«Бомбаялда» тIадги кIусун…

 

Жиндирго ккараб цо лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ гьадин бицана ГIумаров АхIмад абулев чияс:

«Дир гьудул Рафикица дун МахIачхъалаялъул Учхоз авалалде гьоболлъухъ ахIун вукIана. Богорокъоб квана-гьекъолаго, столалда гъоркь чIечIого хIатIазда балеб цо жоялъ дир санагIалъи хвезабун букIана. Гьеб нахъе босизе бегьуларищин гьикъидал, АхIмадица абуна: «Нижееги цIакъ бокьун буго гьеб нахъе босизе, амма къуват гIоларого буго, — ян». Хадуб, тIансаги нахъе чIван, столалда гъоркьан унеб бицатаб газалъул рогIороги бихьизабун, гьес абуна: «ТункIихарил бочкаялда тIад гIадаб гIумру буго нижер, гьелъул гIарз гьабун, хитIаб гьабичIеб бакI течIо, амма щибго пайда ккечIо. Газалъул роргIрида тIад кваналел хинкIазулги щиб тIагIамха букIинеб?! АхIмадица бицунеб жоялда тIуванго божичIого, Учхозалде цIех-рех гьабизеян щварав дица, цо минаялда гъоркьан унеб газалъул мухъалъул суратал рахъулел рукIана. ТIаде вачIарав минаялъул хважаин Къурбаница абуна: «Нижер азбаралдаги минаялдаги гъоркьа гIебеде унеб буго газалъул гьаб труба. Гьелъул бугеб хIинкъи лъайдал, я кваналеб кванил тIагIам гуро, я кьижун макьуялъул хIалхьи гуро, нерваби хун, гIадаллъизехъин вуго дун. Лъеберго соналъ милициялда хIалтIана, лъалел хIакимзаби гIезегIан руго, амма лъихъе аниги, кибе хитIаб гьабуниги, бадиве валагьулев чи кколев гьечIо. Хехал тадбиралги гьарун, гьаб труба цоги бакIалде бахъичIони, кIудияб балагьалде рачиналда хIинкъи буго», — ян.

 

 

«Газпром трансгаз МахIачхъала» ОООялъул жавабияв хIалтIухъанас (газеталда цIакъ рехсезе гьев разилъичIо) абуна: «Гьаниб бицунеб бугеб газалъул рогIоро уна МахIачхъалаялъул Казбековасул къватIалдаса байбихьун, Семендер поселокалде щвезегIан. Гьелда тIад ва аскIор цун ран ругел нус-нус минабазда жанир гIумру гьабун руго аза-азар чи. Гьезул гIумруялъе ва магIишаталъе буго кIудияб хIинкъи. Ракьулъ бугеб цIамул лъамалъиялъги, кьавуцаги кванаялъ, гьел тIеренлъичIогоги загIиплъичIогоги рукIунаро. Лъида лъалеб гьезул «сахлъиялъул» бугеб хIакъикъияб ахIвал-хIал? Лъида лъалеб гьеб сабаблъун щиб балагь ккезе бугебали? Гьелдалъун гIадамазеги гьезул минабазеги бокьараб лахIзаталда жаниб ккезе бегьула хIатталдаса ун цIикIкIараб зарал.

 

 

Гьенир ругел нус-нус минаби риххизе ва аза-азар гIадамал гьениса гочинаризе бегьуларо. Амма заман щун буго газалъул рогIоро цоги рахъалде бачине. Гьеб ккола кида-къадги гьабичIого гIолареб хIалтIи.

1999 соналъул 31 марталда къабул гьабураб №69-ФЗ «О газоснабжении в РФ» абураб федералияб законалъул №28 статьяялдаги, РФялъул ракьул кодексалъул № 90 статьяялъул анлъабилеб пункталдаги, РФялъул Гостехнадзоралъ тасдикъ гьабураб магистралиял газалъул мухъал цIуниялъул къагIидабаздаги, «Магистралиял газалъул мухъазда аскIор минаби ва цогидал бакIал раялъул низамаздаги мухIканго бихьизабун буго кIудияб тIадецуялъул газалъул рогIоро ракIчIараб ва хIинкъи гьечIеб къагIида букIинабиялъе, гьединго авариялъулаб ахIвал-хIал ккеялдаса гьел цIуниялъе законалдалъун цебеккунго хIисабалде босун ва тасдикъ гьабун буго гьезда аскIор чарагьечIого рукIине кколел цIуниялъулал зонаби ва букIине бегьулеб бищунго гьитIинаб манзил.

