ГIодосанго мадугьаллъиялъул лъикIал гьоркьолъаби ратана Шамил районалъул Бакълъухъ, ГIасаб ва ГIахьвахъ районалъул Изано росабазул жамагIатазда гьоркьоб. МегIер-гIалахалъулги гIи-боцIулги дагьабищха цоцазе кколеб жо букIунеб гIорхъицоял мадугьалзабазул.Умумулъанго киналго суалал гьел росабаз тIуразарулелги ратана гьудуллъиялда. Цоцазул хIурматги цIунун. Росабазда гьоркьоб бухьеналъе квербакъулеб тIеренабго кунлъун букIана Изаноса ХIапури мегIер къотIун ГIасабе унеб чIедерабго нух. Советияб власталъул соназда...

