Араб соналда 80 сон тIубана ДАССРалъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан, ДРялъул мустахIикъав учитель, Стальское росдал гимназиялъул педагог, машгьурав композитор ГIали Абакаровас. Гьев гьавуна ЦIунтIа районалъул Кидиро росулъ. Лъабго сон бараб мехалда хвана эмен. Дол захIматал соназул хIакъалъулъ гьадин ракIалдещвезабуна ГIалица: «Рагъул кьогIлъи бичIчIуларо, гьеб бихьичIев чиясда. 1942 соналда, унтизеги унтун, хвана эмен. БукIана захIматаб заман. Гьеб...

