Гьал къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана ясазда гьоркьоб «Бищун халатаб гъал» абураб къец. Гьединаб къец тIобитIиялъе гIиллаги букIана гьаб заманалда гъалал тарал руччаби къанагIат гурони гьечIолъи. Цебейин абуни, нилъер улбузул чохтIоялда гъоркьан раккун рукIунаан халатал гъалал. Гьанже халатаб гъал бугей яс йихьи буго къанагIатаб жо ва мода бугинги абун, гIемерисез гьабулеб буго берцинаб катIари. Къец тIобитIиялъе...

