Нахъеккун ругеб куц

ГIодобе гъун, турун хвезе пихъги тун

 

Цо нухалда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялде щведал, дандчIварав ишцояс бицана араб гIасруялда Игьали букIун бугин пихъил консервал гьарулеб заводилан. Гьелъул хIакъалъулъ дида рагIун букIинчIо. Амма жакъа ункъоялда анцIилъе сонал рахарал харабаз бицуна гьаниб гьединаб заводги букIанилан, аслияб къагIидаялда куракул компотги гьабулаанилан. Маххул банкабиги къалаанилан квераз ХIамзаласул ХIасан абулев чияс. Гьаб мисалалъ бихьизабулеб буго цебе хIукуматалъул халкъалдехун букIарабги гьанже бугебги бербалагьи.
СССР биххизегIанги игьелдерида гIагарлъухъ букIана пихъил консервал гьарулеб кIиго завод (Кьохъ ва ЧIиркъатIа). Гьезги кIудияб кумек гьабулаан гIадамазул ва колхозалъул пихъ бичун босиялъе. Гьанже гьезулги цIарал бица-кицаде хутIана. Жакъа, жалго лъикIал лъугьун курак босизе рачIунел ва Россия­лъул батIи-батIиял шагьаразде гьеб ба­ччулел гIадамал рукIинчIелани, лъаларо хьиндалаз пихъида щиб гьабизе букIарабали. Чара щиб, къун багьаялде кьунги кьезе кколеб буго гьезие. Цо-цо сон букIана бананазул коробкаби куракулги цIун, 15-18 КамАЗ машина цо къоялъ росулъа къватIибе регIарабги. Амма эрменазулги, ираназулги, азербайжаназулги, кин гIе­за­бу­рабали лъалареб пихъица зан­кIун цIурал базаразда даранги би­тIичIого, тIадруссинеги кколел ру­го ракьцоял.
Хинал улкабазда рижулел цитрусазде гIунтIунги игьелдерил жаниблъиялда бижулареб пихъго гьечIо. АнцI-анцI батIияб сорт бижула гIеч-гениялъулги. Амма цо-цо ахакье щвараб мехалда, дагьабниги ракI тIеренав чиясда, битIахъе магIу кквезе кIолареб хIал букIуна, хIетIе чIезе бакI гьечIого, гIодобе гъун, турун холеб пихъ бихьидал. Аллагьас гьадин гьарзаго кьураб нигIмат гIадада хвезе течIого сокниги, къанцIаниги, компот-пюрениги гьабизе щай босуларебин ахIана Болъихъ бугеб пихъил консервал гьарулеб заводалъул хIалтIухъанасухъе. Гьесул жавабалъги рази гьавичIо. Гьедин, таманалго тоннаби гьеб пихъил турунги хола.
Жакъа нилъ пашманлъизе ккараб хIужа буго умумузул заманалда рукIарал анцI-анцI батIи-батIиял сортал лъугIун унел рукIинги. Кинабго гIарцуде буссун бугеб гьаб заманалда дагьго гурони пайда кьоларел сортал гIезариялде кIварго кьолеб гьечIо. Умумузул некIсиял тIагIелалги, партал-магIалги, рукIа-рахъи­налъулъ хIалтIизарулел рукIарал алаталги хадусел гIелазе нахъе цIунизе хIаракат бахъула, амма тIадехун рехсараб суалалда тIад хIалтIи гьабулеб идара яги махщалилав гьечIо. Гьелдаго цадахъ гIечул гъутIбузда баккун буго бичIчIулареб унтиги: исана цо гIаркьел бакъвала, бачIунеб соналъ — бащдаб гъветI, хадусеб соналъ — тIубанго къотIизе ккола. КигIан-кин бугониги, гIемерисел ахихъабазе бокьулеб гьечIо пихъида аскIоб «химия» хIалтIизабизеги. Бокьаниги, магIарухъ рукIунел чIахIиял гъутIбузе дару гьаби хIалкIолеб ишги гуро.
Лъанлъари росулъ баккана тIоцебе хурмаялъул цIияб сорт — пурчIун гьечIеб хурма («хьон гьечIеб хурма» абула игьелдерица гьелде). Гьелъу­л бугеб пайдаги бихьун, ахирал соназ гIадамаз гъутIби рацIцIун, гьарзаго гIезабизе байбихьана гьеб. Гьеб бичун босулел чагIиги ккола азербайжанал. Гъоркьисайин абуни, гьукъана гIадамазе гIорхъи бахун доре-нахъе хьвадизе ва гьедин гIадада хвана гьеб нигIматалъулги лъикIаланго къадар.
ПалхIасил, гьеле гьединаб буго республикаялъул ва улкаялъул тIадчагIаз ахихъабазул гьабулеб тIалаб.
Магьди ГIабдурахIманов,
Игьали росу