ТIоцебесеб дандчIвай

 

13 декабрь – Сидрат Мажидова гьаюраб къо

 

Гьеб букIана 1972 сон. Доб мехалда дица гIумру гьабулеб букIана Шамхал посёлокалда. Шамхалалде гIемер бачIунаан Авар театр. ЗанкIун цIун букIунаан Культураялъул рукъалъул зал театралъухъ ралагьизе рачIарал шамхалалъулаз ва мадугьалихъ бугеб Богатыревка росдал гIадамаз.

 

Доб сордоялъ Шамхалалде рачIун рукIана РСФСРалъул халкъияй артистка Сидрат Мажидова гъорлъ йигеб къокъаялъул артистал. ГIадат букIана спектакль лъугIун хадуб артистал лъица букIаниги кваназе, хIухьбахъизе рокъоре гьоболлъухъ рачунеб. Гьелин абуни, цо-цо мехалда разилъулаан, цо-цо нухалда гIедегIун ругилан, унаан.

Шамхалалда гIумру гьабун гъол соназ вукIана СалтIаса, мунагьал чураяв, Камил ва гьесул хъизан-лъимал. ЦIакъ кечI-бакъан хирияв чи вукIана гьев. Гьес, течIого рокъоре рачана артистал. Камил лъикIав гьудул-гьалмагъ вукIиналъ, дунги ккана гьениве.

Камилил лъади Асиятица лъикIаб гьоболлъиги гьабуна артистазе. Ва кванан хадуб киназего бокьана Сидратица кечI ахIизе. Амма гьеб къокъаялда цадахъ Сидратие пандур хъвалев чи вукIинчIо.

 

 

— ХъарамухIамадил гъове векереха, Камил, гьесул гъоба пандур буго, гьесги ГIабдулвахIидицаги кигIанги лъикI гурищ пандуралда бакънал рачунел, — ан абуна Асиятица росасда.

 

 

Камил ун хадуб Асиятица бицана ХъарамухIамад вугин Гьарадирихъа Шамхалалда гIумру гьабун чIарав, МахIачхъалаялда институталда хIалтIулев гIелмабазул кандидат, ГIабдулвахIидги, росулъ микьго классги лъугIизабун, тIасиял классазда цIализе гьес жиндихъего вачарав, гьесул гьитIинав вацгIал вугилан.

Заманго иналде, ХъарамухIамад МахIачхъалаялдаса жеги вуссун ватичIилан, цадахъ ГIабдулвахIидги вачун, пандурги къвалакь ккун, вачIана Камил. Хадуб, гьабги-гьабги бакъан бачун бажарилищан Сидратица цо-цо сверел кочIол ахIун бахъиналде, гIолиласул килщал пандрида расандана ва Сидратица ахIулел кучIдузул хIасратал бакънал рокъор роржанхъана. Киназго гIажаиблъи гьабуна, жеги ичIабилеб классалда цIалулев гьитIинав гIолиласул пандрида бакънал рачине бугеб махщалида.

 

 

– Гьале нилъее ХъахIав Мухтар хисизе чи, — ян махсара гьабуна артистаз ГIабдулвахIидие, МахIачхъалаялде щведал, гьоболлъухъ щвечIого вукIунгеянги гьарана гьез гьесда.

 

 

ХъахIав Мухтарин абуни вукIун вуго жинцаго кечIги ахIулев, Сидратица ахIулел кучIдузде данде пандурги хъвалев ЛъагIилухъа Мухтар СайгидхIусенов.

Ункъо кечI ахIана Сидратица доб сордоялъ нижее, ГIабдулвахIидица пандурги хъван. Бищунго нижеца гIажаиблъи гьабураб жо — къойил Сидратида аскIорги рукIунел, гьелъул кучIдулги гIемер рагIулел театралъул артистазе, нижее, къанагIат радиоялдасан гурони гьел рагIуларездаса цIикIкIараб асар гьабулеб бугоан гьелъул кучIдуз. Гьедин махщалида пандур хъвалев чияс дуца кечIги ахIулеб батилилан тIаделъана ГIабдулвахIидиде артистал, амма ахIизе гьаракьги махщелги гьечIилан, гIолилас инкар гьабуна.

 

 

…КIикъогогIан сон ана гьеб дандчIваялдаса хадуб. АскIосан йихьичIониги, сценаялдасан гIемер йихьулаан гьей. ГIабдулвахIидилгун, Шамхалалда I0 классги лъугIун гьев аралдаса, дандчIвай ккун букIинчIо, амма ракIалда чIун вукIана. Дунгоги чанго соналдасан Шамхалалдаса нахъе гочана.

20I3 соналъ «Гьудуллъиялъул рукъалъул» фойеялда тIобитIулеб «Прессаялъул балалде» ккана дун. НуцIихъа жаниве лъугьаравго, берречIчIана «ХIакъикъат» газеталъул бокIоналда данделъарал ГIали Камаловасдаги, газеталъул цогидал хIалтIухъабаздаги. Гьенирго ругоан нилъер машгьурал музыканталги, театралъул артисталги. НуцIихъехун мугъги кьун чIарав чигун гара-чIварулей йигоан Сидратги. АскIове щведал лъана гьев ГIбдулвахIид вукIин. Гьесда дунги лъана. Сидратида дун ракIалда ватичIо. Дида ракIалдещвана доб Шамхалалда ккараб хабарги, ГIабдулвахIидги театралияб яги музыкалияб нухда хIалтIулев ватилин пикру гьабуна. Амма гьев политикаялде гъорлъе жуван вугоан.

Гьес лъугIизабуна тIадегIанаб партиялъулаб школа, СССР биххизегIан хIалтIана комсомолалъул гIуцIабазда, КПССалъул Гъизилюрт шагьаралъул комитеталда, гьабсагIатги хилиплъун гьечIо партиялъе ва хIалтIул вуго КПРФалъул Гъизилюрт шагьаралъул комитеталъул тIоцевесев секретарлъун ва шагьаралъул муниципалияб газеталъул бетIерав редакторлъун.

Гьайбатаб лъугьа-бахъин гIадин ракIалда букIана дида тIоцебе Сидрат йихьараб, гьелъул кечIги аскIосан рагIараб, Шамхалалда ккараб дандчIвай. Гьеб цIилъана кIиабилеб нухалда гьейги ГIабдулвахIидги рихьидал.

Гьеб ракIалдещвеялъул хIакъалъулъ «ХIакъикъат» газеталде хъвазе пикру ккана дир, мунагьал чураяй Сидрат Мажидовалъул гьаюраб къоги тIаде щун букIун.

 

 

Дица абилаан, гьелъул росдал школалъе, Хунзахъ Культураялъул кIалгIаялъе кьезе мустахIикъаб букIинин гьелъул цIарилан. МахIачхъалаялдаги бегьилаан даим гьабизе гIумруялъго лъималазул ролал хIарай ва халкъалъул рекIелъ лъимерлъун хутIарай Сидратил цIар. Масала, щай бегьилареб гьеб кьезе цониги ясли-ахалъе? Нилъеца къимат гьабичIони нилъерго адабияталъулги, маданияталъулги, тарихалъулги, цогидаз гьабиладай?

РакIалде ккола, гьаб пикруялъул рахъкквелин театралъул коллективалъги, республикаялъул культураялъул министерствоялъги, Хунзахъ районалъул администрациялъги.