Новость на родном

«… Жалго щапаниги, нилъер щивасулъ Шамилил тIокIаб рухI хIалтIулеб буго»

  Гъоркьанкьида МахIачхъалаялда магIарулал Миллияб библиотекаялде данделъун рукIана гьанжегIагар къватIибе бачIараб «Шамил имамасул кагътал» абураб тIехьалъул бицине.   Гьенир кьун руго имамас наибзабазухъе, росабазул жамагIатазухъе, диниял церехъабазухъе, гIалимзабазухъе, хIатта къватIиса пачалихъазул нухмалъулезухъе хъварал кагъталгицин. Руго, гIаксалда, гьез имамасухъе хъварал кагъталги. Масала, ГIусманиязул империялъул султан ГIабдулмажидил, Алжиралъул миллияв БахIарчи, рагъухъан, поэт ГIабдулкъадирил, курдазул шайих МухIамал ал-Ханил...

Новость на родном

«… Жалго щапаниги, нилъер щивасулъ Шамил тIокIаб рухI хIалтIулеб буго»

  Гъоркьанкьида МахIачхъалаялда магIарулал Миллияб библиотекаялде данделъун рукIана гьанжегIагар къватIибе бачIараб «Шамил имамасул кагътал» абураб тIехьалъул бицине.   Гьенир кьун руго имамас наибзабазухъе, росабазул жамагIатазухъе, диниял церехъабазухъе, гIалимзабазухъе, хIатта къватIиса пачалихъазул нухмалъулезухъе хъварал кагъталгицин. Руго, гIаксалда, гьез имамасухъе хъварал кагъталги. Масала, ГIусманиязул империялъул султан ГIабдулмажидил, Алжиралъул миллияв БахIарчи, рагъухъан, поэт ГIабдулкъадирил, курдазул шайих МухIамал ал-Ханил...

Новость на родном

«Шамилие къимат кьуна 160 соналъ цебего»

  (Дагъистаналда динияб гуреб цIалул идараялъе тIоцебе кьуна имам Шамилил цIар)   19 ноябралда Гуманитариябгун-гIемеррахъазулаб колледжалде гIезегIан батIи-батIиял гIадамал ракIарун рукIана гьелъие имам Шамилил цIар кьеялда бан. ТIоцебе гьеб пикру ракIалде ккун буго колледжалъул учредитель Тавлу Казакбиевасда. МухIамадгIали МухIамадов ДРялъул бетIерлъун вугеб заманалда Пачалихъияб Советалда гъорлъги вукIарав, машгьурав чилъун рикIкIунаан гьев.     Цинги чанго...

Новость на родном

Нилъер мадугьалзаби: Чачан республика

  Северияб Кавказалъул федералияб округалда гьоркьобе унеб Чачан республикаялъул бакътIерхьудасан гIорхъи буго Ингушетиялъулгун, Северияб бакътIерхьудасан Северияб Осетиялъулгун, севериябгун югалъулаб рахъалдасан Дагъистаналъулгун, югалъулабгун бакътIерхьудасан гуржиязул пачалихъалъулгун.   Ракьул гIатIилъи бащалъула 16165 квадратияб километралда. Севералдаса югалдехун республикаялъул халалъи буго 170 километр, бакъбакудасан бакътIерхьудехун 100 километр. Республикаялъул тахшагьагьарлъун буго 290 азарго чияс гIумру гьабулеб Грозный шагьар.    ...

Новость на родном

Бузнаса нух: садакъаде кьураб гIарцул хIал гIолеб гьечIо

  Чанго сон буго, умумуз газа-белги хIалтIизабун, магIарухъа гIатIиракьалде бахъун букIараб Бузнаса нух цIидасан бахъизе магIарулал тIаделъаралдаса.   Гьеб бахъиялъе гIиллаги буго ХIаригабурлъухъан унеб нух хасало хIинкъи бугеб, эхедераял гIемераб букIин. Тоннелалъусан уна анцIила ункъо районалде ва гьеб нухлул гIунгутIилъунги рикIкIине ккола халатабги юк баччулел машинабазе хIинкъи бугебги букIин. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, магIарулазул жамгIиял...