 

 

Авлахъалда бугеб газалъул мухъалъул кIиябго рахъалда букIине ккола 25 метралъул цIуниялъулаб зона. Газалъул мухъалдаса минабазде ва цоги рарал бакIазде – I00-ялдаса 300 метралде щвезегIан манзил, гьеб бараб букIуна трубаялъул биццалъиялда ва гьелъул категориялда. ЦIуниялъулаб зонаялда гьукъараб буго гIадамаз гIумру гьабулел минаби ва цоги бакIал разе, гIи-боцIи хьихьизе ва, газалъул мухъ хIалтIизабиялдаса пайда босулеб идараялъул (масала, «Газпром трансгаз МахIачхъала» ОООялъул изну гьечIого, киналгIаги хIалтIаби гьаризе.

ДРялъул ракьалдасан унеб буго лъабго кIудияб магистралияб газалъул рогIоро. ЦебечIезабе, цогун бащдаб диаметралъул трубаялдасан кутакаб тIадецуялда унеб гучаб газалъул гIор. Авария ккани, цIадул мацIалъ къвагъун реххула 500 метралъул сверухълъиялда бугеб кинабго рухIчIаголъи.

Гьединаб хIинкъи бугониги, хIинкъи бугел зонабазда гьоркьоса къотIичIого тIатинабула гIадлу хвезабиялъул хIужаби. Шагьаразул ва районазул бутIрузда, гьединго газалъул мухъалда аскIор ругел ракьаздаса пайда босулел чагIазда «Газпром трансгаз МахIачхъалаялъ» лъагIалида жаниб кIиго нухалда лъазабула газалъул балагьалдаса цIуни-къай гьабеян ва газалъул мухъалда аскIоб цIуниялъулаб зонаялда букIине кколеб манзил тезе кколилан.

 

 

Гьел тIалабал цIуничIолъиялдалъун ккараб балагьалъул цо гьадинаб мисал бачана гIемерал соназ «Газпром трансгаз МахIачхъала» ОООялда инспекторлъун хIалтIарав МухIамадов ГьитIинас:

 

 

— ГIала-гъважа гIемерал 90-абилел сонал рукIана дол. Цо пуланав чияс Семендер поселокалде унеб газалъул рогIороялда тIад мина балеб бугеблъи лъан, цIех-рех гьабизе витIана дун. РогIоро унеб бугоан минаялъул кIиябго рахъалдасан кьучIги борлъун. Закон хвезабулеб бугин, минаялда цIа ккеялда хIинкъи букIунин абун дагIба гьабизе дун лъугьиндал, хважаинас дида рихьана ракьул участкаялъул зеленкаги ва гьелда тIад мина базе ихтияр кьурал документалги. Лъабго лъагIалидасан лъана, газалдаса цIаги ккун, гьеб минаги тIолабго хъизанги бухIун букIин. Гьединал лъугьа-бахъинал гIемерал ккола, — ян.

 

 

Учхозалдаго гIадинаб, минабиги рорлъун унеб газалъул рогIоро буго МахIачхъалаялъул Ленинский ва Кировский районаздаги. Гьенир рарал цо-цо минаби руго я шагьаралъул архитекторасул, яги кадастровияб палатаялъул изну гьечIого рарал. Магистралияб трубаялда жанисан унеб газалъул тIадецуй буго 55 атмосфер, (рокъоб хIалтIизабулеб газалъул тIадецуй — 0,000I3 атмосфер).

Балагьалдаса цIуниялъе газалъул мухъ кIванагIан хехго цогидаб бакIалдасан бачине ккола. ДРялъул хIукуматалъ абулеб буго, гьеб хIалтIиялъе харжал «Газпром трансгаз МахIачхъала» ОООялъ гьаризе кколин. Гьелги чIун руго харжал гьаризе кколин изну гьечIого гьенир минаби раразилан абун.

«Газпром трансгаз МахIачхъала» ОООялъул изну гьечIого газалъул мухъазда аскIоб цIуниялъулаб зонаялда киналгIаги хIалтIаби гьаризе бегьуларо. Ракьул участок босулелъул ва мина базе план бахъулелъул, чара гьечIого лъазабе аскIоб цIуниялъулаб зона бугищали. ЛъикIаб букIина, участкаялъул мадугьалзабазда цIехон, аскIосан унеб газалъул мухъ бугищали лъазабуни.

  

  

Гьеб масъалаялда тIасан гIарз гьабизе яги цIехезе бокьараб суал бугони, ахIе гьал идарабазул специалистазухъе:

  • 3680I8, г. Махачкала, пос. Турали, ул. Сурхай-Хана, тел.: 8(8722)5I-96-I4, +7 (958)453-24-93;
  • 368600, с. Сабнова, Дербентский район, фед. а/д «Кавказ», 932 км,

тел.: 8(8722)5I-99-04, +7 (958)453-24-99;

  • 368870, Тарумовский р-н, с. Тарумовка, пер. Гагарина, д. 39,

тел.: 8(8722) 5I-96-00, +7 (958)453-24-87;

  • 368I24, г. Кизилюрт, фед. а/д «Кавказ», 759 км, тел.: 8(8722)5I-97-04;
  • 368552, Каякентский р-н, с. Первомайское; тел.: 8(8722)5I-98-04, +7 (958)453-24-96.