванин абула. Каранда рак унти бугел руччабазул 70-80 процент унти мухIкан гьабизе ва сахгьабизе Дагъистаналдаса къватIире уна, ккарал хIасилазул баянал гьениса нижехъе ритIун рачIунаро.
— Рак унти цудунго тIатинабиялъул мурадалда, кинал тадбирал тIоритIизе кколел?
— ТIоцебесеб иргаялда, дица абила жалго бетIергьанал клиникабазе гьукъун буго рак унтаби сахгьаризе, унтарал гьенире ине бегьуларо. Рак унти тIатинабиялъе бищунго бигьаяблъун ва лъикIаб хIасил кьолеблъун рикIкIуна скрининговиябин абулеб программа гIумруялде бахъинаби, ай гIемерал сахал руччабазул халгьабиялъул тадбир. Гьелда гIахьаллъизе ккола, бищунго гIодобегIанаб къадаралда, руччабазул 70 процент. Дагъистаналдайин абуни, жеги бажаричIо гьеб тадбиралда 1,5 проценталдаса цIикIкIун руччаби гIахьаллъизарун. Гьеб тадбир тIобитIиялъе къваригIуна УЗИ ва маммограф аппараталги, жалго бетIергьанал клиникаби цIех-рехалда гIахьал гьариги. Ресал руго, амма жакъа гьеб рахъалъ гьабулеб хIалтIи кагътидаго хутIун буго.
— Унти сахгьабиялъе гьаб заманалъул кинал къагIидаби нужеца хIалтIизарулел?
— Сахгьаби бараб букIуна унтиялъул даражаялда, унтаралъул ригьалда ва гьелъул чорхолъ ругел цогидал унтабазда. Аслияб къагIидаялда унти сахгьабула хирургиялъул кумекалдалъун. ХIасилалъухъ балагьун, операциялдаса хадуб гьабула химия-терапия, гормоно-терапия ва лучевая терапия. Жакъа къоялъул къагIидабазул кумекалдалъун хирургаз жигар бахъула унтаралъул керен цIунизе. ЦеретIурал улкабазул хирургазухъа бажарула 95 проценталдасаги цIикIкIун руччабазул, нахъе къотIичIого, керен цIунун. Нилъер гьанибин абуни, гьелъул бицинего нечараб хIал буго, хирургазухъа бажаруларо, цIакъго дагьал руччабазул гурони, керен цIунун.
— Нужер гIолареб жо щиб бугеб, сунца квалквал гьабулеб бугеб?
— Квалквалал цIакъ гIемер руго. Рак унти бугезе онкологиялъул централъул диспансералда регизе буго кинабниги 200 койка, къваригIуна 600-700 койка. Рак унтабазул киналго тайпаби сахгьарула цо специалистас. Цебего заман щун буго каранда рак бугел руччабазе хасаб отделение рагьизе. Унтаразе я койкаби, я дараби гIолел гьечIо. Гьединго къваригIун буго специалистал Россиялъул ва къватIисел улкабазул онкоцентразе цIализе ритIизеги. Республикаялъул онкологиялъул централда гьечIо чIужугIаданалъул керен цIунулеб къагIидаялда пластикияб операция гьабун бажарулел хирургал.
Нури Нуриев