Токалда сверухъ «хIалуцин»

Дагъистаналда байбихьун буго токалъул мухъазул магIишат рукIалиде ккезабизе

 

Дагъистаналда гьитIинабниги кIудиябниги 11 гидроэлектростанция (ГЭС) бугониги, республика, букIине кколедухъ, токалдалъун хьезабиялъул иш цIакъго хашаб хIалалда буго. Жакъа, мисалалъе, бокьараб росу, шагьар босаниги, бихьизабураб къадаралда, ай 220 кВт токалъул кьолеб бакI къанагIат гурони гьечIо. Хасго хасало гьелъул къуват загIиплъула, гIемерисеб мехалда 160-180 кВтялде гурони токалъул хIалуцин бахунаро. ХIатта тахшагьаралдацин дагьабниги гьури бахъани ялъуни гIазу-цIад бани, гIемер ккола ток свинабиялъул хIужаби. Республикаялъул газетазулгун журналазул издательствоялдацин гьеб свинабичIеб къо къанагIатги букIунаро. Токалъул идарабазул нухмалъиялъин абуни гьелъие гIиллалъун бачуна токалъул мухъал басралъун рукIин, гIемертIалаял минаби ралел рукIин ва гьелъул хIасилалда трансформаторазул къуват гIолеб гьечIолъи. ПалхIасил, букIине кколедухъ хIалтIи гьабизе гIарцул мукъсанлъи букIин. Гьеб гIунгутIиялъе гIиллалъунги бихьизабула гIадамаз ва батIи-батIиял гIуцIабаз заманалда бухIараб токалъухъ гIарац кьолеб гьечIолъи ва гьеб вахIшиго бикъулеб букIин. Гьайгьай, гIарац кьоларелги ратила, амма халкъалъул цIикIкIарасеб къадаралъ гьеб кьолеблъи хIакъаб буго. Амма бикъулеб бугищин абуни, буго. Бикъулеб буго кIовухъе, рес кканщинас. Щибха гьабизе кколеб? Гьеб суалалъе жаваб кьолаго, Дагъистаналъул энергосбыталъул компаниялда бицухъе, 2017 соналда 2,3 миллиард гъуршил налъи букIун буго токалдаса пайда босулезда хадуб. «Гьединлъидал ниж хIажаталлъун кколел руго ток къотIизабизе ва налъулал тамихIалде цIазе. Гьединал ишал гьаризе байбихьидал, 505 миллион гъуруш бакIаризе кIвана, ай 26 азаргогIанасев налъулас налъи бецIана», — ян бицана рехсараб компаниялъул пресс-хъулухъалда. Гьебго заманалда РФялъул генералияв прокурорасул заместитель Иван Сыдорукил рагIабазда рекъон, дагъистанияз токалъухъ 40 миллион гъуруш цIикIкIунцин кьун рагIула. Лъида божилелали лъаларо. ПалхIасил, гьеб гIомо бичиялъул мурадалда, Дагъистаналде вачIун вуго «Россетазул» 200-гIанасев специалист. Россиялъул регионаздаса вачIарав 38 прокурорасдаго хадур рачIарал токалъул махщелчагIаз лъазабизе буго республикаялда гьеб рахъалъ бугеб ахIвал-хIал. Дагъистаналъул сетазул компаниялда бицухъе, мугIрузул улкаялде рехараб гьеб «десанталъ» халгьабизе буго республика токалдалъун хьезабиялъе щиб хIажат бугебали ва гьединго загьир гьарила гIунгутIабиги.
— Улкаялъул батIи-батIиял электросетазул компаниязул махщалилаз байбихьун буго гIадада ток хвезабиялъе гIайибияллъун рикIкIунел цо-цо фидеразул цIех-рех гьабизе. Гьелъул хIасилалда баянлъизе буго цIуна-къан ток хIалтIизабиялъе гьаризе кколел хIалтIаби ва тIатинаризе руго ток бикъулелги. Бищунго аслияб жо, гьеб киналъулго хIасилалда авариял ккей дагь гьабиялъе нухал ратизе ва букIине кколедухъ токалдалъун халкъ хьезабизе квербакъизе буго, — ян бицана Дагъистаналъул сетазул компаниялда.
Гьединаб куцалда техникияб аудит тIобитIизе буго бищун гIемер квалквалал дандчIвалел ва гIемерал масъалаби ругел бакIаллъун рикIкIунел МахIачхъала шагьаралда, Буйнакск, Гъарабудагъкент ва Сергъохъала районазда. Гьел руго бищун гIемер, ай 25 проценталъниги гIадада ток хвезабулел бакIал. Гьединго, республикаялда руго бетIергьанчи гьечIел токалъул мухъалгиян бицана Дагъистаналъул сетазул компаниялъул пресс-секретарь Александр Дудченкоца. Гьезул гIемерисел руго рехун тун, чара гьечIого рукIалиде ккезаризе кколеб хIалалда. Гьезулги иш низамалде бачине буго Дагъистаналде рачIарал токалъул махщелчагIаз.
ХIабиб МухIамадов