Къимат

ЦIиял технологияздаса пайдаги босун…

Муфтияталъул хIаракаталъе лъикIаб къимат кьуна

Россиялъул МИДалда тIобитIараб пресс-конференциялда бицана терроризмалде данде къеркьеялъул хIакъалъулъ. Гьеб гIуцIана РФялъул терроралде данде къеркьеялъул комитеталъул (НАК) аппараталъул нухмалъулесул тIоцевесев заместитель Игорь Кулагиницаги НАКалъул информациялъулаб централъул нухмалъулев Андрей Пржездомскиясги. 

Игорь Кулагиница абуна, терроризмалъулгун экстремизмалъул пропаганда къуваталда бугеб заманалда кIудияб кIвар бугин нилъер улкая­лъул гIадамал, тIоцебесеб иргаялда, гIолилал гьеб заралияб идеологиялдаса ри­кIкIалъизариялъул мурадалда гIуцIулел тадбиразул.
Гьеб рахъалъ пайдаяб хIалтIи гьабулеб буго Дагъистаналъул муфтияталъин тIадеги жубана Андрей Пржездомскияс. «ГIолилазда кIалъазе ккола гьезул мацIалда ва гьезие ругьунал бакIазда. Хасавюрталда тIобитIараб данделъиялда гIолилазулгун накъиталъе хIалтIизаруна гьанжезаманалъу­л къагIидаби. Гьеб ишалъул рахъккуна ДРялъул Информатизациялъулгун бухьеназул ва гIаммал коммуникациязул министерствоялъги. Хасавюрталда, мажгиталъул имамасул заместитель Камилгерей Салгереевас жиндирго рокъоб гIуцIун буго «Исламалъул пикру» абураб онлайн-студия. Щибаб къоялъ гьес 20 минуталъ жавабал кьола гIолилазул суалазе ва гьарула сахлъиялъулги, гьудуллъи-вацлъиялъулги, талихIалъулги, рекъелалъул­ги, гIелмуялъулги, бизнесалъулги, дунялалда бугеб ахIвал-хIалалъулги хIакъалъулъ накъитал. Гьеб кинабгоги бицуна диналде мугъги чIван, амма киназдаго бичIчIулеб мацIалда. Дагьалъ цебе дица бухьен гьабун букIана Дагъистаналъулгун – гьеб пайдаяб мисал тIибитIизабизе ракIалда буго киса-кибего», — ян бицана НАКалъул вакилас.
Муфтияталъ гьеб рахъалъ гьабулеб хIаракаталъе нугIлъи гьабула социалиял гьиназда ругел имамзабазул аккаунтазги росабазул жамагIатазулгун ва лъайкьеялъул идарабазул цIалдохъабазулгун гьез тIоритIулел дандчIваязги. Кидаго гIадин, гьениб букIуна ракIрагьараб хабарги. Аккаунтаздасан диниял хIаракатчагIаз жавабал кьола гIадамазул батIи-батIиял суалазеги. Гьеб ккола захIматаб хIалалде ккарал чагIазе психологияб кумекги малъа-хъвайги.