ХIажи-Мурад ГIарацхан ва гьесул рагъулаб къисмат

Конвоялда хъулухъги гIемерго лъикI унеб букIана

 

«РакIалде ккола ЦIияб заманалда Россиялда тIад багъарараб цониги рагъ букIинчIин, гьаб «империалистияб» гIадин, халкъазул пикруялъулъ инжитаблъунги бугьтанал лъураблъунги лъугьараб. Цониги рагъ ккечIо гьединаб гъваридаб вакуумалде. Цониги рагъ хутIичIо гьеб гIадин ирсилазул пикруялъулъа хъвагIараблъун. «Империалистиялда» тIасан гъобсагIатго хIучч цIана инкъилабалъ. Гьеб сверана «граждан рагъалде» ва букIинего букIинчIеблъун лъугьана».
Лев Аннинскиясул гьел рагIабазда тIадрекъечIого чIезе захIмалъула. ХIакъикъаталдаги, нусгогIан соналъ улка буцIцIун чIун букIана, Дунялалъулго рагъул дол балагьал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ бицине намуслъараб гIадин. ГIицIго тарихчагIаз ва гьелъул цIех-рехалъул хIаракатчагIаз дагь-дагьккун ракIалдещвезабулеб буго нилъеда доб гIазаб-гIакъуба гьарзалъараб заманалъул хIакъикъат.
ТIоцебесеб дунялалъулго рагъуца тIубанго хисизабуна Европаялъул картаялъул сурат. Гьеб букIана Европаялъул маданияталъулъ, ай цебетIеялъул нухда цо гIорхъилъун лъугьараб заман, гьеб букIана консерватизмалъулаблъун, лъай тIибитIизабиялъулаблъун ва чIара-хьараб хIал лъугьараблъун рикIкIунеб ХIХ гIасруялъул ахир – чIахIиял инкъилабазулаб ва дунялалъулго рагъазулаб, тIолабго халкъалъе гьабулеб терроралъулаб ва технология хехго цебетIеялъулаб ХХ гIасруялъул авал.
1914-1918 соназул гьел чIахIиял лъугьа-бахъиназулъ гIахьаллъана дагъистаниялги. 1904-1905 соназул гIурусазулгун япониязул рагъул заманалдаго гIадин, рагъулаб хъулухъ тIадаблъун гьабун букIинчIониги, гьел лъугьана ТIоцебесеб дунялалъулго рагъ байбихьараб заманалда гIуцIараб кIиабилеб Дагъистаналъулаб рекIаразул полкалде. Гьенире хъвазе бокьарал гIемер рукIана. Полк гIуцIиялъе цIикIкIараб квербакъи лъугьана «пачаясе ва ВатIаналъул цIар-реццалъе гIоло» абун гьабулеб букIараб пропагандаялъ, гьединго мугIрузул халкъазда гьоркьоса рагъухъанасул гIамал-хасиятги ва гIарац тIалаб гьабизе гъираги. РекIаразе кьолаан, лъикIаб мухь гуребги, кьили-тIенк, ретIел-хьит ва ярагъ.
КIиабилеб Дагъистаналъул рекIаразул полк гьоркьобе унаан Кавказалъул халкъазул рекIаразул дивизиялде, рагъулъ бихьизабураб кутакаб ва киналго хIайранлъизарураб бахIарчилъиялъухъ балагьун, нахъа гьеб машгьурлъана «ГIалхулаб дивизия» абураб цIаралда гъоркь. 1917 соналъул Октябралдаса хадуб дивизиялъул ва гьелда гьоркьоре унел рукIарал полказул рагъулаб тарихги Кавказалдаса рекIаразул гьунаралги Кавказалъул халкъазул тарихалда гьоркьо­са тIуранго хъвагIан рукIана.
ТIоцебесеб дунялалъул рагъул бахIарзазда гьоркьоса цоявлъун ккола кIиабилеб Дагъистаналъул рекIаразул полкалъул офицер, ЧIикIаб росулъа ХIажи-Мурад ГIарацхан.

