Ахираб заманалда Дагъистаналъул ракьалда ругел гидротехникиял объектазул инвентаризация гьабун букIана. Гьелдаса хадуб халгьабуна гьел объектал хIалтIизариялъул бугеб ахIвал-хIалалъухъги. Рехсарал тадбиразул хIасилал гьаруна Владимир Васильевас тIобитIараб ДРя-лъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул советалъул данделъиялда. ГЭСазул халгьабиялъе гIилла ккана Иркутск областалда исана риидал ккарал пашманал лъугьа-бахъинал. Доб мехалда улкаялъул президент Владимир Путиница лъазабун букIана Россиялъул тIолалго ГЭСазул халгьабизе кколин...