Новость на родном

Чахьикье кьили биччазе бегьиларо

100-ялдасаги цIикIкIун сон тIубараб нилъер магIарул газеталъе нухмалъи гьабуна 15 редакторас ва гьанжесеб «ХIакъикъаталде» щвезегIан гьелда цIарги хисана 12 нухалда.     Ахираб 10 соналда жаниб цо министерствоялда 13 министр хисулеб хIужаялде дандеккун, узухъда, редакторзабазул къадар гIемераб гьечIо.   Гьел, МахIач Дахадаевасдасан ва Шамилил васасул яс Написатидасан байбихьун, хIакъикъаталдаги руго магIарул миллаталъул, гьелъул адабияталъул ва...

Новость на родном

Бокьараб мацIалда кIалъала гьанир

  КIиго батIияб мацI лъалеб бугони, цоялдаса цогидалде щиб бугониги буссинабизе расги захIматаб иш букIинарин абизе бегьула гьеб хIалтIиги жиндаго хъинтIичIев, гьелъул хаслъиги лъаларев чиясда.   Амма, хIакъикъаталда, гьеб буго цIакъго кIвар бугеб, таржама гьабиялъе камилаб махщел къваригIунеб хIалтIи. Ингилисгун паранг гIадинал мацIаздаса бокьараб текст гIурусалде буссинабун бажарулел гIадамал гIезегIан руго. Амма расги бигьаяб иш...

Новость на родном

«Бомбаялда» тIадги кIусун…

  Жиндирго ккараб цо лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ гьадин бицана ГIумаров АхIмад абулев чияс: «Дир гьудул Рафикица дун МахIачхъалаялъул Учхоз авалалде гьоболлъухъ ахIун вукIана. Богорокъоб квана-гьекъолаго, столалда гъоркь чIечIого хIатIазда балеб цо жоялъ дир санагIалъи хвезабун букIана. Гьеб нахъе босизе бегьуларищин гьикъидал, АхIмадица абуна: «Нижееги цIакъ бокьун буго гьеб нахъе босизе, амма къуват гIоларого буго, — ян»....

Новость на родном

Нур сунареб бакъ

Наби ГIисаев гьавуна ЦIунтIа районалъул Гьинухъ росулъ. ЛъугIизабуна ДГУялъул филологияб факультет. ХIалтIана ЦIунтIа районалъул «ЗахIматалъе рецц» абураб газеталда, Гьинухъ росдал гьоркьохъеб школалда магIарул мацIалъул учительлъун. ГьабсагIаталда вуго хIалхьиялда.   Наби ГIисаев ккола кучIдузул тIахьазул автор. ШагIирасул юбилеялде басмаялде бахъун букIана гьесул тIасарищарал асаразул кIиго том. Дагьалъ цебе басмаялде бахъана гIурус мацIалде таржама гьарурал кучIдузул кIиабилеб...

Новость на родном

Канлъи: къаси араб къад гурого бачIунаро

Ахирал соназда улкаялъул хIукуматалъ кIвар кьолеб буго росабалъ ругезул гIумру цебетIезабиялде.   Амма Шамил районалъул Къелеб мухъалда ругел Сомода, Хьонохъ, ГIурчухъ, Мусрухъ, Хьиндахъ, Ругъелда ва Ракьубгун Дагъбаш росабалъ токалъул рахъалъ расги лъикIаб хIал гьечIо. Кинха букIинеб, магIарухъ ругел санагIалъабазул бугезего бугеб токцин мех-мехалда унеб бугони. Чанго сон буго районалъул рехсарал росабалъе ток биччалеб подстанция Лъахъ...