Рагъулаб хъулухъалъ эхеде вахин

Гьев гьавуна 1880 соналъул 15 августалда. ЛъугIизабуна Темир-Хан-Шураялъул реалияб училище ва жиндиего бокьун лъугьуна тIоцебесеб даражаялда рекъон эркенго хъулухъ гьа­булев рагъухъанлъун. Россиялъул императорасул армиялде гьедин эркенго хъулухъ гьабулел рагъухъабилъун росулаан тIадаб рагъулаб хъу­лухъалдаса эркен гьариялъулъ бигьалъаби гьечIел, цо хасаб даражаялъул лъай бугел ва рагъулаб хъулухъалде жидеего бокьун лъугьине ракIалде ккарал гIолохъаби. 1898 соналъул 31 августалда ХIажи-Мурад восула Москваялъул рагъулаб училищеялъул юнкерлъун, кватIичIого гьениса витIула Киевалъул рагъулаб училищеялде ва гIодобегIанаб классалде хъвала. 1899 соналъул 2 сентябралда гьев вахъуна унтер-офицерлъун ва тIамула взводалъул портупей-юнкерасул ишал тIуразарулевлъун, цинги – гьитIинав унтер-юнкерлъун (29.09. 1999), кIудияв портупей-юнкерлъун (22.12.1899). ХIажи-Мурадица училище лъугIизабуна 1-себ даражаялда (бищунго лъикIал къиматазда), гьесие кьуна Дагъистаналъул лъелазул полкалъул подпоручикасул чин (9.08.1900).
1901 соналъул 18 декабралда 6 моцIалъ командировкаялъ витIула Дагъистаналъул рекIаразул полкалде, рекIаразул хъулухъалъулгун лъай-хъвай гьабизе. Гьелдаса хадуб гьеб полкалда бухьараблъун лъугьуна гьесул рагъулаб хъулухъ.

ГIурусазулгун япониязул рагъда

ГIурусазулгун япониязул рагъ (1904–1905) байбихьараб мехалда, Николай КIиабилев пая­чаяс Кавказалъул халкъазде хитIаб гьабула, Япониялъулгун рагъда гIахьаллъейилан ахIи бан. Гьедин гIуцIараб Кавказалъул рекIаразул бригадаялде гьоркьобе унеб букIана кIиабилеб Дагъистаналъул рекIаразул полкги. Гьеб полк гIуцIана ургъунго Япониялъулгун рагъда гIахьал­лъизе, полкалде хъвалел рукIана гьеб заманалдего гIуцIараб Дагъистаналъул рекIаразул полкалдаса ва Россиялъул цогидал частаздаса жидеего бокьун кьалде ине разилъарал рагъухъаби.
1904 соналъул марталда, хорунжиясул чинги кьун, ХIажи-Мурад вачуна кIиабилеб Дагъистаналъулаб рекIаразул полкалде гъорлъе. Гьев Дагъистаналъул Порт-Петровск шагьаралде вачIуна гьеб полк данделъараб бакIалде ва 50-абилеб сотIниялде хъвала. Гьениса полк маххул нухдасан ана рагъул кор боркьун букIараб Маньчжуриялде.
ГIурусазулгун япониязул рагъулъ ХIажи-Мурадица бихьизабураб бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ бицуна гьесул хъулухъалъулаб сияхIалда хъван ругел шапакъатаз ва чиналъ эхеде вахинавиялъул баяназ:
* нусилбетIерлъун тIамуна (10.10.1904);
* «БахIарчилъиялъухъ» абун тIад хъвараб ункъабилеб даражаялъул гIазизай Аннал орден шапакъаталъе кьуна;
* полкалъул адъютантасул ишал тIуразарулевлъун тIамуна (20.11.1904);
* Бенсиху абулеб бакIалда рагъулъ тIокIлъи бихьизабуралъухъ шапакъаталъе кьуна хвалчабигун ва бантгун цадахъаб лъабабилеб даражаялъул гIазизай Аннал орден (9.01.1905);
* Япониялъул рагъулъ батIи-батIияб заманалда тIокIлъи бихьизабуралъухъ шапакъаталъе кьуна хвалчабигун ва бантгун цадахъаб лъабабилеб даражаялъул гIазизав Станиславил орден (9.01.1905);
* полкалъул адъютантасул хъулухъалда тасдикъ гьавуна (30.01.1905);
* батIи-батIияб заманалда япониязулгун ра­гъазулъ тIокIлъи бихьизабуралъухъ шапакъа­талъе кьуна хвалчабигун цадахъаб кIиабилеб да­ражаялъул гIазизав Станиславил орден (1.04.1905);
* Мукденалда гIагарлъухъ рагъазулъ тIокIлъи бихьизабуралъухъ шапакъаталъе кьуна хвалчабигун ва бантгун цадахъаб 4-абилеб даражаялъул гIазизав Владимирил орден (17.08.1905);
* рагъулъ тIокIлъи бихьизабуралъухъ хвалчабигун цадахъаб кIиабилеб даражаялъул гIазизай Аннал орден кьун буго (2.10.1908);
* 1904–1905 соназул гIурусазулгун япониязул рагъул заманалда БагIараб Хъанчил Россиялъул жамагIаталъул хIаракатчилъиялъулъ гьабураб гIахьаллъи ракIалдещвеялъе шапакъаталъе кьуна БагIараб Хъанчил медаль (21.04.1909).

