Нур сунареб бакъ

Наби ГIисаев гьавуна ЦIунтIа районалъул Гьинухъ росулъ. ЛъугIизабуна ДГУялъул филологияб факультет. ХIалтIана ЦIунтIа районалъул «ЗахIматалъе рецц» абураб газеталда, Гьинухъ росдал гьоркьохъеб школалда магIарул мацIалъул учительлъун. ГьабсагIаталда вуго хIалхьиялда.

 

Наби ГIисаев ккола кучIдузул тIахьазул автор. ШагIирасул юбилеялде басмаялде бахъун букIана гьесул тIасарищарал асаразул кIиго том. Дагьалъ цебе басмаялде бахъана гIурус мацIалде таржама гьарурал кучIдузул кIиабилеб мажмугIги. Газеталда бахъулеб буго «Нур сунареб бакъ» абураб поэмаялъул бутIа.

 

 

Эбел, гьанже дур рукъ чIегIераб лахIду,

ЧIвараб ракIгун вуго хабаде къулун,

Эбел, эбелилан ахIи баниги,

Дуца данже жаваб гьабулеб гьечIо.

 

 

Хъирул заниялда сверун къвалги бан,

Къоялъ гIоданиги, хIалхьуларо ракI,

ХIажат гьечIо дуе дир магIил гарал,

ГурхIелги, рахIмуги, рекIел бакъвайги.

 

 

Бусада унтуца кIвекIулеб мехалъ,

КIиго-лъабго рагIи абуна дуца:

«Дир ургъел гьабуге, ургъел гьабизе

Гьале гIун рачIунел дургоги лъимал.

 

 

Канлъиги, рокьиги рекIел хинлъиги

Сайгъат гьабе гьезий дуца гьарзаго.

Соназ нахъа тарал халатал нухаз

Мун гьелде цо къоялъ кантIизавила.

 

 

Раче, дир вас, гьел битIараб нухде,

Малъе динул ислам гIумруялъ, хIал кIун,

ХIалалаб, хIарамаб батIагьабизе

Бичасул умурал тIуразе гьарун.

 

 

Гьезий гьабе хъулухъ, гьезий кье хинлъи,

Кинабго гIуцIе ва цIуне гьезие,

ЦIадакьги гIаздакьги гIакъуба хIехьон,

Нижеца нужее гIуцIараб гIадин.

 

 

Щукру-рецц хIалкIолев БетIергьанасе,

ГьанжелъизегIанги чIаго таралъухъ,

Чанги чIегIераб къо къулчIананиги,

Къварилъи гIисиназ кIоченабуна».

 

 

Дир хьолбохъ эхетун анкьабго лъимер

Дуца абуралъул хIисабалъ буго,

Ва дур рагIабазул магIна, гъварилъи,

Мех анагIан, цIикIкIун бичIчIунеб буго.

 

 

Баркала дуй, эбел, нухда гъветI гIадин,

Нижер хьолбохъ даим яхъун чIаралъухъ,

МагIарул гьайбатал гIадатал цIунун,

ГIаданлъи-яхIалъул дарсал кьуралъухъ.

 

 

Дур лъикIлъи, гIадатлъи, гIадан хиралъи

ХвезегIан хъваниги, хъван бахъунаро,

БокьанагIан гIемер сонал кьуниги,

Налъи бецIун дихъа бажариларо.

 

***

 

МагIарда чанил гIадин,

Чара хун угьдула ракI

Дуда бер чIвалеб мехалъ,

Дуда бер чIвачIеб мехалъ,

Дир эбел!

 

 

ГIоралъ бачунеб бакъан,

Бакъуца кьолеб хинлъи

Гьанже мукъсанлъун буго,

Гьанже мукъсанлъун буго,

Дир эбел!

 

 

Гьале дун рокъов щвана,

Балагьана – мун гьечIо,

Мун гьечIеб мехалъ дие

Дунялалъул кеп гьечIо,

Дир эбел!

 

 

ДагIба гIемерлъун буго,

ГIадан учузлъун вуго,

ГIадлу тIеренлъун буго,

ТIаса лъугьа дидаса,

Дир эбел!

 

 

Нижер гьасда цIа свана,

Дир рукъалъул бакъ свана,

Соназ бихьичIо дида

ГьадигIан квачараб март,

Дир эбел!

 

 

Лъимал хадур ралагьун

ХутIун руго ургъалилъ,

Хабал къаналги рорхун,

ЯчIунарей щайзе мун,

Дир эбел!

 

 

Рукъ цIурал лъималги тун,

Хадуй лъадиги ана,

Лъиде ургъел чучилеб,

Чорхол хиял бикьилеб,

Дир эбел!

 

***

 

Дун – инсул вас, гьанже дун

Васазул эмен вуго,

Аллагьасе гурони

Дица бетIер къуличIо.

 

 

Къварилъи лъималазда

Лъазе тани малъгIанаб.

Мунни щиб, БетIергьанги

ТIаса лъугьунге абе.

 

 

ХIинкъани, нахъе къани,

Къавулъ питна бекьани,

Дур хабаде вахине

Къуват дие гIеларо.

 

 

КIалдиса хинкI бахъараб

ХIукумат бачIаниги,

ХIалкIолъи – кIудав Бичас

Чед камун ниж толаро.

 

 

Амма кьвагьи къотIараб

Сордо гьечIо, къо гьечIо,

Къварилъи чанги лъана,

Лъимал чанги гъурана.

 

 

Щогеги тIаде балагь –

Гьале щивасул анищ.

Наслу гIезе биччан те,

ГIурда тIугьдул киниги.

 

 

Дуниялалъул рокъоб

Рекъелги гьудуллъиги

Гьарула дица, эбел,

Аллагьасул цIар бахъун.

 

 

ЦIуне ракьалда лъимал

Рокъукъал харбаздаса,

Гьезие гвангъизе те

ТалихIалъул багIарбакъ.

 

 

Гьеб мехалъ питна къина,

Гьеб мехалъ кьал къотIила,

Гьеб мехъалъ ахIулеб кечI

Дир батIияб букIина.