НекIсияб Шура – гьанжесеб Буйнакск

(Сапаралдаса хъвай-хъвагIаял)

 

 

ГIисинккун гIазуги балеб, лъикIаланго цIоройги бугеб къоялъул бакъанида щвана ниж Буйнакск шагьаралде.

 

Сапаралъул кIиго мурадги букIана — шагьаралъул къо кIодо гьабиялъулгун «Комфортная городская среда» абураб программаялда рекъон бараб фонтан рагьиялъул рохалилал тадбиразда гIахьаллъи гьаби ва шагьаралъул бетIерасулгун дандчIвай тIобитIи.

 

IMG 6638

Гьава-бакъалъул согIал шар-тIазухъ балагьичIого, гIемераб халкъ бакIарун бугоан шагьара-лъул аслияб майданалде.

 

 

 

Аваданаб чIиргъи-хъуялъ кодоб босун бугоан тIолабго сверухълъи. Рахъ-рахъалда чIван ругоан Дагъистаналъул тIоцебесеб тахшагьар Темир-Хан-Шураялъул, ай гьанжесеб Буйнакскалъул гIумрудул, гIемерсоназулаб тарихалъул хIа-къалъулъ бицунел батIи-батIиял тIагIелаздалъун, хIалтIул алатаздалъун, суратаздалъун ва экспонатаздалъун бечед гьарурал чадирал.

Лъим гIадин гIагараб шагьара-лъул тарих лъалей ва бицуней цо берцинай гIаданалъги кьолеб букIана ракIазе хинлъи.

 

 

 

Кинаб чадиралде аскIоре аниги, адабалда, рохалида ва рекIелъ цо гьуинлъигун къабул гьарулел рукIана буйнакскиялъулаз хIукуматалъул вакил, коррупциялъул тушман ГIалибег ГIалиевги гIадатияв журналист — дунги. Ахирисеб чадир бищунго бокьана нижее, щай абуни гьеб букIиндал кванил батIи-батIиял нигIматаз цIун. ГIемераб заманалъ хIалбихьичIеб мугьалдаса байбихьун, хIанчIил рахь хутIизегIан, бокьараб нигIмат букIана гьениб.

ГъираялдакиналготIагIамазул хIалги бихьун, гьаругьинан рачIана шагьаралъул чIухIилъун лъугьине рес бугеб фонтаналде аскIоре.

 

 

Лъабго берцинаб хъабаялда жаниса чвахунги бачIун, хадуб аза-азар тIирабаздеги сверун эхеде гьаваялде унеб бугоан лъим. Кутакаб асар гьабуна, жинда тIад чанго миллионги хвезабун гIуцIараб, жиб рагIабаздалъун бицинеги борцинеги рес гьечIеб, гьайбатаб, берцинаб проекталъ.

Гьале бищунго рохалилаб лахIзат — гьитIичаз къотIана фонтан рагьиялъул чIоло.

Байбихьана ихтилат-кеп, кечI-бакъан. Киса-кибго букIана байрамалъулаб ахIвал-хIал, хIеренаб калам, кутакаб чIаголъи.

Хадуб цо чIурканаб кафеялда кIодо гьабуна гIемерал моцIаз гьабураб кIудияб хIалтIи.

 

 

Гьенив камурав чиги чиновниказул вукIинчIо — Дагъистаналъул бетIерасул полпред ГIабидин Хъарчигъаевасдаса байбихьун шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул гIолохъанай начальникалде щвезегIан.

МагIнаял кIалъаял, ракI-ракIалъулал баркиял, берцинаб гIодорчIей. Бахиллъана дун гьеб сордоялъ Буйнакскиялъул чиновниказул гъункиялда, цоцадехун бугеб адабалда.

ГIагараб шагьаралъул гьайбатаб букIинеселъухъ ракIунтун ва гъираялда бицунеб букIана хабар лъарагIасги, магIаруласги, даргиясги, лезгиясги, тумасги, нугъаясги, гIурусасги.

Гьаниб цолъун буго тIубараб Дагъистан, лъицаго гьикъулеб гьечIо лъилго миллат, мацI, цIар.

 

 

Гьал киналго руго некIсияб Шура шагьаралъул тарихги лъалел, гьанжесеб Буйнакск цебетIезабизе гъираги бугел, гьелъул гIумруялъулъ жидерго лъалкIги тезе бокьарал гIадамал.

Гьанир, тIул бикьарав кIиго вац гIадин, аскIор гIодор чIун руго шагьаралъул ва районалъул бутIрул. Гьезда сверухъ буго гъункараб, захIмалъабазда цебе бетIер къулулареб, къуватаб команда.

 

 

Гьаб шагьаралда ана иманги, гIадлуги, гIаданлъиги бугев инсан, машгьурав спортсмен, ЛъаратIа районалдаса магIарулав Исламудин Нургьудаевасул лъимерлъи ва гIолохъанлъи.

 

 

Ахирал соназда МахIачхъалаялда рахIатаб гIумру гьабулев вукIарав Исламудинида гьудул-гьалмагъзабаз, гIемерал лъале-хъвалез гьарана гIагараб шагьаралде тIадвуссаян ва гьелъие нухмалъи гьабеян. Исламудин вуссана, гьесда гIадамаз божилъи гьабуна шагьаралъулги жидергоги къисмат. Ва мекъи ккечIо халкъ…

 

 

— ХIарщул цIураб, хIалалъ гIадамал тIасан хьвадулеб, дунгоги гIемер хьвадараб лъимерлъиялъул нухде хъил тIезе рагIи кьун букIана дица диего, — ян бицунеб буго И. Нургьудаевас данделъаразда. — Аллагьасулги, нужерги, хIукуматалъулги кумекалдалъун дида кIвана гьеб къватIалъул тIубанго сурат хисизабизе. Жакъа гьенисан рохалида хьвадулел дир яцаз ракI-ракIалъ, къвалги бан, дие баркала кьола. Гьелдаса кIудияб рохелги шапакъатги щибха букIинеб чиясе?!

 

 

Гьединги абун, шагьарцоязда байрамги баркун, гьезие икъбалги, рекъелги, рокъоб баракатги гьарун, лълъар борхана Исламудин Нургьудаевас.

ГIемерал лъикIа-лъикIал пикрабиги къасдалги руго гIолохъанав мэрасул.

Спорталдаго гIадин, политикиябгун жамгIияб гIумруялъулъги бергьенлъаби росизе ва цIи-цIиял гIорхъаби рахине хиялгун цеве унев вуго гьев.

 

 

Нух битIаги дуе, магIарул яхI бугев бихьинчи!