Пачаясул конвоялда

МагIаруласул гьединал цIикIкIарал рагъулал гьунаразде гьесул командирзабаз кIвар кьечIого хутIичIо: рагъ лъугIарабго, ХIажи-Мурад вачуна Санкт-Петербургалде ТIадегIанав Императорасул конвоялда хъулухъ гьабизе ва гьев хъвала Лейб-гвардиялъул Терекалъулаб хъазахъазул сотIниялда нусилбетIерлъун (15.04.1906).
Конвоялда хъулухъги гIемерго лъикI унеб букIана. 1910 соналъул апрелалъул ахиралда гьев вахъана подъесауллъун, дарсал кьолаан подхорунжиязул школалда.
Императорасул конвой гIуцIаралдаса нусго сон тIубай кIодо гьабуна 1911 соналъул маялда. Гьеб гIуцIараб къоялдаса байбихьун, конвоялъул тарих бихьизабулеб рохалилаб тадбиралда рекIараз ретIун букIана жиб-жиб заманалъул форма – офицерзабазда ва солдатазда тIад букIана нусго соналда жаниб конвоялъул киналго къокъабазул букIараб ретIел. МугIрузул халкъазул вакилзабаздаса гIуцIараб кIиабилеб взводалъул унтер-офицерасул букIараб формаги бихьизабуна гьениб. ХIажи-Мурад ГIарацхание изну кьун букIана гьеб ретIине. 18 маялда, юбилеялъул къоялъ, Царское Селоялда КIудияб кIалгIаялъул майданалда букIана парад. Гьениве пачаги вачIун вукIана жиндирго хъизамгун цадахъ. Тадбиралъул ахиралда букIана байрамалъулаб къасиквен ва фейерверк. Нахъисеб къоялъ рукIана чуял рекеризе тIами, чуязда рекIухъе батIи-батIиял гьунарал гьари. Цинги – байрамалъулаб къадеквен, сайгъатал рикьи, гIарцулал шапакъатал кьей ва гь. ц. Фотоаппаратаз сураталги рахъулел рукIана. Чанго сураталда вихьизавун вукIана тIадехун рехсараб, 2-абилеб взводалъул унтер-офицерасул хIикматаб форма ретIарав ХIажи-Мурад ГIарацханги.
1812 соналъул ВатIанияб рагъул нусгосонилаб юбилей ракIалдещвеялъе ХIажи-Мурадие кьуна медаль (1912), гьединго гьев мустахIикълъана Романовазул хъизамалъ пачалъи гьабизе байбихьаралдаса 300 сон тIубай ракIалдещвеялъул медалалъеги (1913).
Конвоялда гьабураб хъулухъ лъугIараб мехалда, ГIарацхание кьуна Императорасул конвоялда хъулухъ гьабуралъухъ» гIаламат (5.04.1913) ва гьев Дагъистаналде витIана Дагъистан областалъул рагъулав губернаторасул тIадкъаял тIуразарулев обер-офицерлъун. 1914 соналъул августалда гьев вукIана Самур округалъул начальникасул кумекчиясул ишал тIуразарулев. Гьеб букIана ТIоцебесеб дунялалъулго рагъ байбихьаралдаса моцIгIанасеб заман араб мех.

«ГIалхулаб дивизиялда»

1914 соналъул 23 августалда НикIалай КIиабилев пачаясул ТIадегIанаб буюрухъалдалъун лъазабуна «Кавказалъул халкъазул рекIаразул дивизия» гIуцIулеб бугилан. Гьелде гьоркьобе ине кколаан анлъго полк: Кабардиназулаб, кIиабилеб Дагъистаналъул, Чачаназул, Татаразул, Чергесазул ва Ингушазул. КIиабилеб Дагъистаналъул полк гIуцIулеб букIана рагъде ине бокьараздасан, эркенаб рагъулаб хъулухъ гьабулел рукIараздасан ва Россиялъул армиялъул батIи-батIиял частаздаса, гьездаго гьоркьоб ТIоцебесеб Дагъистаналъул рекIаразул полкалдаса командировкаялъ ритIун рачIарал офицерзабаздаса. Гьедин, дагъистаниязул кIиго полк гIахьаллъулеб букIана ТIоцебесеб дунялалъул рагъул фронталда.
1914 соналъул 26 октябралда ГIарацхан лъугьуна Кавказалъул халкъазул рекIаразул дивизиялъул («ГIалхулаб дивизия») кIиабилеб Дагъистаналъул полкалде.
Россиялъул армиялъул цогидал частазда мухъилал рагъухъабазда абулеб букIараб батани, «гъоркьехунисеб чиналъулал» абун, гьездаса батIаго, «ГIалхулаб дивизиялъул» мухъилал рагъухъабазда цIар лъун букIана «рекIарал» абун. Гьезул ихтияр букIана офицерзабаздехун «мун» абун кIалъазе, гьезие щолаан лъикIаб мухь­ги – моцIие 25 гъуруш. Полкалде лъугьунесул букIине кколаан жиндирго чу, чое хIажалъулеб кьили, чIолохъжо ва цогидабги, ретIел ва ханжар-хвалчен. Рес гьечIезе пачалихъалъ кьолаан чуял. Гьелде тIадеги, жиндиего бокьун полкалде хъвалесе хъулухъалде лъугьунеб мехалъ кьолаан хазинаги.
ХIажи-Мурад Доногъо