8600 чиясе бакI ХIежалде ине хIадурлъиялъе гьаризе ругел хIалтIаби байбихьиялъул хIакъалъулъ бицана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Рамазан Жафаровас тIобитIараб данделъиялда. Исана Дагъистаналдаса хIежалде ине вуго 8600 чи. Нухазда бугеб хIалуцараб ахIвал-хIалалда бан, аслияб къагIидаялда, гьенире ине руго самолетазда. КъватIибе бачIун буго «ХIежалде хIадурлъи — 2019» абураб ДРялъул бетIерав санитарияв тохтурасул хIукмуги.Данделъиялда гIахьаллъана ДРялда бугеб...

